МагъчIваялъе рес

Блогеразул даптар 25 февраль – 3 март


Russia -- Blogs review
Russia -- Blogs review

Заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдаса интернет-годекIаналда блогераз бищунго гIемер кIвар кьолеб буго гьес гьабулебщиналде, гьоркьор лъолел руго цIиял галаби, цоцахъе кьолел руго бегIерал ва гIужилал калимаби.

АрбагI къоялъ, 27 февралалда гьес ХъахIаб рокъоб информалатазул вакилзабазулгун гьабураб данделъиялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьаб анкьалъ бищунго гIемер блогосфераялда.

Данделъиялда рукIана пачалихъиял гурел информалаталги ва киназего рес щвана Р. ГIабдулатIиповасе суал кьезе. Блогераз бицунеб букIана данделъиялда гьоркьоб лъураб щибаб суалалъул хIакъалъулъ.

Бищунго кIвар кьуна лъайкьеялъул хIакъалъулъ президент хисулес гьабураб лъазабиялъе. Гьес бицана жинца гьабулеб хIалтIул аслулъун кколин лъайкьеялъул даража борхинаби. Блогеразул гIемерисел гьелда божулел гьечIо. Цо-цояз бицунеб буго гьелда жал божилаанин цIияв лъайкьеялъул министргIаги тIамураваниян.

Живго ГIабдулатIиповас бицунеб буго жинда жеги ватун гьечIин гьенив тIамизе бегьулев гIадав чи. Гьединго бицунеб буго гIолилазул лъай цебетIезабиялъул хасал проектал гIуцIизе ругин. Raziyat Nurmagomedova абурай блогералъ хъвалеб буго жий цIаланин Цолъарал Штатазда, хIалтIанин лъай кьеялъул министерлъиялда цееккун, амма гьединал проектаздасан рикIкIад йигин. Фейсбукалда гьелъ хъвалеб буго цIияв нухмалъулес гьабулелдаса бицунеб гIемер бугин.

Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас рикIкIунеб буго жеги заман щун гьечIин Р. ГIабдулатIиповасдаса хIасилал тIалаб гьаризе, гьесда жеги лъалеб гьечIин щал тIамизе ругел, гьезул цIех-рех гьабулеб заманаялъ тарал ругин гIемерисел министрал. Гьесда рази вуго Расулов Расул. Цойги блогераз гьоркьоб лъуна гьебго данделъялда борхараб, рохьоре унел гIолилал нахъруссинариялъул суал.

Р. ГIабдулатIиповас абуна цебе букIараб ракълиде рачулеб комиссиялъул бакIалда гьабсагIат жеги гIатIидал ихтиярал ругел хасал маслихIаталъул комитетал гIуцIизе кколин. Гьединго президент хисулес бицана гIемерисеб мехалъ гIолилал рохьоре иналъулъ къуваталъул идарабазул гIайиб букIунин. Блогеразда гьоркьоб гьеб суалалда тIаса бахIс байбихьана.

Джалал Бутаев абурав блогерас рикIкIунеб буго гьес бицунеб битIараб бугин, къуваталъулазул гIайиб букIунин, амма цIигIуцIулеб идараялъ гьабизе кколеб хIалтIи мухIкан гьабизе кколин.

Цебе букIараб комиссиялда жанив вукIарав жамгIияв хIаракатчи Къебедов ГIабасица Фейсбукалда хъвалеб буго гъоркь букIараб идараялъул ихтиярал цIакъ дагьал рукIанин, гьелда сверухъ хасал чагIаз жидеего рецц гьаби гурони унго-унгоял хIасилал гьелъул хIалтIул рукIинчIин. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадинаб баян кьуна:

Къебедов ГIабас: «ЦIияб комиссиялъе кьезе ккола гьал жакъа ругел проблемабазул гIилла щиб бугищали лъазабизе ихтияр. Щай гIолохъаби рохьоре унел ругел, щай кьвагьа-гIанхъи гьоркьоб къотIулеб гьечIеб ва гьеб гурел цоги суалазе жавабал ралагьизе ккола комиссиялъ, жинда жанире рищунго лъикIал жамгIиял хIаракатчаги ва къадру цIикIкIарал церехъабиги рачун.

Гьел киналго суалазе жаваб батулеб гьечIони, рохьоса нахъе рачIаян абураб жоялъул жо кколаро. Адаптацияги букIине ккола кIиябго рахъалъул. Республикаялда руго гIезегIан лъикIал, лъай бугел ва бажари бугел жамгIиял церехъаби, гьелги рачун, хасаб офисги рагьун, божилъиялъул телефонги рагьун, гьел гIадамазда цере чIванкъотIарал масъалабиги лъун хIалтIизе ккола».

Республикаялъул нухмалъулев вачIаралдаса цояздаса хадур цоял митингал унел руго батIи-батIиял мухъазда ва батIи-батIиял миллатазул вакилзабазул. Блогераз гьоркьор лъолел руго гьел суалал ва миллиял суалазе ва ракьазул суалазе кьолеб буго аслияб кIвар.

Блогер Мусаев Мусал пикруялда рекъон, цIияб тIалъиялъул жидеде кIвар буссинабизе хIаракат бахъи ккола гьеб, амма багьанаде миллиял суалалги ратун, жидерго хасал суалазе гIоло къеркьолел чагIи руго гьезие нухмалъи гьабулел.

КIуядинский МухIамад абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас кIвар буссинабулеб буго живго Р. ГIабдулатIиповасдаги бичIчIун бугин миллиял рагъа-рашариязда хадур ругел чагIи щалали.

Гьеб суалалда хъван вукIана президентасул ишал тIуралев тIадехун рехсараб журналистазулгун гьабураб данделъиялда. Аслияб къагIидаялъ рази гьечIолъи загьир гьабулеб буго лъарагIаз ва чачаназ.

ТIоцересез рикIкIунеб буго жидер ракьазде мугIруздаса гIадамал гочунел ругин, кIиабилезе бокьун буго Новолак мухъалда жидерго ГIавухъ мухъ гIуцIиялъул суал хехлъизабизе. Блогосфераялдаги гьел кIиязулго вакилзаби гIезегIан руго ва жидерго интересал цIунун хъвадарулел руго.

Олимпиялъул чемпион Сагид МуртазагIалиевас жиндирго меседил медаль нахъе кьолеб буго Олимпиялъул хIаязул программаялда жаниса эркенаб гугари нахъе бахъулеб буго абураб хабар рагIигун. Гьеб суалалда тIаса блогосфераялдаги букIана бахIс.

ГIемерисез рикIкIунеб буго гьеб битIараб галилъун ва Олимпиялъул комитеталда асар гьабизе тIокIаб рес гьечIин.

Блогер ва журналистка Зарема ХIасановалъ хъвалеб буго щайин щибниги къимат гьечIеб медаль нахъе кьечIого, гьелда цадахъ щвараб чемпионасул цIаралдасаги инкар гьабуларебин.
XS
SM
MD
LG