МагъчIваялъе рес

Сириялдаса тIадруссарал туснахъалде кколел руго


Исламияб пачалихъалъул контролалда гъоркь бугеб ГIИракъалъул территория.
Исламияб пачалихъалъул контролалда гъоркь бугеб ГIИракъалъул территория.

Сириялдаса тIадруссарал тамихIалде цIай халатбахъунеб буго, гьедин такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Хасавюрт мухъалдаса Денгаев АхIмадида хурхун.

Дагъистаналъул прокуратураялъ тасдикъ гьабун буго АхIмад Денгаевасда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьи. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго федералияб къануналда рехсечIеб, яргъидгIуцIараб формированиялда гъорлъ гIахьаллъиялда бан.

ЦIех-рехалъул идараялъул версиялда рекъон, Хасавюрт мухъалъул Хасавюрт шагьаралдаса АхIмад Денгаев 2013 соналъ ун вуго Россия тун. Гьес цогидаб пачалихъалъул къануналда бихьизабичIеб яргъидгIуцIараб гIуцIиялъулъ гIахьаллъи гьабун буго. ГьабсагIаталда Денгаевасул иш кьун буго Хасавюрталъул мухъалъулаб диваналде. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул Прокуратураялъул сайталда.

28 сон барав Денгаевасул цIар рехсолеб букIанин 2013 соналда къуваталъул идарабаз тIиритIизарулел рукIарал Сириялде арал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул сияхIалда, амма Денгаевасул гIага-божаразухъа гьелда бан мухIканлъи щвечIин лъазабулеб буго «Кавказский узел» сурсаталъ.

Россиялъул федералияб цIуна-къаялъул хъулухъалъ цебеккун баян гьбун букIана «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъалда Россиялда изну гьечIого яргъидгIуцIаралги рагъулел рукIин, гьезда гъорлъ гIага-шагар 2000 дагъистаниял.

Социалияб ритIухъъи гьечIолъи, негативияб ахIвал-хIал ва цогидал фактораз радикалияб бербалагьи бижарал гIолилазе ИП лъугьунин цого цо гьеб киналдасаго тархъанлъун, эркенлъизе бугеб реслъунин баян гьабулеб буго «Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялде гIолилал сунца ине тIамулелин абураб суалалъе жаваб гьабулаго Ирина Стародубровскаялъ.

Объективиял гIиллаби гIолилал щай гьенире унелали жалго гьел гIолилазда гъорлъ цIех-рех тIобитIун лъазарун, гьел гьенире инчIого рукIиналъе щартIал чIезаризе ккелин хIукуматалъ, амма гьелдасаги, арал чагIи гьенире ун,тIад русссун рачIарал жанир тIами бигьаяб батулеб бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица.

Шамилов МухIамад: «ИПалде унин абун, нилъер хIукумат гуреб бакIалде ун, мухIканлъи чIезабичIогон чи жанив тIами цо рахъалъ мекъаб буго. Амма «Исламияб пачалихъ» абураб жо кIудияб питна буго, гьеб гъазаватлъунги рикIкIинчIеб, бусурбабаз къабулги гьабулареб, дунялалъул рагIалда бугеб бакIалде ине гIолилазул ракI цIалеб бугеб мехалъ, нилъер гьаниб гIадлуги низамги гьечIолъи буго, хIукуматалда жаниб гIолареб жо гьечIогон, рагъулъеги питнаялъулъеги гIадамал инароха.

Гьел бусурбаби щай унел гьенирелали цIехезе ккола, гIилла чIезабизе ккола. Хукуматги хIадур гьечIо гьелие гIилла гьаб бугилан абизе. Бокьа-бокьарав чияс бокьараб жо гьабулеб хIикматаб хIукумат буго гьаб, хIукуматалъул къуват бахъинабизе ккола, гьабсгIаталда гьеб къуват цо рахъалде хIалтIулеб буго».

Россиялъул ва регионазда жанисеб политика кIвараб куцалда лъикIаб куцалда жалго рихьиялда тIад хIалтIи гьабулеб бугин, гьедин тIоритIулел ругин батIи-батIия форумал ва цогидал тадбирал, амма улкаялъул гIолилазул 10 проценталдаса цIикIкIун гьелъ гъорлъе рачунарин, гьединлъидал гьединаб рахъалдасаги хIакъикъаталдаги кинабгIаги гIолеб гIел гъорлъе бчунеб куцалда гьабизе ккелин хIалтIийин тIаде жубана экспертас.

Гьединго гьал къояз Шималияб Кавказалъулаб рагъулаб диваналъ хIукму къотIун буго Дагъистаналдаса Акаев МухIамадсаидида хурхун. Гьесде гIайиб гIунтIизабун буго интернеталда терроризм ритIухъгьабулел ва экстремизмалде ахIулел хъвай-хъвагIаял лъеялда бан. Акаевасе кьун буго 3 сон туснахъалъул.

Гьанибго абизе ккола, церегIан къояз Дагъистаналда лъазабунин кибердружина абураб къокъа гIуцIиялъул, интернеталда экстремизмалде ва терроризмалде данде къеркьеялъул мурадалда.

XS
SM
MD
LG