МагъчIваялъе рес

Цояв – туснахъалъув, микьгоял – ралагьулел руго


Туркиялъ Россиялъухъе кьун вуго Сириялде вагъизе къачIарав Дагъистаналдаса МухIамад МухIамадов.

Гьев кколев вуго ЦIумада мухъалъул Кидироса гIумрудул 23 сон бугев гIолохъанчи. Низам цIунулез гьев ккун вуго исана январь бакьулъ Туркиялдаса рокъове тIадвуссунаго. Цинги цIех-рехалъул чагIазда гьесухъа сурав босулаго лъан буго МухIамадовасда цадахъго Сириялде рагъизе жеги анкьго-микьгониги чи аравлъиги. Гьелги Россиялъул батIи-батIиял регионаздасан анин бицун буго гьес.

Гьедин Дагъистаналда бугеб ЦIех-рехалъул комитеталъги лъазабулеб буго гъоркьисала марталдаса октябрь моцIалде щвезегIан Сириялда рагъулел рукIун тIатинарурал гьел гьабсагIаталда ралагьулел ругилан.

ИчIго чи рагIула гьезул. Амма цIарал мухIкан гьарулел гьечIо. Туркиялдаса ун ругила гьел гIорхъиги бахун. Сириялда бугеб рагъулъ гIахьаллъилалде гьел киназго рагъ хIадурлъиги гьабун бугила Алеппо шагьаралда.

Журналистазухъе щварал цо-цо баяназда рекъон, гьел кколел руго Россиялда терроралъул гIуцIилъун лъазабураб «Джабхат Ан-нусра» гIуцIиялда гъорлъе арал дагъистаниял.

Гьанже дов цевехун бицен гьабурав МухIамад МухIамадов рагIула жанив тIамун. Сурав босулелъул гьес бицун буго Росиялде арав жив хабарги бицун, вусса-сверизавунин цо чияс.

Буйнакскиялдаса адвокат НурмухIамад МухIамадовас цIунулев вукIарав Унсоколо мухъалъул ХарачIиса гIолохъанчиги I7 соналъ туснахъ гьавуна гьебго гIайибги тIад чIезабун - Сириялда вагъулев вукIанилан. Амма жив Египеталде динияб цIали гьабизе ун рокъове вачIунев вукIарав чи ккунилан, мукIурлъичIо гьев Сириялда вагъиялъул гIайибалъе.

Гьединго 25 февралалда Ростовалда байбихьизе ккола Унсоколо мухъалъул ХарачIиса росдал бегавул хисулевлъун вукIарав ГIабдула Абдураев абулев чиясда хурхун гIуцIараб ишалъул халгьабиги. Гьесде гIунтIизабулеб буго Сириялде иналъе гьес цогидазе кумек гьабиялъул гIайиб. Амма гьелда тIад рекъолев гьечIо гьезул адвокат НурмухIамад МухIамадов.

НурмухIамад МухIамадов: «ГIезегIан соназ росдал бегавул хисулевлъун хIалтIарав чи вуго гьев – ГIабдула Абдураев. Гъосул цояв вас вуго Туркалъ – сах гьавулев, цогидав гьанив – рохьилазда гьоркьов. Гьелъие гIоло батила гьевги жанив тIамун вугев. Дагъистаналдаса Ростовалъул СИЗОялде депортация гьабун ана».

ЭР: «Васал гьенир рукIуниги щиб… Гьесде чIванкъотIун гIунтIизабулеб гIайиб кинаб бугеб?»

НурмухIамад МухIамадов: «Балъгоял нугIзалги цере рехун, 20I3 соналда Шамилхъалаялда рагъулазул «УРАЛ» кьвагьизабиялъул гIайиб буго Абдураевасде гIунтIизабулеб. Гъол рагъулал хъулухъчагIазе ккараб заралги букIинчIо гьелдалъун. Гьеб гIайибалде тIаде жеги рохьилазе кумекалъе агитация гьабунилан абураб гIайибги буго рехсолеб. Кодоб кквезе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIину гурел жал руго. ХIакъикъияб жо гьеб букIарабани, киналгIаги нугIзал къваригIунароан гьенир… БукIаниги щибха, лъагIалица жанивги ккун, гьанже дове Ростовалде витIун вугоха гьев».

МоцIалъ цеве гьевго чиясул вацасеги кьуна туснахъалъул 4 сон, экстремизмалъул гIайибги гIунтIизабун.

НурмухIамад МухIамадов: «ЦIех-рехалдаги гьечIел гIолохъаби чIван рукIана 20I2 соналъул маялда. Гъол рукъулеб бакIалда кIалъай гьабунилан 4 сон кьуна мажгиталъул дибирасе. Гьединанго кьезе батила гьесул вацасеги. Сундухъниги балагьулел гьечIелъулха. МагIарулаз абула гьаниб гIанкI бугин, доба цер бугилан. Гьеле гьединал жалги кьочIое росун, гIураб заман кьезехъин бугеб къагIида досие (ГIабдула Абдураевасе – ЭР). ГIезегIан захIматал статьяби руго гьел. Гьединго гIадамазда бихьизелъун гьабулеб жоги букIине бегьула гьеб диван. Лъимал гьединаб бакIалда гьоркьор ругониги, жалго гьеб ахIвал-хIалалдехун хурхен бугел чагIи гуро гьев росдал дибирги бегавул хисулевги».

Россиялда Дагъистан рикIкIуна Сириялде рагъизе бищун цIикIкIун гIадамал унеб регионлъун.

XS
SM
MD
LG