МагъчIваялъе рес

«ЧIегIераб сияхIалъул» асирлъуда


Лаваша мухъалъул Хважалмахьи росулъ щалали лъаларел чагIаз хIадур гьабураб «чIегIераб сияхIалда» рекъон гьал къоязда гьенив чIван вуго лъабго чи. МухIкан гьаричIел баяназда рекъон гьеб сияхIалде» росун руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун гьоркьоблъи букIиналда щаклъи бугел чагIи.

Лаваша мухъалъул полициялъ абулеб буго жидеда гьел «чIегIераб сияхIалде» росарал чагIазул щибниги рагIун букIинчIилан, амма жалго Хважалмахьиялда гIумру гьабун ругез гьеб баян уяб букIин тасдикъ гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе.

Жиндир цIар бицине разилъичIев чияс бицухъе кинабго байбихьун буго кIиго анкьалъ цебе, рузаманалда жамагIат бакIарун букIаго росулъ ругел салафиязда лъазабун буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун жидер бухьен бугел чагIаз росо тезе кколилан. Гьелдаса хадув марталъул 25-б къоялъ чIван вуго гьенив Мажидов ГIабдулмажид. Гьесдасаги цере чIван руго ГIумаровал абурал хъизамалдаса эменги васги.

Росуцояз бицунелда рекъон гьел вукIун руго салафиязул рахъкколев чагIи. Амма изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун гьезул бухьен букIарабиш букинчIебищали лъиданиги лъалеб гьечIо, гьединго лъалеб гьечIо гьеб «чIегIераб сиях»I лъица хIадурарабали. Информ алатаз тIибитIизабураб хабаралда рекъон гьеб чIегIераб сияхIалда гьоркьоре унезул къадар рагIула 33 чи, амма росулъ гьабсагIат гьединазул къадар жеги цIикIкIун бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Хважалмахьиялдаса ХIабибулаев МухIамадрасулица. Гьезул гIемерисел цоял росу тун къватIир, цогидалин абуни рохьахъ ругилан бицана гьес.

ХIабибулаев МухIамадрасул: «ЖамагIаталъул данделъиялда вукIарав кIиазарго чияс къуръаналда кверги лъун лъазабуна гьез жидерго хъубал пишаби течIони эбел-яц батIа гьаричIого лъугIизаризе ругилан».

ЭР: Гьединаб лъазаби гьабизе щиб гIиллаялъин жамагIат тIамураб?

ХIабибулаев МухIамадрасул: «Гьезги чIвараллъидалха расги гIайиб гьечIел чагIи, гIемерав чи чIвана гьезги, дида лъаларо щиб гIиллаялдалъун гьез гьел чIваралали».

ЭР: Кида гьел чIварал, араб соналъиш яги исанайиш?

ХIабибулаев МухIамадрасул: «Араб соналъги чIвана исанаги чIвана, цояз абулеб буго гIарац сабаблъунилан, цогияз батIияб бицуна, лъаларо».

ЧIегIераб сияхIалде росарал чагIазда гьоркьор анцIгониги чи жиндир гIагарал чагIиги ругилан бицана МухIамадрасулица, амма гьелъ гьедигIанго рахIат хвезабун гьечIоан гьесул.

ХIабибулаев МухIамадрасул: «Дир цебесеб гIагарлъиги буго гьезда гьоркьор, рукIаян абеха, лъицаниги хIал гьабун ритIичIо гури гьел дозда гьоркьоре».
МухIамадрасулица бицухъе Хважалмархьуда ругел салафиялъулаз сордойил тIоритIулел руго мажгиталъур данделъаби, амма жив цониги гьеб данделъиялдаги вукIинчIин жинде гьеб хIажатаб жоги гьечIилан абуна гьес.
ХважалмархьутIа гьабсагIат рагIула кинабниги 15 мажгит, рузманалде киналго рачIунел руго аслияб мажгиталде, салафиял жалго гурони рачIунареб гьезул хасаб мажгит бугищан гьикъидал МухIамадрасулица абуна гьечIилан.
Ахирисел чIвай-хъвеязда хадур рохьоре ун рукIаразул жиб-жиб къоялъ щу-щу чи нахъвуссун вачIине байбихьаниланги бицана гьес.

Хважал мархьуда гьал къоязда тIиритIизабураб гIадаб «чIегIераб сияхI» 2009 соналъ баккун букIана МахIачхъалаялдаги. Изну гьечIого яргъил гIуцIаразулгун гьоркьоблъи бугел чагIиянги абун гьеб сияхIалда рукIана журналисталги инсансул ихтиярал цIунулели , жамгIиял хIаракатчагIиги кинавниги 250 чи.

ЧIегIераб сияхI гIуцIаралдаса араб ункъо соналда жаниб гIужие восарав чиясул гIумруялдаса арав чи ккана гIицIго «Черновик» газета гIуцIарав ХIажимурад Камалов.Гьев чIвана 2011 соналъул 15 декабралда. СияхIалда гьоркьов вукIарав жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас гьеб хIужаялда тIасан цIех рех гьабиялъул мурадалда гIарза хъван букIана цIех-рехалъул комитеталде гьеб, амма гьелъул хIасил ккечIилан бицана гьес Эркенлъи Радиоялъе

ГIисалмухIамад Набиев: «ЦIех-рехалъул идара хIалтIизе тIамиялъул мурад гурони батIияб пикру букIинчIо дир, хIалтIи гьабизе тIамизе ресги букIаго щайилан тезе кколел абун вукIана. Амма зодоса гIодове вахIю рештIаниги хисуларо гьел. Гьединлъидал чIалгIана дидаги гьезда хадув чIун».

Хважал мархьуда ккараб хIужаялда тIасан баян кьолаго ЦIех-рехалъул комитеталъул дагъистаналда бугеб бутIаялъ абулеб буго чIвай-хъвей гьабиялда щаклъи букIун щивниги чи гьечIин гьезул хIисабалде восарав. Гьезул пикруялда рекъон гьеб буго гIарац сабаблъун гьабураб такъсир, рукIине бегьула цогидал гIиллабиги.
XS
SM
MD
LG