МагъчIваялъе рес

ТIадчагIазул тIалабгьечIолъиялъ 300 чи рукъгьечIого хутIизехъин вуго


ГIагараб заманалда Гъаякент мухъалъул Первомайское росдал цIияб авалалда гIумру гьабун ругел гIадамал рукъзалги гьечIого хутIизе бегьула.

Интернет-мухъ

Гьел минаби ран руго росдал рагIалда магистралияб газалъул рогIороялда аскIор. Ункъго соналъ халат бахъунеб буго гьел гIадамаздаги «Газпром Трансгаз МахIачхъала» компаниялдаги гьоркьоб диван. Гьал къоязда Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ гьеб компаниялъул рахъккун гьеб газалъул рогIорочIван ругел киналгIаги минаби риххизаризе кколин абураб хIукму къотIун буго.

Гьеб газалъул идараялъ лъазабулеб буго къануналда рекъон газалъул рогIороялда лъабнусго метраялъ аскIобегIан цониги мина букIине бегьуларилан, гьелъул хIинкъи жалго гIадамазеги бугин бищун цебейилан.

Гьел минаби разе бакIал кьолеб мехалда щайила жидеда гьедин абун букIинчIеб, пачалихъалъ кьураб бакIалда ран ругила жидеца рукъзал, жидецаго ккураб ракьул цониги кесекги гьечIила гьениб, гьел разе бакIал кьолеб мехалда лъалеб букIинчIищила газалъул идараялдаги тIалъиялдаги гьелъул гIадамазе хIинкъи букIинилан абун ццин бахъун руго гьел риххизаризехъин ругел рукъзабазул бетIергьаби.

Гьеб киналдасаго разигьечIел бакIалъул гIадамаз талат къоялдаса нахъе протесталъулаб акция тIобитIулеб букIана Первомайское росдал администрациялда цебе.

АрбагI къоялъги къалъудалъагIан халат бахъана гьеб, гIага-шагарго укънусгогIан чияс гIахьаллъи гьабунила гьеб тадбиралъулъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Первомайскоялдаса жамагIатчи ГIабдулаев ГIабдулица. Гьеб акция заманалъ гьоркьоб къотIизе тун буго I6 марталда гьел гIадамалгун дандчIвазе Гъаякент мухъалъул нухмалъи бачIиндал.

ГIабдуллаев ГIабдул:«Газалъул рогIороялда аскIор ран рукIиналъ биххизабизехъин буго 71 мина. Бищун дагьалдасан гьеб щибалъуб гIумру гьабун вуго ункъ-ункъ чи. ГIаммаб хIасил гьабуни рукъзал гьечIого хутIизехъин руго 300ялдасаги цIикIкIун чи. Ццин бахъинчIого букIинищ гIадамазул.

Гьез къануналда рекъон, бакIалъул нухмалъиялъ рукъзал гьаризе кьураб бакIалда рарал минабилъидал гьел. Гьезул щивасухъ докуменалги руго гьеб ракьалъул бетIергьанлъи бихьизабулел.

Амма диваналъ гьезухъ гIинго тIамичIо, гьез кIвар буссинабулеб буго пачалихъалъ бакIал раялъе чIезабураб къагIидаялде (СНиП) данде кколел гьечIин гьел минаби гьенир райилан. Гьелдеголъидалха мугъчIвай газалъул компаниялъги гьабулеб бугеб.

Щайха гьеб компаниялъ добго пачалихъалъ бакIал раялъе чIезабураб къагIидаялда рекъон газалъул рогIрал рачунеб мехалда гьеб бакIалда ругел росаби кIодолъизе бегьулеблъиги хIисабалде босун рачинчIел. Гьел минаби гьанже рарал бакIал гурелъул, гьел къогоги къоло щугоги соналъ церего ран рукIана гьенир. Доб заманалъ кIиго соналда жаниб мина бачIони гьеб ракь цойги гIадамазе кьолаан.

