МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул тахиде нух бахъулел къокъабазул "къеркьеялъул" ахирго бихьулеб гьечIо


Буйнакскалъе бетIерлъи гьабизе  къваригIаразда гьоркьоб бугеб дандеккунгутIи дагьабги хIалуцунеб буго.  Цере шагьаралъул мажлисалъул депутатал кIийиде рикьун рукIун ратани, гьанже гьел лъабиде рикьун руго.

Исана сентябралда рукIарал муниципалиял рищиязда бергьенлъи босарал Россиялъул ветераназул партиялъул депутатал цин ГIусманов ГIусманил рахъалда рукIана. Гьезул 17 депутат вукIана Буйнакскалъул мэр ХIамзатов ХIусенил рахъалда ругел ункъго депутат гурони мажлисалде вищун вукIинчIо. Гьанже гьел ветераназул партиялъул депутаталги кIийиде рикьун руго. Гьезул гIемерисез рахъ кколеб буго заманалъ Буйнакскалъул мэрасул ишалтIуралевлъун тарав Закаря ГIамировасул.

Гьаб сагIат шагьаралда бугеб захIматаб сиясатиябгун жамгIияб ахIвал-хIалалъул ва ГIусмановасдасагун ХIамзатовасдаса жидер бугеб разигьечIолъиялъул бицана гьел ГIамировасул рахъалда ругел депутатаз 27 январалда МахIачхъалаялда «Черновик» газеталда тIобитIараб пресс-конференциялда. Гьениб депутатаз лъазабуна жидеца тIокIаб ГIусманов ГIусманил рахъкколеб гьечIила щай гурелъул гьесие шагьаралъул депутатазул мажлис биххизе къваригIун бугилан.

Гьебго къваригIун бугила гьаб сагIат ХIамзатов ХIусениеги. Гьединлъадал гьел цадахъ рекъон депутатазде тIаделъун ругила гьел мандатал нахъе кьейин, гьелги кьун мажлисги биххун цIидасан рищиял гьаризе рукIине. Жал гьелде дандечIун ругила, халкъалъ рищарал жал щайила гьениса нахъе ине кколелилан абулеб буго депутатаз. Гьелде тIадеги республикаялъул тIалъиялъеги ГIусманов данде кколев вукIинчIила. Гьединлъидал тIалъиялъеги дандекколев, жидедаги лъикIав нухмалъулевлъун вукIинин кколев Закаря ГIамировасул рахъккунила жидецайилан бицана гьеб данделъиялда депутатазул цояв Жанхватов Атагишица.

Жанхватов Атагиши: «Нижеца цониги къанун хвезабичIо, республикаялъул бетIерасги улкаялъул президентасги абуралде дандеги рахъинчIо ниж, гьезул нухдаса унел чагIи руго ниж. ГIусманов тIалъиялъе дандекколев вукIинчIо, ХIамзатов нижее данде кколаро. ГIусмановасе нижер щибго ургъелго букIинчIо, гьесие цохIо нижеца мандаталги нахъе кьун, цIиял рищиял къваригIун рукIана, гьебго къваригIарав ХIамзатовгун рекъон нижеде тIадецуй гьабулеб букIана гьезул чагIаз.

ХIинкъаби кьун, полициялъул хIалтIухъаби рокъо-рокъоре ритIун, хIатта-рухун кьабунгицин мандатал нахъе кьезаризейилан лъугьун рукIана гьел. Нижеца Закаря ГIамирров вищулев мехалдаги кIварал квалквалал гьаруна гьез нижее.

Депутатал данделъиялде риччалел рукIинчIо гьез. Нижеца ГIамировасул рахъккуна щай гурелъул гьев вуго тIалъиялъе дандекколев, Буйнакскги лъалев, хIалтIунги бажарулев чи. Гьев Буйнакскалда прокурорлъун вугев мехалда шагьаралда букIараб гIадлу кинабго чIахIияб гIелалъул чагIазда ракIалда буго.

Гьединлъидалги гьеб гуребги ХIамзатовги халкъалда рихун вукIиналъ, ГIусмановги гьезда чIалгIиналъ, халкъалъги ГIамировасул рахъкколеб буго. Гьес шагьаралда гьаризехъин ругел хIалтIабазул планалдаги цIакъ ракI рекъана нижер. Гьевгун цадахъ рекъон хIалтIун шагьаралда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъизабизе къваригIун буго нижее».

Гьединго гьеб данделъиялда депутатаз бицана ХIамзатов ХIусеница хъулухъалдаса нахъе ине вугин хъвараб гIарза унгояб бугилан. Гьеб жанисел ишазул идараялдеги кьун гьелъие хасаб экспертиза гьабизегицин хIадур ругин жалилан. «Эркенлъи» радиоялъ цебехун бицун букIахъе 12 январалда нахъе ине гIарза хъван бугин ХIамзатовасин лъазабуна шагьаралъул мажлисалъул депутатаз. Нахъисеб къоялъго гьеб документ гьересияб бугин гьес гьеб гIарза хъвачIилан лъазабун букIана ХIамзатовасул рахъкколез. Гьелда хурхун прокуратураялде гIарзаги битIун букIун буго гьез.

28 январалда гьебг о «Черновик» газеталъул редакциялда букIараб ХIамзатов ХIусенил рахъккуразул пресс-конференциялда, Буйнакскалъул администрациялъул бетIерлъун вукIарав Валиев Зайирбегица лъазабуна гьеб гIарза гьересияб документ бугилан. Гьединаб гьеб букIин чIезабун бугила ФСБялъ гьабураб хасаб экспертизаялъги, гьелъул хIасилал Буйнакскалъул прокуратураялда ругин абуна гьес.

Цебесеб къоялъ Закарья ГIамировасул рахъалда ругел депутатаз ГIусмановги ХIамзатовги цадахъ рекъон гьезде тIадецуй гьабулел ругин абиги гьереси бугин лъазабуна Валиевас.

Валиев Зайирбег: «ХIамзатовги ГIусмановги цоцада кIалъазеги кIалъаларо, гьезул дандчIвайги букIинчIо, гьел цадахъ рекъон депутатазде данде хIалтIилел ругин абиги гьеб гьереси буго. Амма гьел кIиязего гьаб сагIат бугеб депутатазул мажлисги биххун цIиял рищиял тIоритIизе къваригIун буго. Гьеб суалалъулъ цо рахъалда руго гьел, амма цоцалъ рекъон гьечIо.

Дида лъалеб бакIалдаса гIебеде гьел депутатаз мандатал нахъе кьейилан тIалаб гьабун тIадецуйги гьабичIо, гIарац кьун гьел ричун росизеги ХIамзатовасул чагIаз хIалго бихьичIо. Гьелъул гIаксалда жидеего бокьун мандаталги нахъе кьун депутатлъиялдаса ине бокьарал хIалгьабун гьенир чIезарун руго гьанже ГIамировасул рахъалде арал депутатазул къокъаялъ. Гьез рухун-кьабун, хIалихъе чIезарун руго гьел».

Гьединго пресс-конференциялда Валиевас лъазабуна ХIамзатов ХIусен цIидасан цIакъ унтун лъугьун, гьаб сагIат Москваялда вугила, гьединлъидал вачIунев гьечIила гьев хIалтIуде. Мадар лъугьарабго жиндирго хъулухъалде тIадвуссине вугила гьевилан.

1 февралалда Буйнакскалда лъугьа-бахъунелда тIасан жидерго пикру загьир гьабун пресс-конференция тIобитIизе буго гьеб депутатазул мажлисалъул ГIусманов ГIусманил рахъалда ругезул бутIаялъ.

XS
SM
MD
LG