МагъчIваялъе рес

Туризмалъе ресал берда церего руго


Дагъистаналда ругел туристикиял ресал жакъа къоялъ кколел руго цIакъ мукъсанал. ГIицIго Дагъистаниязул тIалабаздацин данде кколарел. Гьеб ахIвал-хIал хисибази бихьизабун буго туризм цебетIеялъул хасаб программа. Кинал ресал ругел дагъистаналда туризмалъул?

Советияб хIукумат биххигун биххараб туризмалъулаб система цIигьабизе ва Дагъистаналда туризм цебетIезабизе Дагъистаналъул тIалъиялъ хIукму гьабун гIуцIараб программаялда рекъон, 20I4-20I8 соназул болжалазда Дагъистаналда хIалтIулеб буго хасаб туризм цебетIезабиялъул программа. Гьеб программа гIумруялде бахъинабизе федералияб ва республикаялъул бюджеталдаса бихьизабун буго 32683,6 млн гъурущ. Гьелда гьоркьосан 20I4 соналъ программаялъул тIоцебесеб бутIа гIумруялде бахъинабизе бихьизабун буго – 6909 млн гъурущ.

Советияб заманалдасаго хIалтIулел ругел санаториял ва батIи-батIиял сахлъи цIуниялъул объектал циIгьариялъе гуребги гьединго гьеб гIарац харж гьабулеб бугин батIи-батIиял нухал ралагьизе турузм цебетIезабиялъейилан баян гьабуна Туризмалъул коммитеталда цебе гIуцIараб гIелмияб централъул нухмалъулей Павлюченко Еленаца. Гьелъул рагIабазда рекъон, туризмалъул хаслъиял хIисабалде росун ва гьединго кколеб даражаялде гьеб бахинабиялъе нухал ралагьулел руго гьез.

Амма гьел нухал ралагьизе кколарин, гьел цере ругилан рикIкIунеб буго журналист МухIамад МухIамадовас. Жакъа Дагъистаналда туризм цебетIеялъе кинабгIаги аслу гьеIила. Масала, ралъдал рагIалда хIухьбахъи гьабиялъе батIияб бакIаздаса рачIаразе бицинчIого, гIицIго дагъистаналдаса гIадамазе хIухьбахъи гьабизе ресал гьечIила. Масала, Избербаш шагьаралда Ралъдал рагIалда хIухьбахъи гьабизе ун, гьениб гIицIго рукъги ккун санагIалъаби гьечIеб бакIалда хIухьбахъи гьабулаго холеб гIарцухъ Турциялда рахIатаб квегIенаб отелялда 2 анкьица хьухьбахъун бажарулила.

Жакъа киназулго кIалзухъ бугин туризм абураб рагIи, амма гьеб цебетIезабулеб хIалтIи гьабулеб гьечIин рикIкIунеб буго тарихчIужу Тахнаева ПатIиматица. Гьелъул пикруялда Дагъистаналда туризмалъул букIинеселъул аслияб бутIа буго нилъер тарихияб ва культурияб бечелъи ва хаслъи цIуниялъулъ.

Тахнаева ПатIимат: «Жакъа киназго бицунеб буго туризмалъул, амма гьеб цебетIезе ккканани чIахIиял комплексал разе яги Европаялъул даражаялъул курортал гуро гьаризе кколел. Гьел Европаялдаги киса-кирего дунял цIун руго. Нилъер ракьалъул . Дагъистаналъул хаслъи бихьизабиялде кьезе ккола кIвар. Масала руго нилъер росабалъ гIемерал нус-нус сон барал минаби чIунтун. Бизнес-проектал гьаризе ккола гьел къачIазе. Жакъа дунялалда туризмалъул аслияб чвахи ккола гьединал бакIал рихьизе ва лъазаризе рачIунел чагIи. Киназдаго лъан ва чIалгIун руго гьел курортар. Гьелда хадуб буго букIинесеб туризмалъул».

ХIакъикъаталда, махщалил росабазул цояблъун кколеб Кубачиялде лъагIалидаса лъагIалиде рачIунел туристазул къадар цIикIкIунеб буго, амма гьениб цогIаги турит чIезе бакI гьечIилан тIаде жубана тарихчIужуялъ.

Росаби цIуниялъе ва Дагъистаналда жанисеб туризм цебетIезабиялъе тIоцересел галаби росанин гьал къояз туризмалъул комитеталъилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб районалъул культураялъул управлениялъул гIолилазулгун хIалтIи гьабиялъул нухмалъулев МухIамадов МуртазгIалица .

МухIамадов МуртазгIали: «Гьал къоязда рачIана ГIуниб районалде туризмалъул коммитеталъул вакилзаби . Гьез цIех-рех гьабулеб букIана росабалъ ругел чIунтарад минабазул, гьенир рачIарал гьалбал чIезе бакIал гьаризе мурадалда. Нижехъан гьел ана Шамиль мухъалде. Гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIуца унгоял ресал кьезе руго туризм цебетIеялъе. Гьелдаго цадахъ, жанисеб туризм цIикIкIине буго. Ва гIадамазда жидерго умумузул бакIал ва гIадатал лъазе руго. Гьанже цо-цо чIагIаз ралел руго миниотелял ва турбазаби. Гьеб битIараблъун бихьуларо дида. Нилъеца нилъеда цебе бугеб нилъер гIицIго нилъее хасиятабги тун чияраб босулеб буго. РакIалда буго Халимбег мусаясул музей-рукъгьабизе гьелинго чанго гIадамал чIолел бакIал гIуцIизе».

ГIицIго хIухьбахъулел бакIал цIи гьари ва цIиял рай гуребги программаялда гъорлъе унеб буго нухал къачIай, лъим бачин ва цогидал квегIенлъаби чIезариги. Жакъа Дагъистаналда программаялда хурхун гьарурал хIалтIабазуо киналгIаги хIасилал абизе кIоларин баян гьабуна гьелда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе Туризмалъул коммитеталъул пресс-хъулухъалъ.

XS
SM
MD
LG