МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар. 4-10 Март


Блогосфераялда кIудияб резонанс багъаризабуна араб анкьил ахиралда, МахIачхъалаялъул ГIахъушинскIиясул къотIнов щалали лъаларел гIадамаз ЖамгIияб Палатаялъул г1ахьалчи, лъарагIазул жамгIияв хIаракатчи Абсалитдин Мурзаев вухун хадуб.

Араб анкьил ахиралда, гьатIан къоялъ МахIачхъалаялъул ГIахъушинскIиясул къотIнов вухана щалали лъаларел гIадамаз ЖамгIияб Палатаялъул член, лъарагIазул жамгIияв хIаракатчи Абсалитдин Мурзаев. Гьев вугеб республикаялъул централияб азарханаялда цере ракIарана лъарагIазул миллияб багъа-башариялъул вакилзаби ва гьеб бакIалда минитг тIобитIана вуххарасул рахъ ккун. Блогосфераялда гьеб лъугьа-бахъин гIемерисез рикIкIунеб букIана цIияб республикаялъул тIалъиялъ гьабураблъун. Жибго митингалда ва вуххарав Абсалитдин Мурзаевасги гьелда релълъарал пикраби загьир гьарулел рукIана.

Фейсбукалда Иляс Хаджи абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго жакъасеб тIалъиялъ жидее данде кколарел чагIи руххиялдалъун байбихьанин хIалтIи. «Абсалитдин ккола вищунго ритIухъав, республикаялда ругел цониги политикиял къуватазда жанив гьечIев вацIцIадав жамгIияв хIаракатчи ва гьев вуххи ккола тIалъиялда ругезе къваригIараб жо», -ян хъвалеб буго гьес. «Дагьалъ цебе Пятигорскиялда лъарагIазул съезд тIобитIиялъе гIоло вуххун ватула», - ян хъвалеб буго Марина Маммаева абурай блогералъ.

Амма цо-цо блогераз рикIкIунеб буго гьеб гьабун бугин гьанжесеб тIалъиялда данде ругел къуватаз. «Республикаялда гIемер руго Абсалитдин Мурзаевги рихарал, цIияб тIалъиги бокьуларел чагIи. Цоявги вуххун цогидасде рагIад реххизабизе бокьаразул иш буго гьеб, - абун хъвалеб буго «Черновик» газеталъул форумалда Гаджи Баммат абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас – гьелъие нугIлъи гьабулеб буго Мурзаев вухханин халкъ бахъинабизе кколилан больницаялъул кIалда ахIтIолел, амма жалго гьесда данде ругел политикиял къуватазулъ ругел чагIазилан тIадеги жубалеб буго гьес.

Цойги халкъалъ интернет-годекIаналда гьоркьоб лъураб тема ккана 2 марталда Гъизилюрталда тIобитIараб митинг. Гьелъул гIахьалчагIаз бицунеб букIана митинг тIобитIиялъе жидер букIанин кIиго батIияб гIилла. Митинг гIуцIаразул цояв, Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъа АмирхIамзаев АмирхIамзаца гIатIидго бицана гьелъул хIакъалъулъ.

АмирхIамзаев АмирхIамза: «Жакъасеб тадбиралъул аслияб масъала буго заманаялъ республикаялъе нухмулъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул политикаялъул рахъкквей ва Гъизилюрт мухъалда лъугьараб политикияб ахIвал-хIал гьоркьоб лъей. Гьаниб ахIвал-хIал захIматаб буго. Ахираб 7-8 соналда жаниб мухъалъул администрациялъул хIалтIи чIезабун букIана хIурматияв ХIажи МахIачевасул хIаракаталдалъун. БатIи-батIиял къагIидабаздалъун гьес биччалеб букIинчIо ахирал соназда районалъул депутатал ракIаризе ва хIукмаби гьаризе. Къокъго абуни, цо-цо депутатал ричун-росун, цогидал хIинкъизарун, гьел риччалел рукIинчIо мухъалъул депутатазул данделъиялде.
ХIукмаби къабул гьаризе ккани гьенир рукIине ккола лъабго бутIаялъул кIиго бутIа къадар депутатазул. Гьединлъидал, ахирал соназда цониги хIукму къабул гьабичIо ва ахиралда мухъалъул парламент биххана ва хъулухъалде ХI. МахIачев вачIана. Чанго соналъ данделъиялде рачIинчIел депутатал жакъа гьесда сверухъ руго. Гьелде кIвар кьезе ккола къуваталъул идарабаз ва республикаялъул нухмалъулес».

Блогераз лъугьараб ахIвал-хIал гьоркьоб лъей гуреб, тIалъиялъе гьеб проблема роцIцIунеб къагIидаги цебе лъолеб букIана. «Livejournal.com» сайталда блогер Расул Къадиевас хъвалеб буго ХIажи МахIачев тIамизе кколин маслихIаталъул комиссиялъул нухмалъулевлъун, кIудияб хIалбихьи бугев ва гIадамазда гьоркьоб рекъел гьабизе махщел бугев чи хIисабалда. Гьелдаго цадахъ Гъизилюрталда бугеб политикияб ахIвал-хIалги роцIцIинаанин тIадеги жубалеб буго.

Гьединго блогосфераялда кIудияб кIвар кьолеб буго Дагъистаналда ва гьеб тун къватIир республикаялда асар гьабизе бегьулел къуватазде. Ахираб заманалда Дагъистаналдаса бизнесменазда сверухъ гIемераб ахIи-хIур буго. Вацал Билаловал Россия тун анин хабар буго, вацал Зияудин ва МухIамад МухIамадовазул бизнесалда тIаделъун руго батIи батIиял къуваталъул идараби, Сулейман Керимов Россиялъул парламенталъул тIасияб палатаялдаса нахъе ине бегьула къватIисеб пачалихъалда бугеб бизнес сабаблъун. Блогеразул чанго чияс хъвалеб буго, гьеб кинабго бугин Дагъистаналда политикаялда гьоркьор гьел бизнесменал журангутIиялъе гьабулеб хIалтIийин. Исмаил Дагъисани абурав блогерас хъвалеб буго, Рамазан ГIабдулатIипов гIемерисез рикIкIунев вукIана гьел олигархазул цоязул чилъун, амма гьеб мухIканлъулеб гьечIо, гьев тIубанго Владимир Путинил чилъун вихьулев вугоян. «Жидерго бизнес цIуниялдаса гьел Дагъистаналъул политикаялда регIизе гьечIо», - абун хъвалеб буго Руслан Башировас. «Цеве вукIарав президент вукIана бизнесалъул чи, гьанжесев Путинил командаялъул чи вукIин бихьулеб буго»,-ян хъвалеб буго цоги блогерас.
XS
SM
MD
LG