МагъчIваялъе рес

А. Малашенко: "ТIадецуялъ дандечIей бижинабула"


Пачалихъалъ исламалда жанир лъугьарал рикьалабазде тIадецуй гьабизе лъугьиналъ лъикI хIасил кьоларин абураб пикру загьир гьабулеб буго «Кавказский узел» сайталъе Москваялъул Карнегил централъул вакил Алексей Малашенкоца.

Гьел рикьалабазда цIарги батIа-батIайисан абизе бегьулила – вагьабиялин, салафиялин, фундаменталисталин, жигьадисталин, исламисталин. Щал ратаниги, гьел кколила исламалъул позициялъул чагIи. Гьеб позиция кидаго букIанила, букIинеги бугила, щибниги квешлъиги гьелдаса гьечIила. Амма гьезда тIадецуй гьабун, гьел жамгIияталдаса нахъе гъезе лъгуьани, иш квешаб рахъалде ине бугила. Гьединго Малашенкоца абулеб буго салафизм тIагIинабун бажаруларин, киналго жанир тIамунги бадаруларин. Аммма гьезда данде къеркьечIогоги жо кколарин. Щайин абуни низам цIунулез тIалъиялда бихьизабизе кколин жал хIалтIулел рукIин. Гьединго гьел рикьалабазул чагIазеги къваригIун букIунила жалго рукIинги, жал тIагIинарун бажарулареблъи бихьизабизеги.

Жинца Малашенкол рахъ кколин абуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабулев Мурад ГIабдулаевас. Щайин абуни, кодоб ярагъги ккун рагъулел чагIиги гIадатиял салафиялги батIи-батIиял чагIи ругила. Масала, рагъулезул рахъкколарел салафиял гIезегIан ругила МахIачхъалаялда.

Мурад ГIабдулаев: «ХIукуматалъул чагIаз байбихьулеб буго мегеж сабаблъун, мажгит сабаблъун рехъерхъизе. Гьеб мехалда гIадамазул ццим бахъуна хIукуматалда. Цинги гьедин жинда ццим бахъарал чагIи къватIире тункула хIукуматалъ. Гьеб мехалда гьел чагIи жидедехунго цIазе рохьор ругезеги бигьалъула. Гьеб буго гьелъул квешаб рахъ. ТIадежоялъе, гIемер чи вуго экстремист хIисабалда сияхIалде восарав (низам цIунулез гIуцIараб хасаб сияхI – ЭР). Гьенив вугев чи чIезавула жиб-жиб посталда.

Батанщинаб мех бала гьес гьениб. Къойида жанив лъабцIул вачарав чиги вукIуна. ЦохIониги чияс гьелъул тIалабги гьабуларо. Посталде рачун гьенир жидер хал гьабунин, килщазул сурат бахъанин хъвараб кагъатги кодобе кьоларо. Гьелъ гIадан тункула къватIиве – Шамалдеги, рохьовеги… Гьеб жо буго хIукуматалъул чагIазул гъалатI. Киназдехунго букIине ккола ращалъи – салафияв вата, коммунист вата – киназдехунго ритIухълъи чIезабизе ккола».

Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул официалияв вакил МухIамадрасул ГIумаровас ЭР-ялъе загьир гьабулеб буго Малашенколалдасаги ГIабдулаевасулалдасаги батIияб пикру.

МухIамадрасул ГIумаров: «ХIукуматалъ диналда щибниги абулеб гьечIо, гьеб диналда гьоркьобе къалебги гьечIо. Гьеб гьоркьобе къалеб буго диналъул багьанаги батун, чияс ярагъ кодобе босидал. Массала, КIудияб мажгиталде рачIунел чагIи руго батIи-батIиял – мугжул ругелги гьчеIелги. Амма гьезда щайха щибниги абулареб? Гурони, цогидазда кIалъалел ратилаха гьезда гьоркьор боевикал ругин, гьел рохьоре ун ругин абун щаклъиги ккун. ХIукуматалъул жиндирго къагIидабги ругоха. Гьез гьеб нилъеда гьикъун гьабуларо. Гьедин балагьани, Халкъияб Мажлисалъул залги сверун ккун, габурги ккун вачун ана гурищ цо депутат. Гьединлъидал хIукумат аскIобе къалеб буго жидеда лъан такъсир гьабурав чиясе тамихI гьабизелъун.

