МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар


Араб анкьги Дагъистаналда кьвагьа-гIанхъиялдасан байбихьана. 6 маялда хасал тадбирал тIоритIулелин абун Буйнакскалда лъабго мина кьвагьизабуна. Гьелъие гIиллалъун ккана гьел рукъзабахъ кьвагьулел алатал рати ва полициялъулаз абухъе нахъе росизе бажаричIого гьенирго кьвагьизаризе ккун руго гьел. Минабазул бетIергьабиги кьвагьулел жал ва ярагъ гьабиялъул, гьединго гьеб цIуниялъул гIайибги гIунтIизабун моцIица туснахъ гьарун руго. Гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан гIемера хъвай-хъвагIаял тана батIи-батIиял сайтазда Дагъистаналъул интернетчагIаз. Бищунго цIакъ Фейсбукалда букIанин гьелъул бицунебилан абизе бегьула.

Журналист Зарема ХIасановалъ Фейсбукалда хъвалеб буго:

ХIасанова Зарема: «Цадахълъугьун киназго баркала кье гьанже нилъер заманаялъ нухмалъулевлъун вугесе. Балагьарабго лъалеб буго Рамзан Къадировасул къагIидаби. Чачаналъги гьебго къагIидаялъ кьвагьулел рукIана изнугьечIого яргъид гIуцIаралин рикIкIунезул ва гьезул гIагарлъиялул минаби. Цо рахъалъ босани гIайиб чIвазе багьанаги гьечIо, щай гурелъул кьвагьулел алатал ратун ругелъул, къануналда рекъон тамихIги гьабизе ккола, цоги рахъалъ босани гьел полициялъулазул тадбираздаса хадуб гьанжеги дагьабги цIакъ халкъ дандечIчIезеги буго. Щай гурелъул халкъалда лъалелъул унго-унголъун кин щиб гьеб бакIалда ккарабали, гьел къуваталъул идараби кин хIалтIулелали. Гьел идарабазул хIалтIул къагIидабаз лъикIлъиялде рачунаро».

Гьебго Фейсбукалда камичIо минаби кьвагьарал гIадамазе рекъараб тамихI гьабун бугин хъвадарулелги. «БусурманчIужу» йилан абураб цIаралда гъоркь хъвадарулей ясалъ хъвалеб буго битIарабги, рекъарабгийила гьел чагIазе гьедин тамихI гьаби. Дагьабги цIакъ гьабизе кколаанила, щай гурелъул гьел ругила рохьилазул умумул ва гIагарлъи. Рохьилаз чан чийила чIварав, гьез чIваралдаса чанго нух цIикIкIун чIвазе кколин гьелги, гьезул гIагарлъиялъги жаваб кьезе биччан тейилан жидер лъималаз гIадамазде бачараб балагьалъухъилан хъвалеб буго «БусурманчIужуялъ».

Гьединго гIемерчияс кIалзухъ бахъана ва интернеталда жинда сверун гIемераб ахIи-хIур бахъинабуна адвокат ва блогер Расул Къадиевас, Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъ республикаялъул конституциялъулъ гьабураб хиса-басиялда хурхун, республикаялъул ТIадегIанаб Диванханаялде гIарза хъвай. Гьелъул хIакъалъулъ Расулица жиндирго блогалда хъвай-хъвагIай тун буго. Гьеб конституциялда гьабураб хиса-басиялда рекъон гьаб нухалда республикаялъул нухмалъулев парламенталъ вищизе кколин абураб. Адвокатас гьелда хурхун дагIба балеб буго. Гьесул пикруялда рекъон щивав инсанасул букIине ккола ихтияр жиндирго нухмалъи бищизе.

Гьединго Къадиевас бихьизабулеб буго республикаялъул бетIер вищиялда хурхун конституциялъулъ гьарурал хиса-басиял къануналда данде кколареб хIалалъ гьарун ругилан.

ГIемерисел интернеталда хъвадарулез Расулил рахъ кколеб буго. Гюльнара ХIажиевалъ хъвалеб буго Расулица гьабураб иш бугила унго-унгояб гражданияб ишилан. ЦIакъго-цIакъ Къадиевасулги гьесул гIарзаялъулги хIакъалъулъ хъвалеб букIана Твиттералдаги. Гьенир Дагъистаналъул блоггерал кIийиде рикьанин абизе бегьула. Гьенирги Расулил рахъ кколел чагIи цIцIикIкIун рукIана, амма гьесда данде чIаралги дагьал рукIинчIо. МахIачхъалаялдаса хъулухъчIужу Зайнаб ГIалимирзаеваги Расулида дандечIун йикIанин абизе бегьула. Гьелъул пикруялда рекъон Дагъистаналъул гIадамал жеги хIадурун гьечIо унго-унгоял халкъиял рищиязде.

Гьал къоязда Рамазан ГIабдулатIиповас Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмлъулев хисулев Юсуп МухIамадовасул бакIалда Шарип Шарипов теялда ва ГIабдулатIипов нухмалъуде вачIун хадуб гьоркьоса къотIичIого хъулухъазда гIадамал хисилъулги гIемер хъвана гьаб анкьица интернеталда.

«Кавказский Узел» сайталъул форумалда Gonty абураб цIаралда гъоркь хъвадарулес гьадин абулеб буго.

«Дида лъаларо ГIабдулатIиповасе лъабго моцIида жанир кинал хIасилал Юсупица рихьизаризе къваригIун рукIаралали. Гьебго болжазда жаниб гьесул жиндирго кинал хIасилал ругел? Дида ГIабдулатIиповасул гIадамал хIалтIуде рос и ва нахъе рахъиялъул политика цере лъурал масъалаби кин тIуралелали лъалареб мехалда бадир килщал тенкезариялда релълъун бихьула. Гьанже къватIибе бачIана ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Саврулин хIалтIудаса вахъиялъул хIакъалъулъ информацияги. Гьебги республикаялъу прокурор хисиги кинабго жиндица гьабураб жо бугин абизеги нахъе вахъинаро Рамазан ГIабдулатIипов. ­­

Гьебго форумалда Forward абурав блогерас хъвалеб буго Рамазан ГIабдулатIипов МухIамадсалам МухIамадовасда релълъунев вугилан. Гьес жинцаго кьураб рагIиги кколеб гьечIила. Гьеб бихьулеб бугила ГIабдулатIиповас Бабаюрталъул ришватчи администрациялъул бетIер «вацIцIинеги вацIцIун» гьанже Москваги гьоркьоб ккун цоги хъулухъалде тункулев вугеб куцалдасан. Гьеб кинабго гьабулеб бугила цоцазе санагIалъаби рукIунеб хIалалъ, чорокаб, беццасдаги бихьулеб, гIантасдаги бичIчIулеб хIалалъилан.

Гьединго араб анкьица аслияб къагIидаялъ Дагъистаналъул интернеталда гIемер сверухъ кIалъаял ккараблъун букIана Бостоналда кьвагьиял гьарурал вацал Царнаевазул тема. Полициялъ чIварав Тамерлан Царнаев гьенив вукъизе америкаялъул халкъалъ виччангутIиялъул, гьев Дагъистанада вукъизе эбел-инсуца ресал ралагьулел рукIиналъул, Тамерлан Царнаев Дагъистаналде вачIараб мехалда «РитIухъазул Цолъи» абураб союзалъул нухмалъулев, ва исламист МухIамад Карташовгун цадахъ вукIиналъул хIакъалъулъги гIемер хъвалеб буго Дагъистаналъул интернетчагIаз.
XS
SM
MD
LG