МагъчIваялъе рес

Нартил багьа туристазда тIаде ккана


Улкаялда къо бахъанагIан якъинго загьирлъулеб финансовияб ва экономикияб кризисалъ нухмалъулел тIамулел руго дагьабниги социалияб хIалуцин чучлъизабулел ресал ратизе. Экономика гьечIолъиялъ бижараб буго Россиялда финансовияб кризис.

Нартил багьа туристазда тIаде ккана
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:01 0:00
Интернет-мухъ

Щай гурелъул цохIо тIабигIиял бечелъабиги ричун, газил ва нартил багьаялда бухьараб миллияб валюта бугеб мехалда экономика лъугьунеб гьечIо. ТIубанго улка чIана нартги бичун, щвараб жоги цоцада гьоркьоб бикьун.

Гьеб ахIвал-хIалалда улкаялда экономика абураб жо бугин кинха абилеб? Министерство буго экокномикаялъул, кIудиял гьундулги руго тIад меседил хIарпаца "министерство экономики" абун хъаварал, амма экономика бугин абизе кIоларо.

Гьединлъидал битIараб букIина жакъасеб ахIвал-хIалалда экономика гьечIолъиялъ бижараб финансовияб кризис абуни. Лъалеб букIахъе дунялалъул базаралда нартил ва газалъул багьа бугеб мехалда гьабураб нефтедолларазул нахърател кваналеб буго жакъа улка. Улкаялъул буго кIиго нахърател: меседгун валюталъул нахърател ва стабилизационнияб фон.

НекIсияб росу
НекIсияб росу

Стабилизационнияб фонд абураб жо лъугьунеб буго социалиял хIажалъабазе ва хасал проектазе хIажалъаралъуб хIалтIизабулеб сурсат. Гьеб нахърателалъул 2 триллион гурони хутIун рагIуларин, гьаблъиялда ани цо лъагIалида жаниб ахир лъелин гьелъиегиян абулелги руго экспертал.

Цогидаз абулеб буго гьаб кризис хIажат букIанин Россиялъе экономика ва нухмалъи хисизе. Ай, цIиял нухал ралагьизе, прозводствоялъул, промышленносталъул, агросекторалъулгун дармил гьоркьорлъаби хисизе абун. КигIанисеб къадаралъ гьел ритIун ругелали абизе кIоларо, гьеб лъалеб батила экономикаялъул махщелчагIазда ва заманаялъ бихьизабила кинабго.

Буго цойги рахъ кидаго нухмалъиялъ бицунеб, амма балагьарабго бищунго гьезда бачIеб. Гьеб буго туризм абураб жо. Цересел, бечедал соназда миллионаз россиялъулал унел рукIана Турциялдеги, Европаялдаги, хIатта Египеталдегун, Таиланд, Мальвидиялъул чIинкIиллъабазде гIунтIун.

Ине ресги букIана, бугеб ресалъ цIиял, церехун рихьичIел хIикматал бакIазде ахIулеб букIана халкъ. Жакъа доллар ва евро хиралъиялда бан кIиго нухалдасаги цIикIкIун дагьлъана гIадамазе щолеб жо.

КIиго нухалъ учузлъана гIурус гъурущ. Щибха гьабизе бугеб гьаб ахIвал-хIалалъ? ЧIаголъизе буго улкаялда жанисеб туризм. Цере улка бахун гIадамаца къватIибе унеб букIараб гIарац жанибго хутIизе буго. Гьелда тIаде къватIисаги бачIине буго гьанибе гIарац. Щай? Щай гурелъул дозул кодор долларал ва евро бугелъул.

Гьезие жидерго гIарац гъурщихъ хисарабго кIиго нухалъ цIикIкIун рачIунел руго гъурщал. Дозие Россиялда хIухьбахъи ва къайи боси чIолеб буго араб соналда данде ккун кIиго нухалъ учузго.

Гьелъул хIасилалда цIакъ гIемерал Европаялдаса финалги, Азиялдаса китаялъулалги рачIунел рагIула хIухь бахъизеги, хIажатаб жо босизеги Россиялде. Гьединабго чваххи бугин абуна персазулги Россиялде.

Гьаб сагIаталда лъикIаб рес щун буго Россиялъе, тIадчагIаца жидерабго гьабун ришватгун цIогьодиги тун лъикIаб сервисги, шартIалги чIезаруни, нарт учузлъиялъ ккараб зарал туризмалдалъун бецIизе. Гьеб букIинаан чIагояб экономикаялъул тIоцересел гIаламатал.

Гьел руго жакъа, амма кигIан халат рахъизе ругелали абизе захIмат буго. Лъалеб букIахъе жибго туризм буго дунялалда ругел дармил, экономикиял шартIаздалъун санагIатаб бакIалде жалго гIадамал ун лъугьунеб жо. Гьеб рес щвараб пачалихъалъ пайда босани заманалдаго, гьеб гIола гIемерал соназулаб перспективаялъе ва экономика чIаго гьабиялъе.

Масала, ахираб кIиго соналда жаниб Дагъистаналда бижун бачIана жанисеб туризмалъул гIаламатал. Аслияб къагIидаялда гьеб бугин абизе бегьула этнотуризм. Хасаб бакIалъул, миллаталъул этнография, тарих, культураялда хурхараб. Анкьил ахиралда социалиял гьиназда баккула лъазаби гIодор къоязда пуланаб росулъе унеб къокъа бакIарулеб бугин.

Масала, ине руго Хунзахъ, Гъуниб, Гьоор, ГьоцIалъ, Кубачи, Балхар гIадал тарихиял, гIадамазе рихьизе интересал бакIазде. Лъазаби кьурал чагIаз бичула билет цо чIараб багьаялде, гьениб жанибе уна квен, тарихиял бакIазда суратал рахъи, милияб форма, кьурди-кечI, ихтилат ва цогидабги.

Камилаб сервис ва шартIал жеги гIуцIун рахъун гьечIо. РакIалде ккола гIагараб заманалда рукIине ругин гьел росабалъ гьалбадерил рукъзал, ашбаз - кафеял, гьалбадерида тарихиял бакIал рихьизарулел чагIи. Гьеб буго эркенаб базаралъулги, туризмалялъулги шартIал ва тIалабал. ХIажаталъур жалго рижун рачIуна гьел.

Гьоркьоб пачалихъги, чиновникалги журан хвезабичIони. ГIурусазул буго аби: "нет худа без добра" абураб. МагIарулаца абула: "ХIаркаталъулъ буго баркат" абун. Гьеб нухда хIалтIулел ва хIаркат бахъулел чагIаз камил гьабила кинабго. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG