МагъчIваялъе рес

ЖамагIатаз диваналъул кумекалдалъун рахъизехъин руго ракьал рагъулазухъа


Халимбекаулалда аскIобеххун бугеб рагъулазул полигон
Халимбекаулалда аскIобеххун бугеб рагъулазул полигон

Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялдагун Дагъистаналъул батIи-батIиял росабазул жамагIатазда гьоркьоб ракьал сабаблъун дагIба ва чанго диваналъул процесс унеб буго. ЖамагIатаз тIалаб гьарулел руго рагъулаб идараялъ жидедаса арал ракьал.

Гьел гIемерисеб мехалъ къанунги хвезабун щун руго министерлъиялъул кверщаликье. Буйнакск мухъалъул Халимбекаул росдал жамагIаталъ анцIго соналъ халатбахъараб кьеркьеялъул хIасилалда диваналдаги бергьун нахъе тIалаб гьабун буго ракь. Амма рагъухъаби гьеб эркен гьабизе гIедегIулел гьечIо.

Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъулгун ракь сабаблъун дагIба унеб буго чанго жамагIаталъул. Гьезда гъорлъ рикIкIине бегьула Болъихъ мухъ, Хъумторхъала мухъ ва Буйнакск шагьар. Амма бищунго халатбахъараб, диваналъул процессаздалъул бечедаб дандечIей букIана Буйнакск мухъалъул Халимбекаул росдал жамагIаталъул. Гьал къоязда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ улка цIуниялъул министерлъиялъе нахъойги рес кьуна цIидасан диваналъул процесс халатбахъизе, ахирисеб диваналъ хIукму къотIун лъагIалидаса цIикIкIун заман аниги. 2014 соналъул ноябралда Буйнакск мухъалъул диваналъ чIезабуна, ракьул бетIергьаби росдал жамагIат бугин, ва гьеб рагъулаб идараялъухъе кьеялдалъун районалъул администрациялъ къанун хвезабун бугин. Амма рагъухъабаз гьеб хIукму гIумруялде бахъинабизе инкар гьабуна.

МухIканго бицинин, дагIба балеб ракьул хIакъалъулъ. 2004 соналдаса нахъе Буйнакскиялда бугеб рагъулаб бутIаялъул вакилзабаз ва Шималияб Кавказалъул рагъулаб округалъул нухмалъулез республикаялъул нухмалъиялдаса гьарулеб букIана Халимбекаул росдада аскIоб бугеб ракьул бутIа рагъулаб полигон гьабизе. Кагътал хъвана доб мехалъ вукIарав республикаялъул бетIер МухIамадов МухIамадгIалихъе, Министразул кабинеталъул нухмалъулев ГIалиев Атайихъе ва Зайналов Шамилихъе.

Амма республикаялъул нухмалъиялъ жаваб кьуна, рехсараб ракьул бутIа росдал жамагIаталда хадуб щула гьабун бугин, гьелда бащдаб ракь, ялъуни гIарац кьуни гьеб суал роцIцIине бегьулин. Амма республикаялъул нухмалъиялъ гьабизе кIвечIеб гьабуна районалъул нухмалъиялъ. Доб мехалъ районалъул бетIерлъун вукIарав БатIал БатIаловасул хIукмуялда рекъон, аскариязе кьуна 1500 гектар ракьул, гьелда гъорлъ 672 гектар Халимбекаул росдалги. ХIукмуялда хъван букIана ракьухъ гIарац кьезе кколин.

Экспертизаялъ чIезабуна, ракьул базаралъулаб багьа бугин 492 млн гъуруш. Амма гIарац кьезе улка цIуниялъул министерлъи гIедегIулеб букIинчIо. Хадуб дагIба байбихьана Арбитражнияб дивналда. ГIаммаб къагIидаялъ къотIана 15 диваналъул хIукму: Ростовалда, Ставрополалда, Ессентукиялда, Дагъистаналда. Амма гIарац щвечIо. Гьелда тIадеги, Дагъистаналъул Кадастровияб палатаялъ гьеб аскариязда хадуб щула гьабураб документ кьуна.

Халатбахъарал диваналъул процессазе ахир лъун букIана тIадехун рехсараб Буйнакск мухъалъул диваналъ ва ракь росдал жамагIаталъухъе кьун букIана. Добго Кадастровияб палатаялъги ракь гьезда хадуб щула гьабун букIана. Амма дагIба цIидасан унеб буго ва добго къагIидаялъ халатбахъизе бугилан рикIкIунеб буго росдал жамагIаталъул вакилзабаз. Ракьул бутIа аскариязухъе кьолаго районалъул администрациялъ ракьул категорияги хисизабун буго. Гьебги республикаялъул хIукуматалъ гурони хисизабизе бегьуларо Ракьул кодексалда рекъон абун хъвалеб буго диваналъул хIукмуялда.

Нахъойги рагъулаб идараялъ диваналъул хIукму тIубазабичIони ялъуни гIарац кьечIони жидеца гьенире нухал къазе руго, митингазде рахъизе ругилан хъвалеб буго гьез Россиялъул Президентасухъе хъвалеб кагътида.

Цебеккун гьелдаго релълъараб дагIба букIана улка цIуниялъул министерлъиялъулгун Болъихъ росдал жамагIаталъулги. Доб мехалъ росдал депутатлъун вукIарав ХIасанхIажиев Муртузил рагIабазда рекъон, мухъалъул администрациялъ жамагIаталъул ракь кьун букIана къанунги хвезабун аскариязе рагъулаб база гьабизе.

ХIасанхIажиев Муртуз: «Ракь букIана росдал администрациялда хадуб щула гьабураб. Аскарияз кинабгIаги документги гьечIого гьениб жидерго рагъулаб бутIа базе байбихьана. Нижер росдал депутатал ана доб мехалъ ХIукуматалъул председательлъун вукIарав Хизри Шихсаидовасухъе. Дос абуна, нужер ихтияр гьечIого ракьуда хъвазе ихтияр гьечIин лъилниги. Амма кин бугониги рагъухъабаз бакIал рай гьоркьоб къотIизе течIо. Диваналъул процесс унеб букIана микьго моцIалъ, кин бугониги гьелъул жо ккечIо. Пачалихъалъ хадур документалги гьарун гьел ракьал жидеего ана».

ДагIба унеб буго Хъумторхъала мухъалдаги. Гьениб мухъалъул жамагIаталъ тIалаб гьарулел руго цебеккун рагъулаб аэродромалъул рукIарал ракьал. ГьабсагIаталда гьел хIалтIизарулел гьечIо рагъулаб идараялъ ва гьединал ракьал муниципалитетазухъе кьезе кколин абураб хIукму бугониги, ракьал гьезухъ хутIулел руго.

XS
SM
MD
LG