МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда къана «Пальмираялъул» мажгит


МахIачхъалаялда буго «Пальмира» абураб мухъ. Гьанжеялдаса 10-15 соналъ цебе минаби разе лъугьараб гьеб бакIалда цо чияс киридахъ жиндирго ракь кьун букIун буго мажгит базе. Цинги гьенир мадугьалихъ ругел гIадамаз жидецаго ресги балагьун бан буго кIитIалаяб мажгит.

Амма ахираб заманалда гьелда хадуб цIакъго халкквей чIезабун бугин абурал гIарзал руго гьенире хьвадулел гIадамазул. Масала, 5 октябралъул радал мажгиталде нух щун гьечIо гьезие, маххул нуцIа регъон батиялъ. Мажгиталде хьвадулезул щаклъи буго гьеб хIалтIи низам цIунулез гьабун батиялда. Щайин абуни 1 октябралда «Пальмираялъул» мажгиталде рузманалде рачIарал киналго гIадамал МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полициялде рачун рукIун руго. Цинги гьениб цо полициялъулав хьим-хьимхьидизе лъугьун вукIанин жидеца нужер мажгит бацанилан бицана ЭР-лъе АсхIаб абулев чияс.

АсхIаб: «Сириялде унел ругила гьениса («Пальмираялъул» мажгиталдаса – ЭР) чагIи. Я, гъаринха, бокьарав чи бокьаралъуве ине бегьила, дида бугеб гIайиб щиб, щивали чи сабаблъун полициялде вехъерхъизе ккани?

Салафиязул бокьараб мажгиталде тIарикъаталъул муридасе нух къан гьечIо, рачIа абе. Гьеб дагьабги лъикI буго рачIани, ислам гьеб ккола ракълилаб дин. Биччанте киназго пикру гьабизе - салафиязул мажгиталде рачIунел тIарикъаталъулазги цогидазги. Пикру гьабулеб бугони, жо бичIчIула, инсан гьелъ ургъизе тIамула.

Дида гьез (полициялъулаз – ЭР) гьикъана мун щайила тахшагьаралъул аслияб мажгиталде унарев. Дица абуна дирги гьезулги диналда жанир ругел ричIчIиял цо гьечIилан.

Гьеб Пальмира абураб бакIалда цо гурони мажгит гьечIо. Гьеб мажгитин абизе гIураб бакIцин гьечIо гъарин. Гьенив гIумру гьабун вукIарав чияс ракьул бутIа кьун букIана гьаниб мажгит базе. Сверухъ гIумру гьабун рукIарал гIадамаз гIарацги бакIарун гьабуна гьениб как балеб рукъ. Гьенире гIадамал рачIиналъе гIилла щибила, Каспийскалдаса рахъарал рачIунел ругила гьенире чагIи, аслияб мажгиталде щайила нуж унарел абун суалал руго нижее кьолел. Суалалъул гIадаллъи бихьизе... Дун диего бокьараб мажгиталде инарищ?»

Кин букIаниги, Пальмираялъул мажгиталде хьвадулев вукIарав цониги чи унголъунги ун ватилин Сириялде вагъизеян гьикъидал, щивав чиясул рекIелъе раккун жидехъа бажарилищинхаян жаваб кьуна АсхIабица. Амма Къуръаналдаса тарараб жо жидеца гъоба бицунароанила. Гурони, низам цIунулез гьедин бигьаго жал толароанила - цIех-рехалъул тадбиралги байбихьун, туснахъ гьаризе лъугьунаанила.

«Пальмираялъул» мажгиталде рачIунел цогидал чагIаз ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда абуна къокъаб тIажу ретIаравщинав яги мегеж халалъизе биччанщинав чиясда хадуб халкквей чIезабун, гьел чIван яги туснахъ гьаризегIан, кIиябго рахъалдаса диниял рикьалабазул вакилзабиги гIодорчIезарун, кIалъа-басаял гьаризе хIадур ругила жал.

Гьединал кIалъа-басаял гьаризе лъугьун рукIана Дагъистаналда гьанжеялдаса лъабго – ункъо соналъ цере. Амма 2012 соналъул 28 августалда ЧIикIаса тIарикъаталъул устар СагIид-Афанди чIван хадур гьел кIалъа-басаял гьоркьор къотIана. Гьединлъидал цо-цоязда гьеб такъсиралъулъ бихьулеб буго салафияздагун суфиязда гьоркьоб гьабизехъин букIараб ракълие ахир лъеялъул магIнаги.

Дагъистаналда салафиязде тIадецуй гьабулеб букIиналъ, жидер гIемерисезда ракIалда бугин кватIичIого Россиялъул цогидал регионазде инеян бицана «Пальмираялъул» мажгиталдаса гIадамаз.

XS
SM
MD
LG