МагъчIваялъе рес

Имамасул рагIаби руссун руго къедал риххизарулеб къуваталде


Dagestan / Urma village
Dagestan / Urma village

Дагьаб цебегIан Лаваша мухъалъул Урма росулъ гIадамаз тIаде ракIарун чанго чиясул ралел ругел ва ран лъугIарал минаби риххун руго. Росулъ балеб бугеб цIияб мажгиталда цере рукIарал бакIал риххиялъе гIиллла букIанин гьел мажгиталъул ракьалда ран рукIинин абулеб буго имамас. ГIадамаз баян гьабухъе, гьел ракьал гIадамазухъе бетIергьанлъиялде кьуралдаса 20 гIанаб сон ун буго.

Youtube сурсаталда баккараб «Имамас буюрана» абураб видеоялда сверухъ негативиял пикраби загьир гьарулел рукIана социалиял гьиназул гIахьалчагIаз. ГIадамаз минаби риххиялъе кинал гIиллаби рукIаралали баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Урма росдал дибирас. Гьесул баяназда рекъон, гIадамаз риххизарурал бакIал кколел руго хIакъикъаталдаги мажгиталъе кьураб ракьалда рарал. ТIуран ран лъугIарал минабазда квер хъвачIила, гьелги мажгиталъул ракьалда рукIаниги. Чанго нухалъ полициялъуласда лъазабун хIасил ккечIеб мехалъ, гIадамаз жидецаго чIезабунила ритIухълъийин баян гьабуна гьес.

Къурбан: « Минабиги рукIинчIо гьенир, гьенир рукIана цо-кIиго метра бугел къадал. Гьел ран рукIана мажгиталда цере. Гьел риххана, гьенирго ран минаби рукIаниги, гьезда квер хъвачIо. Рагейин гьеб бакIалда къадалилан чанго нухалъ абуна нижеца, амма гIин тIамичIо. Хадуб, гьеб бакIалда хIакъиъкиял гурел документал гьарулел рати лъайдал гIадамазул ццим бахъана. Ункъо- щуго чи вуго гьенив , гIадамазда данде рахъарал,гьез гьеб бакI гуребги, 30-40 гектар бугеб хIарималъул бакIал ккун руго жидеего. Нижеца щибго къануналда данде кколареб жо гьабуларо. Нижеца гьел къадал рай чIезари тIалаб гьабун, кагъат Лавашабе хъван гурого чIезецин гьабичIо гьеб. Хадуб цинги гIадамазул ццим бахъана».

2011 соналъ Урма росулъ рагьун буго кIудияб мадраса, гьеб бугеб бакIалда балеб буго гьеб мажгитги. КиналгIаги документал, гьеб ракьул бетIергьанлъи бихьизарурел жидехъ ругилан лъазабуна имамас.

РосдатIе къватIибе гIакIа ахIанин мажгиталдасан имамас, киналго рахъун гьел бакIал риххизаризе рилълъайилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе бакIалъул гIадамаз.

Гьезие бокьичIо жидер цIар рехсезе. Гьел чагIазул бакIал риххизе гьитIинал-кIудиял ракIарейин лъазабунила. Цоязул рихханила, цогиязул риххичIогон хутIанила. Гьеб биххулел чагIи рукIанила аслияб куцалъ школлъимал. Рузман къоялъ къокъ гьарун дарсалгун риччалила лъимал рузман базе.

Аслияб куцалъ лъимал тIаде лъугьун, ричанила къадал, чангоязе сакъатлъиги кканила. Гьеб бакIалда аскIовго чIун вукIанила росдал бегавул. Гьес щибго жо гьабичIила гIадамал чIезаризе. Ахиралда, мухъалдаса полициялъулал рачIун, гьез гьаваялде кьвагьун гурого гIодоцинчIида гIадамал.

Росулъ къанунал хIалтIулел гьечIн абулеб буго гIадамаз. Росдал администрациялъул бетIерас къануналда рекъон тIубазе кколаанила гьеб суал.

«РетIел хисизе рокъоре унгейила нужилан ахIана дибирас, гьедин рачун ана лъималги чIахIиялги», - йилан абулеб буго Урма росулъа ПатIиматица.

Росулъ кинабниги бугила анкьго мажгит. ГьабсагIат цойги мажгит тIаде базе хIажалъи букIинчIила, щайин абуни гIицIго кIудияб мажгиталде гурого гIадамал хьвадунгутIиялъ. Гьел къадал ралаго 150 -200 азарго гъурущ харж гьабун букIанин жидерин абулеб буго зарал ккарал гIадамаз. Гьезие бокьичIо баянал кьезе, амма къануназда рекъон ритIухълъи жидер рахъалда бугин ва гьеб тIалаб гьабизе бугин лъазабуна. Масала, цо биххараб бакIалъул бетIергьан кколев вуго гIумруялъ колхозалда хIалтIарав чи.

Ахиралда, хIукумат биххаралдаса кьезе мухь букIинчIого, колхозалъул председатедас мухьалъул бакIалда кьураб ракь букIанила гьеб, 10-15 соналъго цебе. Амма гьезул «Зеленка» абулеб документ гьечIила. Кколеб хIалалъ ракьул бетIергьанлъи бихьизабулеб гьечIолъиялъул гIайиб росдал ва мухъалъул тIалъиялда бугин абулеб буго гIадамаз.

Гьединго, гIадамазул рази гьечIолъи бугин росулъ хвел ккедал, мискинав вукIа, бечедав вукIа хварав чи, батIалъи гьечIого мажгиталъул чагIаз хварасул гьоркьоб тараб как ва кквечIогон хутIараб кIал букIунин абун гIарац унеб букIиналдаса , мажгиталъейилан абун хварасул гIагаразухъа.

XS
SM
MD
LG