МагъчIваялъе рес

Мажгитги килисаги цо майданалда


МахIачхъала. Аслияб майдан.
МахIачхъала. Аслияб майдан.

МахIачхъалаялъул аслияб майданалда бухъа-хъваял гьаризе байбихьун руго. Гьенир хIалтIулел чагIаз жидецаго бицухъе, мажгитги килисаги балеб буго гьениб. Гьеб ккола Дагъистаналъул нухмалъиялъул минаялдаги «Ростелеком» абураб минаялдаги гьоркьоб бугеб бакI.

Аслияб майданалда мажгитги килисаги щай базе бегьуларебин суал лъун букIана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас исана апрелалъул ахиралда тIобитIараб ЖамгIияб палатаялъул данделъиялда.

ГьабсагIаталда республикаялъул нухмалъиялъул мина бугеб бакIалда гIурусазул килиса букIанин абула тарихчагIаз. Гьеб ракIалде щвезабуна теологиялъул институталъул мугIалим Шамил МухIидиновасги. Цинги тIаде жубана мажгитги килисаги базе бегьулищ майданалдаян абураб суал гьечIин гьениб, унголъунги хIажат бугищ гьеб абураб суал бугин.

Шамил МухIидинов: «Аллагьасе гIоло гьабулеб бугони, гьабизе ккола, реццалъе гIоло гьабулеб бугони, бусурбабазда ращад гьарунин христианалгиян абизе бокьун батани, гьабизе кколаро. Гьел раялдаги ралеб бакIалдаги абизе жо гьечIо.

Гьанже мажгитал кирго ралел руго. Гьезул зарал гьечIо. Амма Дагъистаналда гIурусазул килисаби раялъулъ хIажалъи бугищин абураб суал бачIунеб буго, щайин абуни гьанир гьел христианал гьедигIан гIемер хутIун гьечIелъул. Цересел суратазда бихьула республикаялъул тIалъи бугеб бакIалда гIурусазул килиса букIараблъи.

Гьединго диниябин дунялиябин рикьалаби гьаризе бегьула цо-цояз. Амма дун гьелда рази гьечIо. Диналда божулев чиясе дунялго динияб букIуна. Божуларев чияс дунялалъул гурони пикру гьабуларо».

Амма гьеб хабаралъ гIадамазда гьоркьор батIи-батIиял пикраби рижизаризе ругин рикIкIуна жамгIияб палатаялъул вакил Шамил Хадулаевас.

Шамил Хадулаев: ««Цояз абизе буго тьпу-тьпу Маша Аллагьин, цогидалин абуни релъанхъизе руго. Щайгурелъул гIадамазул цо къадаралъул гьеб бакIалдехун,ай республикаялъул нухмалъиялъул минаялдехун, рокьукъаб бербалагьи бугелъул.

Гьенир жанир пачалихъалъул гIарац кваналел, гIицIго жидерго чохьол гурони, халкъалъул ургъел бугел чагIи хIалтIуларин абураб пикру буго гьезул. Гьанжеги абизе буго, гьалейин мажгит балеб бугилан, батанищинаб гIарац бикъизе бугин гьез.

Гьеб гIарац харж гьабизе бегьулел гIезегIан бакIал руго республикаялда. Масала, дараби росизе гIарац гьечIого руго гIадамал. Гьале нижеца, ЖамгIияб палатаялъ, гьал къоязда гьоркьоб лъезе буго гьеб суал. Гьединлъидал, дида ккола мажгит бачIониги бегьилин, гIицIго как базе цониги рукъги балагьун гьенир жанир каки чуризеги, базеги шартIал чIезаруниян».

МахIачхъалаялъул аслияб майданалда мажгитги килисаги баялъул магIна бугин республикаялъул нухмалъиялда хIалтIулел чагIи какал разе гьенире хьвадиян абуна ЭР-лъе тIалъиялдаса чияс.

Гьедин батани, ращалъи чIезабизе, жугьутIазул синагогаги базе кколинха, балеб батичIони, Дагъистаналъул нухмалъиялда жугьутIал хIалтIулел гьечIин абураб магIна батилин гьелъулин махсара гьабула цо-цояз.

XS
SM
MD
LG