МагъчIваялъе рес

Лыжабазул курортаздаса ралъдал пляжазде...


Лъел рагIалда хIухьбахъиялъул лъикIал перспективаби ругин Шималияб Кавказалда, хас гьабун Дагъистаналда Каспий ралъдахъин лъазабуна гьал къояз Халкъазда гьоркьосеб туристикияб выставкаялда федералияб Туризмалъул агентлъиялъул бетIер Олег Сафоновас.

Амма Дагъистаналда ралъдал рагIалда хIухбахъи гьаби цебетIезе рес гьечIин рикIкIунеб буго экономист Андрей Меламедовас. Щай гьечIеб рес ралъдал рагIалда хIухьбахъи цебетIезе ва кинал ругел хIакъикъиял туристикиял ресал Дагъистаналъул.

Каспий ралъдал рагIалда ралъдахъ хIухьбахъи цебетIезабиялъ Шималияб Кавказалде рачIунел туристазул къадар цо лъагIалида жаниб 10 миллион чиясде бахине рес бугин. Гьелъ, хIажат бугин ралъдахъ хIухьбахъи гьаби цебетIезабизе Дагъистаналдайин лъазабуна «Интурмаркет-2016» абураб халкъазда гьоркьосеб выставкаялда Россиялда Туризмалъул рахъалъ федералияб агентлъиялъул нухмалъулев Олег Сафоновас.

Гьелда бан экономист Андрей Меламедовас «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда бицана, гьеб иш гIумруялде бахъун, ралъдахъ хIухьбахъи цебетIей щакаб иш бугин Дагъистаналда. Масала, Олег Сафоновас рехсолел ругила гьелъие квекIен гьабулеб гIицIго цо хIужа: инфраструктура гьечIолъи, амма гьелдаса кIудияб гIунгутIи бугила ралъдалъе шагьаралъул канализация унеб букIин.

Андрей Меламедов: «Дагъистаналда ралъдал туризм цебетIеялъул перспективаби цIакъ загIипал руго. Аслияб куцалда гьелъие квекIен гьабулеб жо ккола МахIачхъалаялъулги, Каспий рагIалккун ругел цогидал шагьаразулги канализациялъул чороклъи ралъдалъе унеб букIин. Базе байбихьаралдаса чанго сон балеб бугониги, канализация бачине гьабулеб коллектор бан бахъунеб гьечIо.

Гьеб баниги, МахIачхъала шагьаралъул шималияб рахъ гурого гьелъ хIебтIун бажаризе гьечIо. Соналдаса соналде цIикIкIунел руго Санэпиднадзоралъ къалел пляжал. Чвердезе гьукъун бугин хъварал пляжаздайищ хIухьбахъи гьабизе бугеб туристаз.

ХIажат буго комплексалъулаб хIалалда тIубазе иш: тIоцебесеб иргаялда канализациялъул чороклъаби ралъдалъе унареб куц гьабизе. Цогидаб гIилла, гьебго инфраструктура гьечIолъи. Гьеб кинабго ккола цадахъ тIубазе кколеб масъала, гьелъие хIажалъула кутакалда кIудиял сурсатал. Жакъа къоялде кIудиял финасал гьечIогон гьеб гIунгутIи тIагIинабун бажаруларо».

Гьединал финансал гьабсагIаталда гьечIилан тIаде жубана Меламедовас.

КIиго соналъ цебе байбихьун букIун, чIезе тараб мугIрузда лыжабазул хъещтIероял гьариялъул программа гьебго куцалда чIун хутIанин Дагъистаналда, рес бугищин гьединабго хIалалда гIицIго хабарлъун хутIизе ралъдахъ хIухьбахъи гьаби цебетIейилан абураб суалалъе, экономистас жаваб гьабуна Дагъистаналда ралъдахъ хIухьбахъи гьабиялъул туризмалдасаги мугIрузда хурхараб туризм цебетIезе реалиял ресал цIикIкIарал ругилан. Амма тIалъиялъ кидаго цIакъго кIудиял, кутакалда гIемер гIарац унел проектал рахъун, гьел нухда хутIулел ругила.

Андрей Меламедов: «МугIрузда туризм цебетIезабизе бегьула «Матлас» гIадинал кIудиял проектал гIуцIун гуребги, этнотуризм, гастрономияб туризм, росабалъ гьалбадерил рукъзал ран ва цогидал къагIидабазда. Бегьула лыжабазул хъещтIероялги гьаризе, амма гьебги масштаб бугеб, кIудияб проект гIуцIун гуреб, гIисинал проектаздаса байбихьун. Дагъистаналда гьединго цIакъ лъикIал ресал руго гIораздасан риччай гIадинааб экстремалияб туризм тIибитIизеги. Гьеб рахъалъул перспективабиги руго».

Цересел соназда данде ккун, 2015 соналда Дагъистаналде хIухьбахъи гьабизе рачIарал туристазул къадар цIикIкIараб букIанин, цересел соназда данде ккунин лъазабуна Дагъистаналъул Туризмалъул министерлъиялъ. ГIаммаб куцалда республикаялда хIухьбахъи гьабун буго 430 азарго чи.

Меламедовасул пикруялда рекъон, кIвар кьезе кколеб буго кIудияб бутIа гьел туристазул букIараблъи этнотуристал. Ай, республикалъул мугIрул мухъазде ва Дербенталде щвезе рачIарал. Экономистас баян гьабуна, жакъа, мукъсанал гурого финансазул ресал гьечIеб заманаялъ, кIудияял, гIемер сурсатал хIажалъулел проектазда квербачIогон, гьебго этнотуризмалъул рахъалде кIвар кьезе кколила.

XS
SM
MD
LG