Гьединлъидал хехго – хехго ран рукъзалгун тIубараб авал лъугьана гьениб. Рукъзал разе гьеб бакIал кьелалде цебего букIун буго гьениб магистралияб газалъул рогIоро бачун. БакIалъул нухмалъиялъги, ракьазул суалал тIуралеб идараялъги, газалъул компаниялъги гьеб суал тIубачIогойин абун нижеда бугеб гIайиб щиб.

Нижгун данчIвазе Гъаякент мухъалъул нухмалъи бачIун букIана, МахIачхъалаялда республикаялъул тIалъигун тIубалила гьеб ишилан рагIи кьуна гьез. Гьелъул щиб хIасил кколебали бихьизегIан заманалъ гьоркьобкъотIизабуна нижеца протесталъулаб акция».

Гьединго ГIабдулаца бицана чанги гIадамал гьеб акция гьоркьобкъотIизе теялде данде рукIанила, щай гурелъул цебе-цебеги гьезул суал тIубалин рагIи кьурал тIадчагIаз гьеб иш роцIцIинабун букIинчIого.

Гьел риххизаризехъин ругел минабазул бетIергьаби Дагъистаналъул вице-премьер ГIисаев Шамильгунги, республикаялъул Халкъияб Мажлисалъул бетIер ШихсагIидов Хизригунги чанцIулго данчIван рукIун руго. Гьел хIакимзабаз нужер суал тIубаялъе хасаб комиссияги, къокъаги гIуцIилин абун букIаниги гьеб ишги рагIалде бахъинчIин бицана жамагIатчияс.

Цоссина гьел рукъзал риххизаруни гьезухъ кинаб букIаниги рецIел щвеялдеги хьулго гьечIила жидериланги бицна «Эркенлъи» радиоялъе ГIабдуллаев ГIабдулица.

ГIабдуллаев ГIабдул: «Кин гьеб рецIалил гIарац нижее щвелеб газалъул компаниялъги жалго гIайибиял гьечIин рикIкIунеб буго, бакIалъул нухмалъиялъулги гьебго пикру буго. Гьедин нижее компенсациял кьезе гIарац букIунарилан гаргалел гьелги руго щиб гьабилебали лъаларого гIадамалги руго.

Нижеца гьезда цIехолеб буго риххизарун гьел рукъзалгун нижеца щибин гьабизе кколеб, кирейин ниж инелилан. Гьелъие жаваб кьолев чи вахъунев гьечIо, гьелда тIадеги нижерго гIадаб ахIвал-хIал цойги росабалъги рагIула. Щиб гьеб киналъулго ккелебали бичIчIулеб гьечIо жеги».

Цебехун бицен гьабураб газалъул рогIороялда аскIоаса гIебеде рарал рукъзал жеги анкьицаги риххизариларин, нужеца гьеб суал тIубайилан лъазабун буго гьезда диваналъул хIукмаби тIуразарулеб приставазул хъулухъалъул вакилзабаз.

Гьебго газалъул идараялъулги гIадатиял гIадамазулги дандеккунгутIи халат бахъунеб буго МахIачхъалаялдаги Ленинкенталдаги гьоркьор ругел ракьазе гIологи. «Эркенлъи» радиоялъ цебехун бицун букIахъе гьел ракьал къогогIан соналъ цебе гIадамазухъе росдал магIишаталъе хIалтIизаризе кьун рукIун руго, хадубккун гьез жидерго бетIергьанлъиялде руссинарунги рукIун руго гьел. 2015 соналъул августалда гьел ракьаздасан Газпромалъ газалъул рогIрал лъезе байбихьун буго.

ГIадамазул разигьечIолъи буго гьелдаса. Жидеда лъицаниги дандбачIила гьеб проект, гьенир хIалтIаби байбихьизе бегьилищилан цIехолев чиги ккечIила жидеда, гьел рогIрал лъуни жидеца ракьалдаса пайда босун бажаруларилан абулеб букIана гьелъул бетIергьабаз. Гьездаги газалъул компаниялдаги гьоркьобги бугеб диван жеги лъугIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG