МагъчIваялъе рес

«Политикаялъулъ чIванкъотIи гьечIо - щив экстремист, щив вацIцIадав бусурманчияли»


Дагъистаналда бищун гIемер лъималги гьарулел, бищун гIемер халичабиги рессулеб, бищун гIемер экстремисталги гIемерлъулел ругеб мухълъун рикIкIуна Табасаран. 11 лъимер бугеб гьениса хъизаналъул хIакъалъулъ бицана гьал къоязда «Голос Америки» радиоялдасан журналист Фатима Тлисовалъ. Советияб заманалда мукъсанабго харжихъ пачалихъалъе халичаби рессулел рукIарал табасараназул руччаби гьанже гьел фабрикабиги къан рес къотIун руго.

Гьедин цоял Россиялде унел руго заманаялъ хIалтIизе, цогидалин абуни кколел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кIичIикье. Интернеталдасанги дора-гьанисанги гьарулел хитIабазда гьединал гIолохъабаз жалго ритIухъ гьарун бицана хIакимзабазул ришватчилъиялдаги тIекълъиялдаги ццим бахъун анин жал ярагъ кодоб кколезда гъорлъе.

ГьанжелъагIан гьединал гIолилал рохьаздеги ун рагъулел рукIун ратани, гьанже гьез тIаса бищулеб буго Сириялда рагъи. Россиялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Бортниковасул баяназда рекъон, ИГалда гъорлъе арал дагъистаниязул къадар кIиазарго чиясде бахуна.

ГьанжегIагар Дагъистаналъул телевидениялдасан кIалъалаго республикаялъул бетIерасул гIакълучи Денга Халидовас абуна ИГалъул чагIаз гIадамал божизарулел ругила гьеб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамад аварагасул наслуялъул чи вугин, гьединго гьев вугин дунял хвасар гьабизе Аллагьас витIун вачIарав Магьди. Диналъул рахъалъ загIиплъи бугел чагIиги бигьаго гьелда божулел ругила.

Экстремистаздехун гьетIи бугел чагIи бокьараб диналъул, бокьараб миллаталъул жамгIияталда рукIине бегьулин, амма цIадабе нарт тIолеб кинигин, гьел рагъаризарулила, гIорхъи тарал ишал гьез гьариялъе квербакъулила хIукуматалъул мекъаб политикаялъин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Мурад ГIисалгIабдулаевас.

Мурад ГIисалгIабдулаев: «Школазда кIаз чIвазеги гьукъани, мажгитаздаса гIадамалги рехъерхъизе лъугьани, мажгитал разеги гьукъани – хIукуматалъул ритIухълъи гьечIолъи бихьани – чи бигьаго уна зани бегизабурал жал гьаризе. Экстремистилан (гIемерисеб мехалда) абулаха хIукуматалда данде вагъулев чиясда. Гьелде жибго хIукуматалъ тIамула гьев.

Гьелъие гьадинаб далилги буго. Масала, хIисаб гьабе, Ельциница Чачаналде аскар рехизегIан Дагъистаналда, Кавказалда рукIанищ экстремисталги террористалги? Цониги рукIинчIо. Рачун тIаде танкалгун гъурана 200 азарго чи.

Гьеб мехалда ракIарана гьенире дунялалда ругелщинал хасал хъулухъазул чагIиги террористалги – щибго букIинчIеб бакIалда бижун бачIана террор. Жидеда тIад гьабураб зулмуялъ ракIхварал чачаназин абуни байбихьана гIурусазда данде рагъизе гъове бокьарав чи ахIизе. Гьанжеги лъугIулеб гьечIо гьеб. ЛъугIизе ккани, киназего тамихI гьабизе кколелъулха – Ельциница шапакъатал кьурал генералзабиги цогидалги.

Данде вагъарав Къадировасеги щвана меседил медаль… Гъолъул хIасил ккечIелъулха. Гьебго жо ккана ГIиракъалдаги. Америкаялъ бомбаби рехана - щущазабуна халкъ. Бижун бачIана терроризм. Жакъа Дагъистаналдаги – бусурбабазда аскIоб - Москваялъ рацIцIалъи цIунани, экстремизмалъе кинабгIаги нух къала. Ресалги къотIула.

Гьединлъидал бусурбабазда хурхун цо чIванкъотIараб политика гьечIо Россиялъул – щив экстремист, щив вацIцIадав бусурманчияли. Метерисеб къоялъ бокьарав чи ккезехъин вуго экстремистлъун. ЧIванкъотIараб жо гьечIо – щив чи кколев гьав, щив дов цояв?»

Дой «Голос Америки» радиоялъул журналист Фатима Тлисовалъ бицен гьабулел табасараназул вас Рамис Мирзахановасда хурхунги руго батIи-батIиял пикраби. Табасаран мухъалъул депутатлъун вукIарав гьев низам цIунулез экстремистазул кумекчилъун рикIкIунев вуго гьанже. ГIагараз абулеб буго экстремистал жалго рукIанин гьев чIвазе къваригIун.

Цо заманалда терактазул рахъалъ ГIиракъалда бащалъизабулеб букIараб Дагъистаналда гьел терактал гIицIго экстремистазищ гьарулел рукIарал, ялъуни бизнесалъулъгун политикаялъулъ ругел конкурентал цIикIкIиналъищ кколел рукIаралали бичIчIулеб гьечIо дагъистаниязда. Кин батаниги, ахираб кIиго соналда жанир гьел гIемерго дагьлъанин рикIкIуна бакIалъул гIадамаз.

2004 соналда Бесланалъул школа гъоркьлъалие босун нахъисеб соналъ Россиялда 3 сентябрь лъазабуна терроралда дандечIей гьабулеб къолъун.

Гьеб къоялъ Дагъистаналда тIоритIана терроралъул балагьалъул бицун данделъаби, гIолилаз рахъана гьеб темаялда тIасан суратал, ана тIугьдул лъезе гIумруялдаса ратIалъарал полициялъулазул монументалда цере. РукIана концерталги, хIатта фейерверкалгицин. Масала, МахIачхъалаялъул Редукторный мухъалда.

Амма гьединан тIасахун тIадкъайги кьун лъагIалида жаниб тIобитIулеб чанго тадбиралъ терроралда дандечIеялъе гьабизе жо букIунарин абураб пикру загьир гьабула республикаялда гIемерисез: яги гIолилазе асар гьабулеб куцалда гьезулгун хабар бицине кколила, ялъуни профилактикаялъулгун агентураялъул рахъ лъикIлъизабизе кколила. Гьединго лъицаниги щалниги доре-анире цIаларедухъ гьезда сверухъ шартIал гIуцIизе кколила.

Масала, гьабсагIаталда гIадамал терроралда гъорлъе цIаялъул хIинкъи мажгитаздаялдасаги интернеталдасан бугин рикIкIуна низам цIунулез. Исана май моцIалда Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабун букIана жидеца экстремистазул нусгогIан сайт тIатинабунилан.

Дагъистаналда терроралъул хIужаби раккана цебесеб гIасруялъул 90 абилел соназда. Бищун вахIшияллъун рикIкIуна Каспийскалдагун, Гъизляралда ва Буйнакскиялда гьарурал терактал.

XS
SM
MD
LG