МагъчIваялъе рес

Дербент: руччаби мажгиталде данде


22 июлалда фейсбукалда тIибитIизабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасухъе Дербенталдаса улбуз хъвараб кагъат.

Гьадинаб буго гьеб кагътил къокъаб хIасил: «Нижеца нижерго лъимал бищун лъикIаб тарбияги кьун гIезарулел рукIана – малъулеб букIана Аллагьги вокьизе, кIудиязул хIурматги гьабизе, жидер улкаялъул къадруял гражданаллъунги рукIине. Къанун хвезабурал хIужабиги рукIинчIо гьезул, «Аэропорт абураб бакIалда бугеб мажгиталде хьвадизе лъугьинегIан. Амма хадур тIубан хиса-сверана гьел – кечI-бакъан бегьуларин, мавлидал бегьуларин, телевизоралъухъ балагьизе, бертабалъе ине хIарамаб бугилан гьукъа-къаял гьаризе лъугьана гьел. ПалхIасил, монстрал лъугьине байбихьана гьезул.

Гьале жакъа къоялда нижер лъимал нижеда аскIор хутIичIо. Цоял «Исламияб Пачалихъалъе» гIоло рагъизе ана, цогидал чIвана. Гьел кир рукъун ругелалигицин лъаларо нижеда. «Исламияб Пачалихъалъе» гIоло нижер лъималаз бичана жидерго транспорт, рукъзал, месед. Амма гьеб кинабго буголъи къваригIарал чагIи гуро ниж. Гьелдасаги кIудияб хазинаялдаса ратIалъана ниж – нижерго лъималаздаса».

Гьедин хъвалеб буго Дербенталдаса улбуз Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасухъе. Гьеб кагътида гъоркь лъун руго гьадинал фамилиялги - А. Рзаева, Ф. Рзаева, С. Умарова, К. ШихмухIамадова, Т. ХIусенова, З. ХIажиева, С. Рамазанова.

Эфиралдасан жиндирго цIар бицине разилъичIей терроралда дандечIараб комиссиялъул вакилалъ ЭР-лъе бицана унголъунги жиндихъе ячIун йикIанин ункъо чIужугIадан, цIакъ рази гьечIого рукIанила гъол, жидер васал Сириялде рагъизе унел ругилан.

Комиссиялъул вакил: «Гьел улбузе щивгунниги кIалъазе бокьун гьечIо гьабсагIат. Гьез абулеб буго жидее доре, Дагъистаналъул нухмалъулезухъе нух бахъизе къваригIун бугин, дозулгун бицинин жидеца хабар. Гьединлъидал диеги бокьун гьечIо гьабсагIаталда гьеб суалалда бан кинабгIаги баян кьезе. ЦIакъ цоцалъа бахъизе бигьаяб гуреб хIал буго гьениб. Гьединго тохлъукьего абун борчIараб рагIуца лъиениги зарал гьабилин, яги лъидениги гIайиб гIунтIизабизе рес бугин кколеб буго дида».

Дербенталдаса улбуз хъвараб доб кагътида гIайиб гIунтIизабулеб буго бицен гьабулеб мажгиталъул рукIине кколел документал гьечIилан, гьединго бицунеб буго шагьаралда жаниб гьеб мажгит букIине бегьунгутIиялъулги. Амма къануналда рекъон, мажгиталъул хъвай-хъвагIай гьабизе кколарин бицана ЭР-лъе Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул юрист МаккагIалица.

МаккагIали: «Мажгит бан бахъун бугони, тIиритIун гIодор халичабигун вагIзаби гьаризеги какал разеги байбихьизе бегьула. Къануналъ тIадаблъун гьабуларо гьелъул хъвай-хъвагIай гьабизе. Гьединлъидал хъвай-хъвагIай гьабун гьечIилан гьелъул будун-дибир тамихIалде цIазе бажаруларо. Суал лъезе бегьула батIияб куцалъ, масала, гьез гьенир экстремизмалъул магIнаялъул вагIзаби гьарулел ругилан».

ЭР-ялъухъе щварал баяназда рекъон, дол улбузда ракIалда буго кватIичIого Дербенталда Эркенлъиялъул майданалда митинг гьабизе ва жидеца дагIба балеб мажгитги къан гьениб жаниб бесдалазегун рукъзал гьечIого хутIаразе социалияб центр рагьеян тIалаб цебе лъезе.

Дербенталдаса улбузул цIаралдасан хъвараб гьеб кагътица хIасил кьелин кколеб гьечIо республикаялда цо-цо чагIазда. Щайин абуни къануналда данде кколарел вагIзаби гьарулел мажгитал ратаниги, низам цIунулез халкквей чIезабун хадуб гьез гьеб хIалтIи балъго гьабизе байбихьулила. Цинги Сириялде унел гIолилазул къадарги цIикIкIине рес бугила. Цогидазин абуни гIайиб гьабулеб буго бакIалъул нухмалъулезде. Гьездасан байбихьун тIадехун унеб ришватчилъиялъги квербакъулила гIолилазул пикру мекъаб рахъалдехун хисиялъе.

Сириялде рагъизе унел дагъистаниязул хIисаб гьабуни, бищун гIемер гьел унел руго Дербент мухъалдаса. Масала, гьеб мухъалъул Берикей росулъа дове ун вуго 40 чи.

XS
SM
MD
LG