МагъчIваялъе рес

ТахбакI биларав БатIал ва цIиял тIалабал


Гъизилюрт мухъалъул СултIанянгъиюрт росулъ щваян республикаялъул бетIерасул пресс-хъулухъалдаса амру бачIарабго тIоцебе бичIчIичIо, хадуб бокьичIого къабул гьабуна, ахиралда "щибгIагидай азие аб щамат къоялъ гIадамалги ахIун лъарагIазул росулъ гьабизе къварегIун бугеб? Щай СултIанянгъиюрт? Я МахIачхъала гуреб, я Буйнакск гуреб, я жибго Гъизилюрт гуреб, Гъизилюрт районалъул росулъ щай гьеб гьабулеб?" абурал суалал рачIана.

БукIун буго гьелъул цо хIисаб. ТIоцебесеб иргаялда - Гъизилюрт район буго республикаялда цере тIураздаса цояблъун рикIкIунеб росдал магIишаталъул район. КIиабизе - гьелъул бетIерлъун вуго республикаялда, хIатта бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасде гIунтIун лъикIал гьоркьорлъаби ругев МухIамад Шабанов. Гьесул хIаркаталъул хIасил букIин бичIчIана. СултIанянгъиюрталъул гьоркьохъеб школалъул азбаралда кьер гьабун лъун бугоан лъикIаб рекьарул ва тIорщел бакIарулеб техника.

Цадахъ Гъизилюрт районалъул бетIер МухIамад Шабановгун Рамазан ГIабдулатIиповас ва республикаялдаса рачIарал хIакимзабца хал-шал гьабулеб букIана техникаялъул. Гьениб гIагардаго бугоан росдал магIишаталъул выставкаги. Ахалтекин тайпаялъул чуял, чахIияб тIаса бищараб тайпаялъул оцалгун гIачи, куйдул ва Хасавюрт районалъул Костек росулъа къиматаб цIоко-къехь бугел цакьуял (росомаха).

Гьезда цебе свериги бахъун киналго ракIарана районалъул ва шагьаразул бутIрул, министрал ва хIукуматалъул жавабиял хIалтIухъаби, халкъияб информациялъул алатазул редакторал гIахьалъараб данделъиялде. Республикаялъул бетIерас хIасилал гьарулел рукIана щивав муниципалитеталъул нухмалъулев вахъизавун гьезул социалиябгун экономикияб хIалалъул, лъагIалил магъалаби ракIариялъул ва кьолеб букIана болжал гIадлу гьабизе. Баркана цIирищарал бутIрузда хъулухъал. Хадубго рагIи кьуна росдал магIишаталъул министр БатIал БатIаловасе.

БатIалица цIалулеб букIана мухIканго гIадатияб трафареталъулаб, киналго министраз цIалулелда релълъараб доклад. ГIабдулатIиповас кIицIул чIезавуна министр: "Дуца дие бицунге жалго жидецаго хьихьулел фермеразулги, жалго бетIргьанаб боцIи хьихьун гIадамаца базаралде кьолел нигIматазулги. Дуца бице, кинаб цебе тIураб программа, технологиял ва нигIматал гIезариялъул къагIидаби министерствоялъ фермеразе кьурал? Гьениб бачIараб гIарац бикьиги, бичараб гьангун рахьалъул хIисаб кьейги хIажат гьечIо дие..." -ян. БатIал багIарлъана, нахъойги къо бихьун къачIараб доклад цIализе жувана.

-БатIал, щибизе дуца нижееги, дуцаго дуегоги гIакъуба кьолеб, мун эркен гьавулев вуго дица хIалтIудаса. Батила дудаса пайда щолеб цониги иш, гьелда тIад ургъила, гIодов чIа... - ян абуна ГIабдулатIиповас. Залалда сихIкъотIи лъугьана. БатIаловас минуталъ цере министрасул рукIарал, гьеб лахIзаталъ лъиениги хIажат гьечIел кагътал данде гьаруна, залалъухъ валагьана, республикаялъул бетIерасухъ валагьана.

-Баркала дун хIехьаралъухъ - инги абун залалде ана жив гIодов чIараб бакI балагьизе. ГIабдулатIиповас тIад вуссун бичIчIизабуна нухмалъулезда цIияб заманалда рекъон хIалтIизе кколин. Данделъиялъул аслияб суал букIана финансовияб кризисалъул шартIазда нилъго нилъеца хьихьи нигIматал гIезари, бюджеталъул экономия гьаби ва муниципалитетаз магъалаби ракIари.

Гьел суалазда тIаса лъикIаб ва магIна бугеб доклад букIана республикаялъул бетIерасул администрациялъул нухмалъулев Рамазан ГIалиевасул, вице-премьер Раюдин Юсуповасул, гьалбал къабул гьарурав Гъизилюрт районалъул бетIер МухIамад Шабановасул, республикаялъул налогазул инспекциялъул нухмалъулев ГIумахан ЖабрагIиловасул. Повесткаялда букIараб кIиабилеб суал букIана ГIабдулатIипов вачIаралдаса повесткаялдасаго бахъичIеб "культура ва невежество" абураб суал. Аслияб доклад гьабуна республикаялъул бетIерас.

КIалъайгун цее яхъана культураялъул министр Зарема Буттаева, Болъихъ районалъул бетIер МухIамад ПатхIулаев. Киназго бицунеб букIана культура кIвар бугеб жо бугин. Бугинха бетIер гьанкIезабулел бутIрулги рукIана. Ахиралда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас экономикагун культураялъул бугеб бухьен бичIчIизабураб, повесткаялда букIараб кIиго аслияб суалалъул хIасил гьабураб кIалъайги гьабун данде бачана росдал магIишаталъул форум. Рахъ-рахъалде цIиял масъалабигун министрал ва бутIрулги ана. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG