МагъчIваялъе рес

Сириялдаса нахъе руссараздасаги босизе бегьула пайда...


Шамалдаса тIадвуссарав Унсоколоса МухIамадов ХIажие диваналъ къотIун буго I7 сонил туснахъалъул тамихъ. Дагьалъ цебе цоги Дагъистаниясе кьун букIана 25 сон.

Щай Шамалдаса ва гIагараб Востокалдаса Дагъистаналде тIадруссунел гIолилал рачIинахъего къуваталъул идарабаз кколел ругел, руссунел ругищ гьел ва кинал шартIал рукIине кколел ватIаналде щваралго эркенлъуда хутIизе, щай Дагъистан тун арал киналго гIолилазде щаклъи кколеб? ГIатIидго бицунеб буго нижер мухбир Абакаров Рамазаница.

Гьал къоязда диваналъ 17 соналъул туснахъ къотIана Унсоколо мухъалдаса МухIамадов ХIажие. ЦIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон, Шамалда гьев вукIун вуго Россиялда терроистикияблъун рикIкIунеб Исламияб пачалихъалъул рагъулал къуватазда гъорлъ вагъулев. Диваналъ чIезабун буго, МухIамадов 2012 соналъ Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ аскIоб полициялъулгун бакIалъулазул тунка-гIусиялда гъорлъ гIахьаллъанин, 20I3 соналъ анин Шамалда вагъизе.

Дагъистаналда вукIаго гьес изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулеб букIун буго. МухIамадов ккун вуго Мисриялда 20I4 соналъ, гьениве гьев щун вуго Туркиялъа. Дагъистаналда гьесул рокъоб ярагъ ва кьвагьулел алатал ратун ругилан лъазабуна цIех-рехалъул идараялъ.

Шамалъул рагъда гIахьаллъи гьабун рукIарал дагъистаниязе Россиялъул диваналъ цоязда хадуб цояб кIудиял тамихIал къотIулел руго, цониги чиясе кьечIо I0 сонидаса дагьаб болжалалъул туснахъ. ТамихI кьваризабунилан гьенире унезул къадар дагьлъулеб гьечIо. Гьелъул бакIалда, тIадруссун рачIарал, мекъи ккарал гIолилал гьенире цогидал унгутIиялъе пропагандаялъе хIалтIизаризе кколилан рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Абакаров Абакарица.

Гьесул пикруялда рекъон, гIемерисел Шамалде арал гIолилал рекIекълъун руго гьеб галиялдаса ва тIадруссунел руго. Цо-цоял руго Туркиялъ, гьенирги паспоратал гьечIого ва цоги проблемабигун руго дагъистаниял.

Абакаров Абакар: «Дир хIисабалда гьел чагIаздаса пайда босизе бегьулаан, рагъда иналда данде пропаганда гьабиялъе. Гьезие кIалъазе рес кьезе кколаан, информалатаздаса бихьизабизе кколаан, щайгурелъул, гьездаса лъикI лъицаниги бицинароан доба бугеб ахIвал-хIалалъул, доба гьезда унго-унгояб жужахъ бихьун буго. ГьабсагIаталдаги нилъер республикаялда руго доре Шамалде гочизе хIадурарал гIолилал, гIемерисел гьезул руго жеги щибниги бихьичIел, лъаларел гIолохъаби. Гьединлъидал, жакъа тамихIалде цIалел ва туснахъалъуре реххулел гIолилал руго терроризмалда данде гьабулеб пропагандаялъе кIвар бугел чагIи. БичIчIулареб жо буго, щай гьел кIудиял туснахъалъул болжалалги кьун жанир лъолел».

Россиялдаса ва СНГялдаса 7 азаргогIан чи ун вуго Шамалда рагъизе. Гьел тIадруссине риччазе бегьуларо, рагъда махщел щварал террористал ватIаналде руссун хадур гьез кIудиял балагьазде рачине руго. Гьединаб лъазаби гьабун букIана I6 октябралда СНГялъул пачалихъазул бутIрузул данделъиялда. Президентас киналго пачалихъал ахIулел рукIана террризмалда данде цадахъ лъугьун къеркьезе.

Пачалихъалъул лидерасул рагIабазда рекъон хIалтIулел руго Россиялъул къуваталъул идараби ва диваналъул система абун хъвалеб буго гIалимчи-кавказовед Ярлыкапов Ахметица. Гьесул пикруялда рекъон, Шамалдаса руссарал гIолилазда данде диваналъ цIикIкIун жигар бахъулеб буго, хIатта къватIисел улкабазда, мисалалъе, Украинаялда рагъизе аразе кинабгIаги тамихI гьабулеб гьечIо.

Щиб гьабизе кколеб Россиялъул тIалъиялъ Шамалдаса руссунел террористазда дандечIей гьабизе ва кинаб хIинкъи бугеб Шималияб Кавказалъе гьездаса абураб темаялда тIаса хъвараб гIелмияб хIалтIуда Гарвардалъул университеталъул гIалимчи Марк Крамерица хъвалеб буго, I6 соналъ Кавказалда терроризм къезабизе кIвечIеб пачалихъалъе цIакъ захIмат букIине бугин цIияб хIинкъиялда дандечIей гьабизе.

Россиялда гьукъараб Имарат Кавказалда ва Исламияб пачалихъалда гьоркьоб кIудияб батIалъи буго, кIиабилеб цIакъго къуватаб бугоян хъвалеб буго гьес. ГIагараб заманалда гьеб хIинкъи лъугIизабизе рес гьечIо. ГьабсагIаталда бищунго битIараб нух буго, гьеб кIиго идараялда гьоркьоб бугеб рагIи дандеккунгутIиялдаса пайда босиян рикIкIунеб буго гIалимчияс.

XS
SM
MD
LG