МагъчIваялъе рес

Хасалил «сайгъатаздаса» киналго гурел роххарал


Сон байбихьарабго Дагъистаналде бараб гIазуца чанги кIвекIенал гьаруна гIадамазе. Аслияб куцалда гьелъ кьаби щвезабуна республикаялъул нухазда ва транпорталъул хьвадиялда.

ЦIияб соналъул тIоцебесеб къоялъго базе байбихьараб гIазуца Дагъистаналда гIумру гьабун ругел гIадамазе чанги тIагIамбахъиял гьарунин абизе бегьула. Мисалалъе, лъабабилеб январада хъахIилаб цIатариги гьечIого хутIун рукIана Нугъай ва Тарумовка мухъалъул ункъо росдал гIадамал.

Гьебго къоялъул маркIачIуде гьениб цIатари кьолеб мухъа къачIанилан абураб баян кьуна информалатаз. Гьединго ункъабилеб январалда балагьалда гъоркье ккун рукIана Каспий ралъдада ччугIа кколел рукIарал микьго ччугIихъан.

Лъугьа-бахъин ккун букIана Гъизляр мухъалъул Крайновка абулеб росдада аскIоб, ралъдал рагIалдаса щуго километралъ жанибегIан. Гьел киналго хвасар гьарунилан лъазабуна Республикаялъул гIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъ.

Амма аслияб куцалда гIазуца зарал гьабуна Дагъистаналъул шагьранухазе. Мисалалъе, бищунго хIинкъараб къагIидаялъ ругин гьабсагIат ЦIунтIа мухъалда ругел нухалилан бицана «Эркенлъиялъе» гьениса жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица. ЦIунтIадерил нухал гIазу-цIад балеб гьечIеб мехалъги рукIунин бищун квачIакъаб хIалалдаян абулеб буго гьес.

Гьедин араб соналда чанго, цоялдаса цоял квешал автоавариял ккун гIемерав чи гIумруялдаса ватIалъана гьезул мухъалда. ЦIияб соналда гIазу бан хадуб гьединал балагьал Аллагьасул цIобалъ жеги ккечIин, амма ккеялда хIинкъи бугилан абулеб буго МухIамад Цезица

МухIамад Цези: «Бищунго квешаб ахIвал-хIал буго Шаури-Эчеда абураб шагьранухда. Араб соналдаги I5 чи хвана гьенив. Гьелдаса квешаб къагIидаялъ бугеб нух батиларин дунялалдаян ккола дида хIисаб гьабураб мехалъ. Мухъалъул нухмалъиялъ гьеб къачIазе щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо, гIазу бараб мехалъ гьеб бацIцIад гьабизеги гIамал гьабуларо».

Гьединго лъабабилеб январалда ЦIунтIе, ЛъаратIе ва Шамил мухъалде нухал цолъулб бакIалда, нухде кьуру биххун кIудияб квал-квал ккун буго транспорталъе. Нух бацIцIад гьенибе къуватаб техника рехун, хIалтIи байбихьунилан абураб баян кьуна гьебго къоялъ республикаялъул нухазул хъулухъалъ.

Квешаб хIал бугин жидер нухаздагиян бицана «Эркенлъиялъе» Гумбет мухъалъул МелъелтIаса автомобилалда хIалтIулев ГIабдулхIамидицаги

ГIабдулхIамид: «Квал-квалал руго. ГьабсагIатги гIазу бан хадуб лъугьараб гвандиниб цо «Волга» автомобильги къан гьеб къватIибе бахъулел рукIана, кIвечIо. ХIаригабурлъухъан бугеб шагьранух къан буго, доре ун рукIана нух бацIцIад гьабизе. Гьабуниги щиб, бацIцIад гьабун нахъруссун иналде гъобго жо лъугьинабун батула гIазугун цадахъ пулеб гьороца».

ЭР: «ЦохIо транспорталъе ккараб гурони, тIокIаб квал-квал кканиш?».

ГIабдулхIамид: «Ккана, лъим унел мухъал цIорон, лъимги гьечIого хутIун руго МелъелтIа гIумру гьабун ругел чагIи. Гьел лъим унел мухъал гIазу балелдего рукIана жагъаллъун, мухъалъул нухмалъиялъ гьел къачIазе гIамал гьабичIо.

Росулъ жаниб дир рукъ бугеб бакIалде бугеб эехедерай буго цIакъ квешаб. Хасало ХIаригабрлъухъ нухги къан, сагIтал нухдаги ран росулъе щварабго, дирго рукъалъул кIалтIе бахунаро дир автомобиль, нухда цIерги къан».

ТIоцебесеб январалда бараб гIазуца нухазда цIерги къан кIудияб квал-квал буго шагьаралда жаниб хьваудулеб транспорталъеги. ГIазу баралдаса чанго къо аниги гьел рацIцIад гьаризе килиш килищида тункараб хIалтIи гьабизе ракIалдацин гьечIин нухазул хъулухъалъул хIалтIухъабаздаян абулеб буго, Каспийскалдаса МахIачхъалаяде гIадамал рачун хьвадулев ГIабдулмутIалибица.

ГIабдулмутIалиб: « Цересел соназ «Анжи базаралде рачIунаго, кьоле тIаде рахунеб бакIалде сали бан, автомобилал хьвадизе дагьабниги квегIенлъи гьабулаан. Исана я гьениб гьечIо щибниги хIалтIи гьабун, я цогидаб бакIалд гьечIо. Нухда гIурдул гIадин эхетун ГИБДД-ялъул хIалтIухъабиги руго. Гьале гIазу баралда лъабго-ункъониги къо ана, я Каспийскалда, я МахIачхъалаялда нух бацIцIад гьабулеб цониги техника дида бихьичIо».

Гьава-бакъалъул шартIазда хадуб хал кколеб хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон, цIорой Дагъистаналда халат бахъине бегьула щуабилеб январалда лъагIан.

XS
SM
MD
LG