Дин гьадин гьабе, додин гьабеян абулеб гьчеIо нилъеда хIукуматалъ. Салафиялги вагьабиялги абулел чагIи жакъа такъсир гьабулел чагIазда гъорлъ гIемерлъун ругеб къагIидаха. Гьелъ гъоб тIири киназего щолеб бугоха. Масала, доба «Шарли Эбдоялда» данде гьабураб теракталъ тIубан исламалде рагIад рехизабурабго гIадин, цо салафияс гьабураб жо тIубанго салафиязде рехулеб бугоха. Гьелъул баракат гьечIолъи жидеего коклеб бугоха гьелъул».

Алексей Малашенкоца жеги абулеб буго ислам букIунин батIи-батIияб, гьеб гьабулеб къагIидаги бугин батIи-батIияб. Шималияб Кавказ кколин Россиялъул цо бутIа гуребги, исламияб дунялалъул цо бутIаги.

Гьеб ислам батIи-батIияб букIунин абураб Малашенкол пикруялда тIад рекъезе кIолеб гьечIо МухIамарасул ГIумаровасда.

МухIамадрасул ГIумаров: «Исламалда бичIчIи буго батIи-батIияб. Ункъо мазгьаб буго, гьелда жаниб буго исламги. Малашенкоца бицунеб жоги буго гьадингосеб чIанчIур. Ислам батIи-батIияб букIунаро. Гьеб ункъабго мазгьабин абураб жо ккола нилъер школаги, лицейги, гимназияги гIадинал жал. Цо бакIалда цо рахъалде тIаде кIвар кьун букIуна, цогидалда – цогидаб рахъалде. Гьедин ункъо батIияб нух буго исламалда бихьизабулеб – цо Аллагьасде рачунел нухал руго гьел. Гьеб мехалда ислам къабул гьабулев чиясдаги абула калиматул тавхIид къабул гьабулев чийилан.

Аллагь къабул гьавулев чи вуго гьев, гьев чи бусурманчиги ккола. Гурони исламалда тIадецуй гьабулеб бугилан гIакъилал жал рицине лъугьине кколаро. Такъсир гьабун батани, гьев чиясе хIукуматалъ тамихI гьабулеб буго. Жакъа хъван бихьана прокуратураялъ тIатинабунила экстремизмалъул ахIиял гьарулеб нусгогIан сайт. Гьелеха, гьеб буго гъол чагIаз жидерго идеология тIибитIизабизе пайда босулел рукIарал ресал. ХIукуматалда дандечIун жо кколаро.

Гьелъул хIасилги кколаро. Россиялъги телищха, толаро. Жакъа хIукуматги къуватаб буго. Щиб бицаниги, къануналги руго. Нилъер мурад буго бажарараб хIалалъ гьезда ва шаригIаталда рекъон рукIин. ТIокIаб батIияб мурад нилъер гьечIо».

Гьеб киналдаго цадахъ Дагъистаналда салафиязул мода лъугIулеб бугин рикIкIунеб буго бакIалъул гIадамазул цо къокъаялъ. Гьелъие гIиллалъун кканила ахираб заманалда республикаялда «Имарат Кавказалъул» нухмалъиялда вукIарав ГIалиасхIаб Кебековги, Дагъистаналъул гIодоблъиялдехун ругел мухъазда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул нухмалъиялда вукIарав, гьединго «Исламияб пачалихъалъе» гьа барав АрслангIали Камбулатов гIадал церехъаби чIвай. Цо заманалда гIолилазда берцин рихьизе лъугьун рукIанила гьезул ретIа-къайги, рукIа-рахъинги.

XS
SM
MD
LG