МагъчIваялъе рес

Щай Расулица имам Шамил какарав?


Нилъеца араб гьатIаналъ бицун букIана кIикъоялда анцIабилел соназул байбихьуда Расул ХIамзатовасул творчествоялъул. Гьесулгун ГIабдурахIман Данияловасул гьоркьоблъиялъул.

Сталин вукъизе кIиявго цадахъ ккеялъул. Гьел соназда гIолохъанав вугониги улкаялдаго машгьуралъарав Расул ХIамзатовасул цо гIумруялъ мугIрул халкъалда тIаса лъугьаян хадув гьардезе ккараб гъалатI ккана. Дие бокьилаан гьаб макъала цIалулел бахIарзазда дун витIун вичIчIизе, Расул какулев вугин ахIмакъал къиматал кьунгутIизе.

Shamil
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:33 0:00
Интернет-мухъ

Араб макъалаги цIалунги лъугьун букIана цо къадкилаб бетIер малъаризе гьедин бегьуларин хъвазеян. Расулица жинцагоги балъго гьабичIеб, гIаламалдаги лъалеб, хадуб дос тIаса лъугьаянги гьарараб "балъголъиялъул" гьаниб абизе бегьулеб рагIуларо.

Гьеб рагIизе бокьичIезе дица дир "рокъобе" нуцIа къалеб буго. Гьеб суалалъулъ мухIканлъи букIиналъул мурадалда дица рагIи кьолеб буго живго Расул ХIамзатовасеги. Гьеб харбиде рачIана гьадин. 2000 абилеб соналъул хасалихълъи букIана. Хъвадарухъабазул Союзалда Расулил кабинеталда ругьунаб пишаялда рукIана, кучIдул, бахIсал, бихьа-рагIаралъул бицунел. Хабар ккана имам Шамилил. Дица махсаро хIалие ккун абуна, пикруялъул рахъалъ гъалатI бугониги киналго Шамил веццараздаса дов какун хъвараб кечI пасихIаб буго,Расул, дур абун. Гьев гIажаиблъи гьабурав гIадин валагьана ва дагьаб рахIат хварас гIадин гьикъана:

- Дуда киса гьеб лъалеб?

- Дида лъала гьеб ракIалдаса, гьитIинаб мехалда росулъго рагIун букIана, - ян абуна дица.

- ЦIалеха лъалеб батани, - ян абуна Расулица. ЦIалана дица гIедегIичIого рагIи-рагIи ккун.

"Туркаца хинаялъ мегежги белъун,

Англичанаца тIад чалмаги жемун,

Гьаб нилъер халкъалъе къачIан вукIана

Къуръанги ханжарги кодоб ккун имам.

Гьеб ханжар хьвагIана гъазаватилан,

Цин цере гъаримал магIарулазде

Цинги гьеб хьвагIана капурзабиян

Чидае кепалъе гIурус васазде.

Хвалчаца цIунана анцI-анцI лъагIелаз

МагIарул халкъалъе ракъи, хIакъирлъи,

Эбелалъе - магIу, лъималазе - хвел,

Лъудбузе - къороллъи, россабазе - рагъ... (тIубан кьезе рес гьечIо редакциялъул тIалабазда - авт.)

Расул къанщун бералгун гIенеккун чIчIун вукIана. Хадув дихъ валагьана:

- Дуца гIабдалас гIадин къватI-къватIазда цIалулеб батизе гуринха гьеб, - инги абун гьимана. Гьеб букIана гъорлъ ракIбеки ва пашманлъиги бугеб гьими. Цо щинаб асул ругънаде цIам щвараб гIадаб жо кканадай гьеб кечI цIали абун дица цIалана гьеб кочIохъ мугIрул халкъалда тIаса лъугьин гьарараб "Какана дицаги уян ккун Шамил" абураб

"...ГIицIал тIулбузддаги тIад хер бижула,

ГIумрудул санаца ругънал сахлъула.

Огь тIадегIанаб халкъ, васас гуккарав

Эмен киниги мун дихъ балагьуге...", - ян.

"Гьанже гьелъ щиб кьелеб, дозда хадур гьел мухъал руго лъеда накъищ, гьури...", - ян квер хьвагIана Расулица, ракI бекарас гIадин. Дида бичIчIана гьесие гьеб пикру гьереси гьабизе бокьун букIин. КIвараб хIалалъ бичIчIизабуна гъалатIалдаса цIунарал чагIиги аварагзаби гурони рукIунароян.

Дуца Шамилги, Кавказалъул рагъул къеркьохъабиги, мугIрул халкъалъул бахIарчилъиги кIодо гьабун ахIараб кечI дунялалъул адабияталъул хазинаялде ана. Нус-нус мацIазде буссинабуна.

Гьелда данде мекъи ккун гIолохъанчияс хъвараб гьаб кечI гьадингосеб жо бугин. ЦIалана гIемерал Шамилиде хъварал кучIдул, ХIажимурадил бетIералъулгун "накъит" ва гIемераб цогидабги. Расулица мухIкан гьабун бицана гьеб Шамил какараб кечI хъваялде жив сунца вачаравали. Иргадулаб гьатIан къоялъ мухIкан гьабун бицине буго гьелъул.

Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG