МагъчIваялъе рес

Щиб батулеб бугеб Дагъистаналда туристазда?


«Лента» сурсаталда тIибитIазубана кIиго туристакаялъ Дагъистаналде бухьараб сапаралъ гьабураб асаралъул хIакъалъулъ хъвараб публикация. Аслияб куцалда гьенир къватIирчIвазарулел руго негативиял рахъал ва нухда рукIарал квекIенал. Амма цересел соназде данде ккун, 2015 соналъ Дагъистаналде гIизагIан туристал рачIун руго.

Петербургалдаса кIиго гIолилал ясаз Дагъистаналде бухьараб сапаралъул ва гьелдаса ракI бухIиялъул хIакъалъулъ гьабураб публикациялда сверун гIемер бахIсал тIоритIулел руго интернеталда. Сапаралъул гIицIго квешал рахъазул бицун лъикIаб жо щибго рехсолеб гьечIин хъвай-хъвагIаялдайилан абулеб буго цояз, цогидаз ясаз хъваралъул тIубан рахъ кколеб буго.

Гьеб публикациялъулъ рихьизарун ругин хIакъикъаталдаги ругел гIунгутIабийилан абулеб буго туристазе сапаралъул маршрутал рахъулей ва гидлъун хIалтIулей МахIачхъалаялдаса Яна Мартиросовалъ. Исана сон туристал рачIиналъул рахъалъ цIакъ бечедаб букIанила, цо рахъалъ гьеб бараб букIанила федералиял информ-сурсатаз бицун Дербент машгьурлъун букIиналъ, цогидаб рахъалъ туристал гIемерлъи бараб бугила улкаялда буге экономикияб хIалалда. Жалго жидедаго чIун, викинг-туристал гIадин рачIине Дагъистаналде беццараб гьечIин, хасго хIалбихьи бугев турист гьечIонанийилан баян гьабуна гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Яна Мартиросова
Яна Мартиросова

Яна Мартиросова: «Исана туристал цIикIкIиналъе кIиго гIилла буго. Цо рахъалъ, Дербенталъул юбилеялъул информалатаз цIакъ гIемер бицунеб букIин, гьелъ лъагIалицаго Дербент цIакъ машгьураб букIана туристазе. Цогидаб гIилла буго гIадамал ругьунлъун рукIин кире ругониги хIухьбахъиялъе ине, экономикияб кризис ва халкъазда гьоркьосеб ахIвал-хIал хIисабалде босун, Дагъистан буго машгьурлъун гьанире рачIин хираго чIолареб хIухьбахъи букIиналъ. Туристазе къокъаялда гъорлъ рукIун рачIине ва сапаралъ гидгун ине беццараб буго. Викинг-туристал Дагъистаналде рачIун, гьанир гьезда гIемер захIмалъаби дандчIвала. Жалго жидедаго чIун, гьелго ясал гIадин рачIарал туристазда тIоцебесеб иргаялда данчIвала информациялъул рахъалъ гIунгутIаби. МугIрул мухъазде хьвадулеб транспорт кинсан, кида гьеб унебали лъазабизе, гьенире ун чIейи гьабизе бакIалъул иш. Амма, абизе ккола, туристазе нилъер гьанире ралъдахъе рачIиналдасаги мугIрул рихьизе рачIине бокьулин. Гьеб публикациялда хъвараб жо, ургъунго Дагъистан чIегIер гьабизе хъвараб бугилан кколаро дида, гьениб хъвараб жо дандчIвала нилъер гьаниб. Масала, гIумруялъго Дагъистаналда гIумру гьабун йигей чIужу йигониги, дунго цохIо мугIрул мухъалде ине кидаго кIвеларо».

Гидалъ гьединго баян гьабуна Дагъистаналда гостиницаби ва отелал цIакъ гIемер ругин, амма гьел цIакъго хириял ругилан. Гьебго заманалда, гIемерисел улкабазда ругел хостелал цониги гьечIила Дагъистаналда.

Интернеталда хъвадарулел гIемерисел туристаз кIвар бусинабулеб буго Дагистаналде рачIин гьез тIаса бищараблъи республика цIакъго гIемерал туристал рачIунареб, туристазул хIетI щвечIеб бакI букIиналъ.

Ахирал соназ Дагъистаналда тIибитIизе лъугьана этникияб туризм. Чанго мухъалда росабалъ рагьун руго гьалбадерил рукъзал. Этникияб туризмалъул аслиял маршрутал кколел руго Кубачи росулъе, Гъуниб мухъалде ва Хунзахъ мухалъе. Кубачи росдал бетIер Расул Куртаевас жиндирго минаялда къабул гьарулел руго гьалбал, амма гIемерисел туристазе гьеб гьоболлъи къабул гьаби ничабллъун бихьулила, гьезие бокьун букIунила кьун гIарацгун хIухьбахъи гьабизе. Дагъистаниял, хасго росабалъ ругел гIадамал, гьоболасухъа гIарац босизе ругьунал гьечIин ва гьеб бичIчIулеб гьечIин, гьединлъидал Кубачи росулъ цо хасаб гьалбадерил рукъ бан, бизнес хIисабалда гьечIин гьеб ишин абулеб буго росдал бетIерас. Соналдаса соналде циIкIунел ругин туристал, исана гьел цересел саназда данде ккун цIакъго гIемерал рукIанин баян гьабуна Расул Куртаевас «Эркенлъи» радиоялъе.

Расул Куртаев: «Цин дир рокъор сорда бан рукIарал туристазул бицани, нусидаса циIкIун чи вукIана. Цо сордо барал, чанго сордо барал, ккана анкьидаса заман баралги. Нилъее гIадатияб жо буго тIаде рачIарал гьалбал къабул гьари ва гьезул хIурмат гьаби, амма туристал гьелде ругьунал гьечIо. Туристал къабул гьари бизнесалде сверизабизе нилъер гIадмалги жеги хIадурал гьечIо. Гьеб публикация гьабурал ясал рачIун рукIана Кубачиялдеги. Диргун социалияб гьиналдаса бухьен гьабун, дандбан. Гьаниб гьез чанго къо бана, ва щибго гьезул рекIелъ босулареб жоги ккун букIинчIо, амма гьез сапаралъул гIицIго лъикIал гурел рахъазул гурого хъвалеб гьечIо».

Египет, Турция ва цогидал учузаб багьаялде хIухьбахъи гьабизе рес бугел бакIаздасаги гIемерго квегIенлъаби гьечIел бакI бугониги Дагъистан машгьурлъулеб буго туристазда гъорлъ. Цо рахъалъ экстремалияб асар, регионалда цIакъго гIодобе биччараб ахIвал-хIал гьечIолъи, цогидаб рахъалъ берцинаб тIабигIат – гьелъ цIалел ругила турисал Дагъистаналде.

XS
SM
MD
LG