МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар 17-23 февраль


Цересел анкьаз аслияб къагIидаялъ блогераз республикаялъул тIалъиялда гьарулел хъулухъалъулал хиса-басиял гьоркьор лъолел рукIун ратани, гьаб анкьалъ цебе лъуна чанго батIи-батIияб масъала.

Дербент мухъалъул Белиджи росулъ гIисинал лъимал чIваялъ блогосфераялда бахъараб ахIи-хIур гIодоциналде, гьелдаго релълъараб лъугьа-бахъин ккана МахIачхъалаялда. Автостанциялда оскIоб бугеб петералда гIодор чIун рукIарал бихьиназул цояс таманчаги бахъун чIвана лъабго жинда цадахъ вукIарав чи. Такъсирчи вукIун вуго МахIачхъалаялъул полициялъул хIалтIухъан.

Блогераз бачIинахъего полициялъул хIалтIухъабазда ва кинабго ихтиярал цIунулеб системаялда гIайибал чIвалел рукIана. «Livejournal.com» сайталда блогер Мурад Къурбановас лъун буго гьеб лъугьа-бахъиналда тIаса жиндирго пост. Гьес рикIкIунеб буго гьединаб такъсир бихьизабулеб бугин гIицIго полициялъул хIалтIухъаби гурел, тIубараб жамгIият унтун букIин. Мисалалъе бачунеб буго тIадехун рехсараб, Белиджиялда букIараб такъсир. «Кидаго щибаб къоялъ кьвагьа-гIанхъиялда гьоркьор ругел гIадамал жидедаго лъачIого ругьунлъулел руго гьеб хIалалде ва жидецаго рагъда ругез гIадинал ишал гьарулел руго»,-ян хъвалеб буго авторас.

Психолог Меджидова Маринаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьединал такъсирал гьаризе бегьулел чагIи полициялде хIалтIизе росулеб къагIидаялъул хIакъалъулъ.

Марина Меджидова: «ЗахIмат буго абизе щай гьединал такъсирал гьарулел абизе. ТIад балагьун гIадатияв, гIодовиччарав чияс ракIалдаго гьечIого гьединаб такъсир гьабула. ГIемерисеб мехалъ гьединал гIадамал рукIуна къватIибе жо загьир гьабуларел, жидерго масъалаби жанирго цIунулел, гьединлъидал цо заманалда гьеб къагIидаялъ къватIире гьурщун тола. ГIемерисел чIвадарухъаби ва кIудиял такъсирчагIи тIад балагьун гIадатиял гIадамал рукIана, лъицаниги абилароан гьел чагIаз такъсир гьабизе бегьулилан. Гьединал хасиятал тIатуна специалисал-психологаз хал гьабурабго. Дида ракIчIун лъала полициялде росулаго хал гьабулареблъи кколеб къагIидаялда, гIарацги кьун хIалтIизе росула. Унтараб психика бугел чагIазухъе ярагъги кьун, хадур ургъула киналго щай гьединаб хIужа ккараб абун. ХIалтIуде лъугьунаго щивасул хал гьабула. Унго-унгояв тохтурас кколеб хIалалъ хIалтIи гьабурабани гьединав чи ворчIизе вукIинчIо полициялда хIалтIизе. Гьенив тIатуна такъсир гьабизе бегьулев чи».

Чанго информалатаз хъвалеб буго гьеб лъугьа-бахъин сабаблъун хъулухъалдаса ине ругин МахIачхъалаялъул полициялъул нухмалъулев, рехсарав полициялъулав хIалтIулеб полициялъул бутIаялъул нухмалъулев абун. Блогераз гьеб лъазабиялда хурхун бицунеб буго республикаялъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов хъулухъалдаса ине бегьулин. Гьелго блогераз кIиго анкьалъ цебе бицунеб букIана гьесул бакIалда Гъуниса Хизриев МухIамад тIамун вугин хъулухъалда, амма гьеб хабар мухIканлъичIо.

«Facebook.com» сайталда МухIамад Цези Дагъистани абурав блогерас хъвалеб буго Дагъистаналде щун бугин кIудияб къокъа цIех-рехалъул ирабазул ва Генералияб прокуратураялъул ва гIагараб заманалда кIудиял хиса-басиял рукIине ругин. Къурбан ГIабдулкъадиров абурав блогер гьелда щаклъулев вуго.

Цойги блогераз гьоркьоб лъураб суал ккана Дагъистаналде газ бачунеб идараялъул офисалда чIухь бай. Гьеб идараялда гIунтIизабулеб буго 30 миллион гъуруш гIарац бикъиялъул гIайиб. Блогосфераялда бицунеб буго идараялъул нухмалъи хисизехъин бугин гьединаб къагIидаялъ. Zarema Bammatali абураб цIаралда гъоркь хъвадарулей блогералъ хъвалеб буго республикаялъул тIалъиялде магIарулал рачIингун гьениреги магIарулал тIамулел ругин лъарагIазул бакIалда. Блогераз бицунеб буго гьеб хъулухъалъе гIоло къеркьолев вугин босер, дунялалъул чемпион СултIан Ибрагьимов. Миллатазда гьоркьоб хIалуцин бижизабизе буго гьедин иш кканиян хъвалеб буго Казима Булаева абурай блогералъ.

Гьединго гьоркьор лъолел темабаздаса цояб ккана Олимпиялъул хIаязул программаялда гъорлъан гугари нахъе бахъизе бугин хабар. Фейсбукалда рагьараб конференция гьабун букIана машгьурав гугарухъан, Дагъистаналъул тIасан бищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидовасулгун. Тренерас бицана Олимпиялъул хIаяздаса гугари нахъе бахъиялъул харбал ракканин Халкъазда гьоркьосеб гугариялъул федерациялъул хIалтIи хашаб букIиналъ. Ахиралда букIараб данделъиялда гьеб идараялъул нухмалъулев Рафаел Мартинетти хъулухъалдаса нахъе витIана. Сажид Сажидовас бицана Олимпиадаялдаса гугари нахъе бахъани гьеб спорталъул къадру гIодобе ккезе бугин Дагъистаналда.



XS
SM
MD
LG