МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар


Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда рукIарал аслиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе къокъго бицана Фейсбукалда «Дагъистан» абураб группа бачунев блогер Шахтаманов Муратица.

Шахтаманов Мурат: «Бищунго гIемер блогосфераялда гьоркьор лъолел суалал руго заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповасул тIоцересел галабазда хурхарал. Киназего кIвар буго гьес гьабулеб хIалтIул, ва гьелъие кьолел къиматал батIи-батIиял руго: цояз лъикIаб, цогидаз хашаб къимат кьолеб буго, камулеб гьечIо критика. Гьеб гурел гьоркьор лъолел руго цогидал суалалги. Киназго гьоркьоб лъолеб буго араб анкьалъ Семендералда букIараб хасаб операция, ай гьелъул хIасилал. КIвар кьолеб буго гьенив вукIанищ ялъуни вукIинчIищ генерил изну гьечIого яргъид гIуцIараб къокъаялъул нухмалъулев ХIажидадаев Ибрагьим абураб суалалъе.

Къуваталъул идарабазги мухIканаб жаваб кьолеб гьечIо. Гьел лъугьа-бахъиназда хадуб баккана Жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабазда тIасан хъубаб информация интернеталда реххи. Блогосфераялда хъвавухъе, унеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул хъулухъалъе гIоло къеркьей, ва гьелда хурхараб буго информационнияб рагъги».

Гьанже гIатIидго бицине буго гьезул, ва гьел гурел цогидал блогосфераялда гьоркьор лъурал суалазул хIакъалъулъ.

Блогосфераялда гIодоб толеб букIинчIо цебесеб анкьалъ МахIачхъалаялъул Семендер абураб авалалда тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилал. Къуваталъул идарабаз жеги мухIканго рехсолел гьечIо чIваразул цIарал, лъалеб гьечIо вукIанищ ялъуни вукIинчIищ гьенив генерил изну гьечIого яргъид гIуцIараб къокъаялъул нухмалъулев ХIажидадаев Ибрагьим. Бицунеб букIана Генуб росулъ ХIажидадаевасул инсуца зигара къабул гьабулеб бугин вас хвеялда бан, амма хадур раккарал баяназда рекъон, гьеб мухIканлъичIо. Факъир Факъиров абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогер божулев гьечIо чIваразда гьоркьов ХIажидадаев вукIиналда. «Гьев чIванилан чанцIулго лъазабун букIана къуваталъул идарабаз, амма заманалдаса гьесул бакIалда цогидал ратулаан, гьанжеги гьев чIван ватиялда дун щаклъула», - абун хъвалеб буго гьес Фейсбукалда. Цоги блогерас хъвавухъе, хасаб операция тIобитIулеб букIараб рокъоса балъгояб нохъо букIун буго, гьенисан ун ворчIун вуго ХIажидадаев. «ЦохIо гьев ворчIун, цогидал кин гьенир хутIарал?» - абун суал кьолеб буго Диспетчер абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.

Хасаб операциялда чIвараздаса цо чиясул жаназа гурони батIа-бахъизе лъан гьечIо. Гьев ккола Унсоколо мухъалъул депутатазул данделъиялъул спикер МухIамадгIалиев МухIамадхIабиб. Блогераз бицунеб букIана гьесул гIагарлъиялъ тасдикъ гьабунин гьев чIвай. Амма хадур раккана цереккун чIварав депутат гIахьаллъарал лъугьа-бахъинал гьоркьор лъолел. Гьел лъугьа-бахъиназул гIемерисел руго криминалалда хурхарал. МухIамадзагьид Абакаров абурав блогерас хъвалеб буго «Цолъараб Россия» партиялъул депутат вукIанин гьев, амма партиялъ официалияб баян кьуна, М. МухIамадгIалиев щуго соналъ цеве партиялдаса ун вукIанин. Блогер Зарема ГIабдурахIимовалъ хъвалеб буго, цогидал «Цолъараб Россиялъул» депутаталги гьединалго ругин, хасго Халкъияб собраниялда гIодор чIарал.

Цоги блогосфераялда кIудияб ахIи-хIур бахъинабураб лъугьа-бахъин ккана МахIачхъалаялда. Шагьаралъул полициялъул нухмалъулев ГIашикъов Раипил рокъоб цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабаз чIухь бана. Бицунеб буго гьесда Каспийск шагьаралъул депутатазул данделъиялъул депутат МухIамадхIажи ГIалиев чIваялъул гIайиб гIунтIизабулеб бугин. Шамиль Муртузалиев абурав блогерас хъвалеб буго, гьеб бугин республикаялъул министрасул хъулухъалъе гIоло къеркьей. «Раип ГIашикъов рикIкIунев вуго гIемерисез кьварарав, республикаялъул полициялда рагIи билълъарав чилъун. Гьев хъулухъалде виччангутIизе, Москваялда цебе гьесул къадру бортизабизе гьабулеб хIалтIи буго гьеб», - абун хъвалеб буго Шамилица. Камулел гьечIо рехсарал лъугьа-бахъинал Семендералда букIараб хасаб операциялда хурхинабулелги.

Алаудин Мирзаев абурав блогерас хъвалеб буго Раип ГIашикъовас кумек гьабулеб букIанин сверун ккурал рорчIинариялъе, МахIачхъалаялъул полициялда божичIого операция тIобитIанин ФСБялъул хасаб къокъаялъ. «Гьадингоги гьел ФСБялъ тIоритIулел рукIана, ГIашикъов гьенив гIахьаллъизе кколароан»,- илан хъвалеб буго Василав Василовас. Фейсбукалда баккана Р. ГIашикъовасул рахъ ккураб митинг тIобитIизе бугилан лъазаби, амма гьеб заманаялъ нахъбахъун буго. Цо-цо блогеразул баяназда рекъон, митингалда гIахьаллъизе руго I5 азарго чи, аслияб къагIидаялъ Казбек мухъалдаса. Раип ГIашикъов ккола гьеб мухъалъул Алмахъ росулъа.

Митинг тIобитIана дагьалъ цеве щалали чIезаризе кIвечIез вуххарав лъарагIазул жамгIияв цевехъан Абсалитдин Мурзаевасул рахъ ккунги. Гьелъул гIахьалчагIаз бицунеб букIана Мурзаев вуххиялда хурхун гьабураб уголовияб хIалтIи кколеб къагIидаялъ гьабулеб гьечIин ва гIайибиял тамихIалде цIачIого рорчIизехъин ругин. Гьелъие квербакъи гьабулел республикаялъул тIалъиялда ругиланги бицунеб букIана. Гьединго митингалда гIахьаллъараз борхана ракьазул ва миллияб суал. Блогосфераялда гьеб параялдаго гьеб суалалда тIасан бахIс байбихьана. Кидаго гIадин, жидер ракьал магIарулаз ккун ругин хъвалеб букIана лъарагI миллаталъул чагIаз. «ЛъарагIазул ракьал хутIун гьечIо, Ленинкенталда лъарагIаздаса магIарулал чанго нухалъ гIемер руго», - ян хъвалеб буго Аташ абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас. Журналист Руслан СалахIбеговас хъвалеб буго МахIачхъалаялда цIар хисизе кколин Анжихъала абун, цебе букIараб лъарагI цIар буссинабизе кколин тIадбуссун.
XS
SM
MD
LG