МагъчIваялъе рес

Полициялъул хасал сияхIазде росаразе низам кьваризабулеб буго


Изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи бугел, гьезул кьерулъе лъугьине бегьулелин къуваталъул идарабазул системаялъ рик1к1унездасан гIуцIарал хасал сияхIал Дагъистаналда анцIгогIан соналъ церего гьарун руго.

Ахирал саназда гьел сияхIазде гIадамал цIакъго жигаралда росулел рукIанин полициялъулазилан абизе бегьула. Щибниги такъсир гьабун гьечIониги вагьабиязулин рикIкIунеб мажгиталде какде яги рузманалде рачIарал тIубарал автобусал цIун полициялъул бутIаялдеги рачун гьеб сияхIалде росана.

МухIканго чан чи гьенив вугевали абураб официалияб баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе, амма нижехъе щвараб официалияб гуреб информациялда рекъон жакъа къоялде дагьалдасан 12 азарго чи восун вуго гьениве.

ЦохIо ахираб укъго соналда жанив 7000 -гIан чи ккун вуго гьеб хасаб сияхIалде. Цере чанго моцIида жанир цоцIул полициялъул бутIаялде ахIун, яги телефоналъ кIалъан хутIулел рукIун ратани жал гьанже гьедин тIуралел гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гъизилюрт мухъалдаса МухIамадов ГIумарица.

МухIамадов ГIумар: «Цере щуго-анлъго моцIида жанир цоцIул ине кколел рукIун ратани полициялде, яги щибниги ккани жидецаго ахIулаан гьез, гьанже анкьида жаниб кIицIул ине кколел руго ниж, яги гьенире рачIине рес гьечIони кIалъан кир ругел, щиб гьабулел ругелали мухIканаб хIисаб кьезе кколеб буго.

Щай гьединаб низам чIезабун бугебин ц1ехараб мехалда гьелъиеги жаваб щвечIо нижее. Цо заманалда Дагъистаналда гIемер кьвагьа-гIанхъиял кколеб, гIадамал чIвалеб мехаллда щибаб лъугьа-бахъиналдаса хадур сордо-къоялъул батIалъи гьечIого тревогаги кьун рахъинарулел солдатал гIадин нижги рахъинарулаан полциялъулаз.

МугIрузул мухъазда кинаб букIаниги хасаб тадбир унеб бугониги Гъизилюрталда ругел нижедеги щолаан гьелъул тIираби. Ахираб заманалда гIодойбиччай букIана.

Гьоркьо-гьоркьор бакIалъул полициялъулав кIалъан вачIунаан кив вугев, щиб гьабулев вугевилан абун. Цо-цо гьезул кагътазда гъулбасизе полициялъул бутIаялдеги ине кколаан. Гьанже гьез багъаризабулеб бугеб жо гьеб гIорхъолъа араб иш буго.

Ниж такъсирчагIийищ ругел. Гьанже хIухьел цIазего тезехъин гьечIо нижее. КъваригIел ккун росулъа къватIий аниги яги хIалтIизе батIияб бакIалде аниги гьеб полициялъул бутIаялде ниж рачIинчIони Сириялде арал чагIи кколел руго ха, гьезул пикруялда рекъон».

Гъизилюрт мухъалдаса гIолохъабаз гурони жеги гьедин хасаб хIисабалда полициялда ругездехун низам кьваризабунин жидедехунин цойгидал бакIалда г1умру гьабунругез абичIо жеги. МахIачхъалаялдаса жамгIияв хIаракатчи ХIажиев ХIасаница «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабухъе хасал сияхIазде гьев 2013 соналда восун вуго.

Гьев живго гIадал диниял жамгIиял хIаракатчагIигун низам цIунулезул гIорхъолъа арал ишазде данде митинг гIуцIаразул цояв вукIун вуго. Гьеб митингалда полициялъ ккун хадув, ккун вуго гьевги хасал сияхIазде. Гьениве восун вукIунин абун гьанжелъагIан батIияб тIадецуй гьабичIин полициялъин.

Жиндица гIумру гьабун бугеб мухъалъул бакIалъулав полициялъулав зама-заманалдасан кIалъалила мун кив вугевилан цIехезе, жинца жаваб кьечIеб мехалда эбелалъухъе ахIулила, тIокIаб кинабниги хадубчIей букIинчIин жиндайилан.

Москваялда вугев мехалдаги эбелалъухъе гьев полициялъулас ахIун батидал, жив гьесухъе тIад вуссун кIалъан жив Москваялда вугин абидал гьес тIокIаб щибго жо цIехечIин бицана гьес. Амма гьеб анкьида жаниб кIицIул полициялде хьвадизарулел ругони жал гьезул кверщаликь ругел, такъсирчагIазда релълъунел ругин абун разигьечIолъи буго ХIасанил.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялде цIакъ гIемер рачIунел руго гьел хасал сияхIазде росиялдаса разигьечIезул гIарзал. Хас гьабун диваналда гьезул ихтиярал цIунун хIалтIулев адвокатгицин вугин жидерилан бицана «Мемориал»алъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Дациев Сиражудиница.

Гьев инсанасул ихтиярал цIунулес абулеб буго ахираб заманалдани низам цIунулез гьел жидерго хасал сияхIалде цере ккара-ккарал чагIи росулел ругилан.

Сиражудин Дациев: «Нижехъе гьоркьоса къотIичIого гIарзалъ рачIуна гьел хасал сияхIалде росиялдаса разигьечIел. Жеги анкьида жанир кIицIул полициялде ине тIамулел ругин абуразул гIарза бачIинчIо жеги. ГIемерисезул рахIатхвезабун букIуна нухда унеб бакIалда хал гьабизейилан абун полициялъулаз чIезабураб бакIалда дагьабниги мегеж бугев чи гьез хантIан хасал сияхIалде росулел рукIиналъ.

Нилъераздасаги цIакъ гьеб ишалъе хIаракат бахъулел чагIи руго Россиялдаса гьанире заманалъ хIалтIизе ритIун рачIарал хасал идарабазул хIалтIухъаби.

Гьез цеве ккара-карал гIадатиял гIадамалги росун лъолел руго гьеб сияхIазда. МухIканго чан чи гьенире росун ругелали дида лъаларо, амма дицаго хIисаб гьабураб мехалда республикаялда ругел гIолилазул 40 % ниги гьенире росун ругин кколеб буго дидаго. Гьедин гьанже гьезул кьерулъ цохIо салафиял гурониги суфиялги, Аллагьасдаго божуларел атеисталгицин кколел руго».

ЧанцIул ахIаниги Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъухъан гьел полициялъул хасал сияхIазда росараздехун низам щай кьваризабурабин абураб баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе.

XS
SM
MD
LG