МагъчIваялъе рес

Дербенталда рагьана туристазул цIияб маршрут


Дагъистаналада туриз цебетIезабиялъе батIи-батIиял къагIидаби ургъулел руго Дербенталъул музей-заповедникалъул хIалтIухъабаз. Гьезул рагIабазда рекъон тIалъиялъ гьеб суал роцIцIинабиялъухъ балагьун чIечIого, гIадама жидецаго хIаракат бахъизе кколила туризм тIибитIиялъе. Гьеб рахъалъ дербенталъулаз цойгидазе мисалги бихьизабилъун ккана гьал къояз Дербенталда цIияб туристикияб маршрут рагьи.

Дагъистаналда туризм цебетIезабизе кколила, гьелъие кинал рокьаниги ресалги ругила гьанирилан абун бицунеб хабар гIемер рагIула, амма гьеб цебетIеялъе гьабулеб я хIалтIи, я гьелъул хIасил бихьуларо. Киса-кибего кутакаб ахIи-хIурги бахъинабун чанги миллионалги риччан базе бугинги абун Хунзахъ мухъалъул Макьасда гьабулеб букIараб лыжабаздасан хъещдолеб туристикияб базаги гьанже гьениб гIазу гьечIолъиялъ бан бажаруларин абун чIезе тун буго. Гьединал мисалалги гIезегIан ругелъул, цохIо пачалихъалъ туризм цебетIеялъе -гьабулелъухъ яги гьабизе ракIалда бугелъухъ балагьун чIечIого жидецаго кIвараб жо гьабилин ракIалде кканин бицана дагьал церегIан къояз Дербенталда цIияб туристикияб маршрут рагьулеб мехалда гьеб гIуцIарал дербенталъул музеялъул хIалтIухъабаз.

Советияб заманалъ гIадин гьаниса-дораса гIемерал чагIи рачIунел гьечIониги жидер некIсияб шагьаралде туристал гьанжеги рачIунин, амма гьезул къадар чанго нухалъ цIикIкIинабизе рес бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе музеялъул нухмалъулев Ибрагьимов ГIалица.

Гьес абулеб буго Дербент гIадаб некIсияб, бечедаб тарихги бугеб, гьелде тIаде цо рахъалъ ралъад бугеб, цойги рахъалъ мугIрулги рохьалги ругеб шагьар дунялалъул цойгидаб бакIалда букIарабани гьеб шагьаралъ цо гьитIинаб пачалихъ хьихьун букIунаанилан. Бугеб жоялъул къимат гьабизе лъалеб гьечIила нилъер гIадамаздайин абун ракIунтун бицунеб букIана ГIалица.

Дагъбарыялъул хутIараб фрагмент
Дагъбарыялъул хутIараб фрагмент

Гьединлъидал жидеца шагьаралде гIадамал рачIине рукIине батIи-батIиял тадбирал ургъулила, гьединазул цояблъун букIанила цIияб туристикияб маршруталъул презентацияйилан абулеб буго музеялъул нухмалъулес.

Маршруталъул халалъи буго 4 километр, гьеб унеб буго Нарын-хъалаялдаса бахъараб Жалгъан абураб росулъе щвезегIан. Цебе букIинчIеб гьеб цIияб маршрут бахъун буго 5 гIасруялда бан букIараб кIудияб кавказалъулилан абулеб къед букIараб бакIалдасан. ГIадамазда лъалареб гьеб къадал тарих лъазабизе ва тIибитIизабизе гIоло ургъун буго гьеб цIияб маршрут.

ГIали Ибрагьимов: «Дагъбарыйилан абулеб кIудияб кавказалъул къед лъиданиги лъаларин абизе бегьула, амма кIудияб китаялъул къадал хIакъалъулъ бокьарав чиясда лъала. Гьеб китаялъул къададаса къураб жо букIинчIо нилъер гьаб къадалги. Гьелъул халалъи букIана 42 километр, гьелъ цолъизарун рукIана 6I си. Азарго соналъниги гьеб къадаца Дербент тушбабаздаса цIунун букIана, гьеб щай биххарабали жеги чIезабун гьечIо гIалимзабаз. Гьеб къадал хутIарал кескалги, гьелъ цолъизарун рукIарал сиязул хутIелалги, Петр I Дербенталде вачIараб мехалда гьесие сурпа гIуцIун букIараб байданлъиги, гьес лъим гьекъолеб букIараб даруяб иццги гьеб кинабго бихьулеб хIалалъ гIуцIун буго нижеца маршрут. Цере цереги рукIана гьанир батIи-батIиял маршруталги гьенисан хьвадулел туристалги, амма гьаб ахираб 20 соналъ гьанире рачIунел чагIи лъугIанин абизе бегьула. ЦIидасан гьанире гIадамал рачIунеб хIал гьабизе, кIвараб хIалтIи гьабулеб буго нижеца, гьединлъидал гьаб цIияб маршруталъул презентацияги тIобитIараб».

Гьеб гуребги музейчагIаз цойги чанги батIиял маршруталгун экскурсиялги хIалтIизе риччан руго жибго Дербент шагьаралдаги. Гъоркьисала Дербенталде мухIканал гурел баяназда рекъон I200 гIан турист вачIун вуго. Гьезулги 80 процент жалго дагъистаниял рукIун руго. Исана гьел гIадамазул къадар кIигонухгIаги цIикIкIинабизе кIвани гьеб жидер хIалтIул лъикIаб хIасил кколин абулеб буго музеялъул хIалтIухъабаз.

XS
SM
MD
LG