МагъчIваялъе рес

8000 чи вакIарун вукIана нахъеги Хасавюрталда


Араб рузман къоялъ, Хасавюрталъул салафиязул мажгиталде 8 000 цIикIкIу чи вакIарана. Гьелъие гIиллалъун ккана цебеккун Дагъистаналда чанго салафиязул мажгит къай. Гьанже лъагIан руцIун чIолел рукIун ратани, гьанжеялдаса жал руцIун чIезе гьечIин мажгитал къалеб ва тIадецуй гьабулеб заманалдайин лъазабуна ракIарараз. Дагъистаналъул жамгIият гьабсагIат хадубккун щиб ккелебалъи абизе кIолареб хIалалда бугин рикIкIунеб буго эксперталъ.

2016 сон байбихьаралдаса салафиязул мажгитазда сверухъ ахIвал-хIал хIалуцана, къана чанго мажгит. Ахирияб гьединаб лъугьа-бахъин, Хасавюрт шагьаралда бугеб «Северная» мажгит къай, кканин гIадамазе гIорхъолъа ин. Гьел къватIире рахъанин ва бихьизабунин, салафиязул жамагIатгунги рикIкIине кколеблъийин абулеб буго жамгIияй хIаракатчIужу, Гайдарил цIаралда бугеб институталъул вакил Ирина Стародубровскаялъ.

Араб рузман къоялъ Хасавюрт шагьаралда тIолго Дагъистаналдаса салафиял ракIарун, рузманалдаса хадуб салафиязул жамагIаталъул церехъабаз гьоркьор лъун руго суалал, кин хадубккун жамагIаталъ жамагIаталде тIадецуй гьабиялда ва мажгитал къаязда данде хIалтIи гьабилебали.

Данделъи тIобитIулеб «Восточная» мажгиталда бакIал гIечIогон, гIадамал мажгиталда сверухъ ругел къватIаздаги рукIун руго. Цебеккун, социалиял гьиназдаса тIибитIизабун букIана лъазаби, гьеб мажгиталде ракIарейилан. Мажгиталде хьвадулезул цояв, Ризван Ризвановас баян гьабухъе, рагъулал рукIун руго гьеб къоялъ шагьаралда цIакъ гIемер, амма гьенире ракIараразе гьезул щибго квал-квал букIун гьечIо.

«Восточная» мажгиталъул имам МухIаммад Набица ракIараразда лъазабуна, гIадамал ракIариялъе гIиллалъун ккканин, сверухъ лъугьунеб бугелда бан щивасда бичIчIизабизе хIажат ккей, битIараб позиция кинаб букIинеб кколебали, гьединаб ахIвал-хIал бугеб заманалда.

Цебеккун, гIадамазде тIадецуй гьаби, хIинкъаби кьей ва профилактикаялъул сияхIазде гIадамал роси берал къанщун толеб букIанин, амма гьанже байбихьун ругин цо-цоккун мажгитал къазе, мажгитал къалеб заманалда берал къанщун рукIине бегьуларин лъазабуна ракIараразда МухIаммад Набица.Гьебго заманалда, бусурбаби ратIа гьариги мекъаб бугин, бусурбаби цолъун, цо рахъалда рукIине кколин тIаде жубана кIалъаялда имамас.

Дагъистаналда мажгитал къаялъ ахIвал хIал хадубккун щиб букIинебали абизе кIолареб хIалалде бачунин рикIкIунеб буго экспертазги. Цо-цояз абулила, гьел къай терроризмалде данде къеркьеялъул цо тайпа бугин, амма салафиязул мажгитал къаялъ Дагъистаналда терроризмалде данде къеркьеялъе кумек гуреб, квекIен гьабулин баян гьабуна Гайдарил цIаралда бугеб институталъул вакил, жамгIияй хIаракатчIужу Ирина Стародубровскаялъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон, Котрова къватIалда мажгит къаялдаса бахъун хал гьабидал, бихьулеб буго, гражданияб жамгIияталда жаниб ричIчIунгутIиял тIагIинариялъул механизмал гьечIолъи. Церехъаби ва идараялги рихьулел гьечIила, ахIвал-хIал хисизабун бажарулел.

Ирина Стародубровская: «Гьаниб абулеб буго, мажгитал къаялъе гIилла бугин гьениса гIадамал Сириялде ва ИГИЛалде ин. Ама мажгитал къаялъ иш лъикIаб рахъалде яги квешаб рахъалдейищин хисилебин абуни, гьеб квешаб рахъалде хисизе буго. Гьел имамаз гуро гьел Сириялде иналде ахIулел.Имамал жанир тIамунин, гьел гIолилал гьусулел гIадамал кирего тIагIунарелъул. Амма мажгит къан букIаго, гьел кантIизаризе чагIи рукIине гьечIо».

ГIаммаб куцалда абуни, гьеб рузман къоялъ букIараб данделъиялъул аслияб пикру букIанин жамагIат цолъиялде ахIийин баян гьабуна мажгиталде хьвадулев Ризван Ризвановасги.

Араб анкьалда къан букIараб «Северная» мажгит рагьун бугин, цебе гIадин хIалтIулебги бугин баян гьабуна гьес. МахIачхъалаялда бугеб Надирия мажгит гьединго хIалтIулеб бугин, гьениве бокьарав чи унин, амма гIицIго жанире унаго паспорт бихьизе кколин бицана «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар рехсезе бокьичIес.

XS
SM
MD
LG