МагъчIваялъе рес

Дербент: цIияб статусалде хьулалгун…


Дербенталда гIадин некIсиял бакIал нахъе цIунун  Россиялъул цониги батIияб  шагьаралда  хутIун гьечIин, хIатта тIолго улкаялдаго гьелдаса некIсияб шагьарги батичIого букIине бегьулин, гьединлъидал гьеб нахъе цIунун хутIиялъе тIадеги ресал ралагьизе кколин абуна  Владимир Путинилгун Общероссийский Народный Фронт багъа-бачариялъул букIараб данделъиялда журналист ва гIалимчи Къурбанов Русланица.

Гьеб хасаб статус кьуни шагьар батIи-батIиял пачалихъиял программабазде гьоркьобе кколила, гьелъ Дербенталъе дагьабги цIикIкIун федералияб бюджеталдаса гIарац биччазе рес кьолин бицана гьес «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

Къурбанов Руслан: «Дербенталъе цIикIкIун гIарац биччаялъ шагьаралда транспорталъулгун ругел захIмалъаби тIуразе, инфраструктура ва коммуналиял рукIа-рахъиналъул шартIал лъикIлъизариялъе, туризм цебетIезабиялъе цIикIкIун ресал кьезе руго. Дербенталъе гьеб хасаб экономикияб статус кьезе ккеялъул цебего Россиялъул пачалихъалъул вице-премьер Александр Хлопониница абун букIана. Республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница жиндица Дербенталъеги цойги республикаялъул чанго некIсияб росдаеги хасаб культурияб статус кьезе бугин аби гурони, гьеб шагьаралъе хасаб экономикияб статус кьеялъул рахъкквечIо.

Дагъистаналъул бокьараб цойги шагьаралде данде ккун Дербенталда тIад цIакъго цIикIкIун гIарац хвезабизе ккола. гьенир ругел некIсиял бакIал цIунизеги гьел къачIазеги, туристазе санагIалъаби гьаризеги. ГIадатияб шагьаралъул бюджеталда гьелъие гIарац букIунаро. Гьаб сагIат республикаялъул тIалъиялъ федералияб нухмалъиялъ тIадецуйгп гьабун Дербенталъе хасаб тарихиябгун-культурияб статус кьун буго, экономикияб кида кьелебали лъаларо.

Гьеб цIияб статус кьун хадуб шагьаралъул бюджеталъе 75 миллион гъурущги биччан буго гьез, амма гьеб буго цохIо нухалъ кьураб гIарац, гьеб гIемер мехалъе гIоларо. Дербенталде гьанже рачIунел туристазул къадарги цIикIкIун бугелъул, гьениб гьабизе хIалтIиги дагьабги гIемер букIин хIисабалдеги босун, шагьаралъул бюджет хаду-хадубги дагьабги цIикIкIараб букIине ккола».

Гьединго Русланица абуна Дербенталъе хасаб экономикияб статус кьуни, чара гьечIого, шагьар федералияб бербалагьиялда гъоркь букIине кколин ва гьелъие биччараб гIарцуда хадуб ххалги федералияб нухмалъиялъ кквезе кколилан. Гьедин гьабичIони, цебе-цебе шагьаралъе биччан букIараб гIарац, кколелъубе инчIого, хасал чагIазул чунтбузухъе араб гIадин, гьелда хадуб гьебцоябги унилан.

Исана сентябралда Дербенталъ 2000 сон тIубай кIодо гьабилалде шагьаралда гьарурал къачIа-кIатIаялъул хIалтIаби цIакъго хашго гьарулел ругин ахIи гьел лъугIилалдего бахъун букIана. Гьанже гьеб рахъалъ иш тIубан гIадада холеб бугин, къачIарал ахалги кьищнидал цIун ругин, къоно ккун къачIан гIадамал рилълъине гьарун рукIарал нухлул рагIаллъабиги хун ругин, гьел рукIине кколедухъ къачIачIони шагьаралъул балансалде росиларин цIияв мэрги чIун вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталдаса жамгIияв хIаракатчи Виктор Ханукаевас.

Дербенталъе цIияб экономикияб статусги кьун гIарац биччани, бищун цебегIадин шагьаралда рацIцIа-ракъалъи чIезабиялъе хвезабизе кколин гьеб, хасго гьеб рацIцIалъи чIезабулел гIадамазе лъикIаб харж букIинабиялде кIваркьезе кколин абураб пикруги буго гьесул.

Виктор Ханукаев: «КъватIал ракIарулел чагIилъун Дербенталда гIемерисел легалиял гуреб куцалда хIалтIулел мигрантал рукIана. Миграциялъул хъулухъалъ гьезухъа паспорталги нахъе рахъун, тIад гIакIабиги къотIун гIемер базар букIуна гьезулгун. Чанго моцIица халат бахъана гьеб иш, гьез миграциялъул хъулухъгун къотIи-къай гьабун бахъинегIан, шагьар кьищнидул цIун букIанин абизе бегьула.

15 азарго гъурущ буго гьезул харж, гьеб гIарацги босун бакIалъул гIадамазе хIалтIизе бокьулеб гьечIо. Сахал харжал рукIаралани гьезул, цониги мигрант хIалтIизе виччалароан бакIалъулаз, шагьаралда рацIцIалъиги гIадлуги букIунаан. Гьеб шагьаралъе тIадеги гIарац щвани бищун цебе гьеб суалалде кIвар буссинабизе ккола, дир пикруялда рекъон. Гьединго Дербенталъ 2000 сон тIубаялде гIедегIун, гьанир - дора речIчIун цIакъ хашго къачIан рукIана аслиял къватIал.

Гьанже гьабунщинаб хIалтIи холеб бугин абизе бегьула. ГIадада гIарац хвезаби ккана гьебги. Дун цIакъ рекъана Дербенталъул цIияв мэр Багълиев Маликица рукIине кколедухъ къачIачIеб цониги я къватI, я ах шагьаралъул балансалде босизе гьечIин лъазабиялъги».

Гьеб цIияб статусги кьун гIарац биччан хадуб гьеб сундуе хIалтIизабулеб бугеб, кибе гьеб унебали халгьабулеб хассаб комиссияги гIуцIизе кколила, гьеб гIарцуде гьабураб хIалтIи букIине кколедухъ гьабиялда хадуб халкколеб хасаб идараги гIуцIизе кколин Дербенталда чара гьечIогойиланги тIаде жубана жамгIияв хIаракатчи Виктор Ханукаевас.

XS
SM
MD
LG