МагъчIваялъе рес

Шагьар хвасар гьабулеб лъабго хIукму


МахIачхъала, ипподром
МахIачхъала, ипподром

Ахираб кIиго соналда жанир тIиритIана жакъасеб МахIачхъалаялъул ипподром бугеб бакIги нахъе бахъизабун, гьебго МахIачхъалагун Каспийск шагьаразда гьоркьоб базе бугин "Порт-Петровск" абураб цIияб шагьар абурал харбал.

Киназдаго рагIун батила араб анцIгогIан соналда жаниб бицунеб МахIачхъалаялда ва Каспийск шагьаразда гьоркьоб базе проекталда букIараб шагьар-спутник "Лазурный берег". Гьеб букIана цеве вукIарав мэр Саид Амировасул проект. Амма нилъеда лъалел лъугьа-бахъиназдалъун Амировги жанив ун проект хутIана кагътидаго. Амиров аралдаса гьелъул тIалаб гьабулев чиги вахъичIо, вахъаниги гьесул цIаралда хурхараб проекталъул рахъ кколев чи тIалъиялда ватинги щакаб жо буго.

Ахираб кIиго соналда жанир тIиритIана харбал жакъасеб МахIачхъалаялъул ипподром бугеб бакIги нахъе бахъизабун, гьебго МахIачхъалагун Каспийск шагьаразда гьоркьоб базе бугин "Порт-Петровск" абураб цIияб шагьар абурал. Гьеб проекталъул дагьаб цебегIан къватIиса ва жаниса бакIал раялъул махщелчагIи, инвестораллъун рукIине рес бугел чагIиги ахIун республикаялъул бетIерас презентация гIадаб жо гьабуна. Гьелъул магIна ккола пачалихъалъ нужее ракьги эркен гьабун, инфрастуктураги гIуцIун хIадурарал площадкаби кьезе ругин нужеего ричизе рукъзал разе абураб. Гьеб буго республикаялъул бюджеталде магъалабаздалъун гIарац бачIине гIуцIулел шартIал.

Гьелдаго цадахъ гьал къоязда бачIана хабар Амировасул букIараб "Лазурный берег" гIуцIиялъул управляющая компаниялъ жидер ракьал ричулел ругин абурабги. Гьез эркен гьабулеб буго 9,2 азарго квадараталъул метра ракьул 101 миллион гъурущалде. Гьел ракьал хIадурлъун рукIана гIемер тIалаязулал минаби разе. Гьелъул магIна ккола гъоркь рукIараз цIиязе бакI кьолеб бугин абураб гIадаб жо. Щибха кьезе бугеб гьалъ республикаялъе? ГIицIго магъалаби? Дир пикруялда республикаялъул нухмалъиялъ гьаб ахIвал-хIалалда нахъ тIамичIого тIоцебесеб иргаялда гьабизе кколеб чанго гали буго тахшагьарги хвасар гьабизе, бюджеталде гIарацги бачIине, цIияб евростандартазда рекъараб шагьарги базе:

ТIоцебесеб - республикаялъул бетIерасул указ букIа, правительствоялъул хIукму букIа, мэрасул распоряжения букIа, ялъуни гьеб лъабабго цадахъ бахъунги чIезабизе ккола МахIачхъалаялда жанир разе байбихьаралщинал бакIал.

КIиабилеб - хасаб экспертазул бичун босулареб комиссиялъ жамгIиятатлъгун дандги бан къабул гьабизе ккола шагьаралъул генплан. Гьеб планалда рекъон, архитектура ва санагIалъаби холареб хIалалъ разе изну кьезе ккола хасал минабазе, хутIарал цоял риххизарун, цогидал разе гьукъун, лъабабилезе рецIел кьун бацIцIадги гьабун гIадлуялде бачине ккола МахIачхъала.

Лъабабилеб - изну кьезе кколаро цониги цIияб бакI базе. Рукъзал разе лицензияги, гIарацги, сурсатги бугелщинал чагIазе чIорого кьезе ккола бакIал цIияб шагьар "Порт-Петровскалда" минаби разе. Кьезе ккола гьезие хIажатаб инфрастукутураги. Нужеца абила кин кьолеб чIобого минаби разе ракь абун. КигIан кIваниги бигьаго кьела. Гьел бакIал раялъул фирмабаз кьела проект управляющая компания "Порт-Петровскалъухъ" чан квадаталъул метра минаби жидеда разе кIолебали. Гьелдаса 10 процент гIарцул кьела гъоркьлъалие управляющая компаниялъухъ, мина бан бахъарабго гьеб анцIго процент гIарацги нахъе босун жидее чIобого кьураб ракьухъ ва инфраструктураялъухъ кьела анцIго проценталъул багьаял квартираби.

Масала, нусго квартираялдаса 10 квартира управляющая компаниялъе. Гьеб букIуна хIукуматалъул ихтияралда ругел рукъзал, социалиял хIажалъабазда рекъон хIажаталъур кьезе. Гьел минаби ралел чагIиги кьуризе тезе кколаро цIияб шагьаралъул генпланалдаса. Капек камичIого кьезаризе ккола магъалабиги бюджеталде. Гьел шартIал тIуран хадур жакъа багъаризе кIолареб МахIачхъалаги эркенлъила, бюджеталде гIарацги бачIина, цIияб, къватIисацин гIадамал рачIунеб евростандарталъул жанир киналго санагIалъаби: кинотеатрал, аптекаби, ашбаз - ресторанал, хIамам - спортзалал, культуриял ва ихтилаталъул бакIал ругеб шагьарги щвела.

Гьеб гурищха нилъее хIажатго букIараб. Жакъа власть какизе бокьаралщинал нунудулел руго ипподром цIунизе кколин. Кьавуца кварал кавабиги, жанир гьечIел шартIалги, щущараб магIишатгун ипподромалдасаги, рагъарун кьуризе кIолареб МахIачхъалаялдасгги нилъее цIияб шагьарги гьениб бан, санагIатаб бакIалде ипподром гочаниги мадар букIина. Дица гьаб г1акълу ч1обого кьолеб буго х1укуматалъе. Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG