МагъчIваялъе рес

Рузман къояз мажгитазде полицияги хьвадула... какал разе гуро...


МахIачхъалаялъул Венгриялъул рагъухъабазул цIаралда бугеб къотIноб мажгиталда аскIов полициялъ ккуна «Новое дело» газеталъул журналист Идрис Юсупов ва «Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъул Дагъистаналда вугев вакил Сиражудин Дациев. Полициялъ гьезде кIвар буссинабун буго мажгиталъуса къватIире рачIарабго.

Документазул хал гьабун хадубги полициялъ гьел риччан гьечIо ва щиб гIайиб гIунтIизабулеб бугебали бицинчIо. Кин гьеб букIарабали бицана «Эркенлъи» радиоялъе бицана МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялда вугев Идрис Юсуповас.

«Мажгиталъуса къватIире рачIарабго ниж машинаялда жанирги рекIун ралагьун чIун рукIана нижерго гьудул вачIинегIан. Гьеб мехалъ аскIосан унел рукIарал полициялъулал рачIана аскIоре, документал цIехаyа ва чIухь базе байбихьана.

Щиб ккарабин цIехедал полициялъулазул командирас абуна, нужеда жидир щаклъи бугин, нуж нухлул цояб рахъалда рукIарал полициялъулазда хадур хал кколел рукIанин.

ХIакъикъаталдаги, дора полициялъулал рукIана, амма гьел цо-кIиго минуталдаса ун рукIана дораса. Дица гьесда бихьизабуна паспорт, кьуна журналистасул документ. Лъаларо сунда гьев щаклъун вукIаравали, дир паспорт нахъе кьолеб букIинчIо ва ниж полициялде рачине патрулалъул машинаби ахIана гьес.

Жинца кинабго жоялъул хал гьабизе кколин, полициялде ине кколин бицунеб букIана. Нижеца къануналда рекъон гьездаса нугIзалги тIалаб гьаруна чIухь балелде, рилълъана полициялде. ГьабсагIаталда полициялъул хIалтIухъаби цехолдилел руго, хьул буго кинабго лъикI лъугIиялда».

Бусурбаби ккуна Хасавюрталдаги. Рузманалъул как бан хадуб полициялъ хIалбихьана мажгиталъуса къватIире рачIунел чагIи кквезе. Полициялъулаз бичIчIизабулеб букIинчIо щай кколел ругел ва щиб гIайиб гьезда бугебали. «Черновик» газеталъул баяназда рекъон, ццин бахъарал гIадамаз хIалбихьана гьезие квал-квал гьабизе.

Гьеб мехалда полициялъулал гьаваялде кьвагьдезе байбихьана. ГIемер кьвагьдана гьел ва гьелъул хIасилалда цо гIайиб гьечIев, аскIосан унев чи лъукъана. Гьедин бицанин бакIалъуласилан рехсолеб буго газеталъ.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда гьел баянал тасдикъ гьаричIо, я Хасавюрталда я МахIачхъалаялда гIадамал кколел рукIинчIилан бицана.

Рузман къоялъ как бан хадур бусурбаби кквей цебего гIадатлъун лъугьун буго Дагъистаналда. ГIага-шагарго щибаб шагьаралда руго салафиязул мажгитал ва зама-заманалда полициялъ гьенире гьужумал гьарула.

Араб соналъул ноябралда МахIачхъалаялъул Котровасул цIаралда бугеб къотIноб бугеб мажгиталдаса полициялде рачун рукIана гIага-шагарго 30-гогIан чи. ГIемерисел гьелде ругьунлъун руго ва полициялда дандечIей гьабулеб гьечIо. Амма камуларо цо-цо тунка-гIусиял ккеялъул хIужаби абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе доб мехалда полициялде вачун вукIаразул цояс.

Гьесул баяназда рекъон, полициялъ хал гьабуларо гIайиб бугищ гьечIищали, зама-заманалдаса рачIун цере ккарал, тIоцере нухда ратарал, дагьабгIаги мегеж халатал чагIи рачун уна. Цо-цо мехалъ гьелъухъцин балагьуларин.

РакIалде щвезабилин, полициялде dачун dукIана Москваялдаса «Коммерсант» газеталъул журналистцин. Григорий Туманов полициялъ виччан вукIана гьес мажгиталда рахъарал суратазул ва видеоялъул халги гьабун. Доб мехалъ гьарурал гьужумазул хIасилалдаса хадуб мажгит официалияб республикаялъул Муфтияталъул кверщаликье ун букIана, гьенив цIияв имамги хисун вукIана. Амма хадуб гьез мажгит тана, гьабсагIаталда гьеб жеги къан буго.

Юстициялъул министерлъиялъ ялъуни диваналъ гьеб къазе хIукму гьабичIониги. Щай бусурбаби кколел ругел абун цIехедал, полициялъул хIалтIухъабаз цо кIалалъ жаваб кьолеб буго, гьеб профилактика бугин, щаклъи бугел чагIи кколел ругин. Жалго салафиязул рагIабазда рекъон, гьел зулмуялъ профилактикияб сияхIалде росулел руго щаклъи бугел чагIи абун, гьелъие кинабгIаги кьучI гьечIониги.

XS
SM
MD
LG