МагъчIваялъе рес

Шамил Имам ва шайих ГIабдурахIман-хIажи


Шайих ГIабдурахIман-хIажица Дагъистаналъул 4-билев имамлъун жиндир вас МухIамад-хIажи лъазавулев вуго. М.Шагьбановас бахъараб сурат.
Шайих ГIабдурахIман-хIажица Дагъистаналъул 4-билев имамлъун жиндир вас МухIамад-хIажи лъазавулев вуго. М.Шагьбановас бахъараб сурат.

ЦIияб тарихияб документ батун буго

Жиндир заманалда нижеца чанги нухалъ бицен гьабуна Сугъралъа кIудияв шайих ГIабдурахIман-ХIажиясул хIакъалъулъ. Масала «Сверизабураб тарихалъ мекъаб тарбия кьола» абураб макъалаялда.

ГIабдурахIман-ХIажи вукIана Шамил имамасул цересел гIакълучагIазул цояв. Имамас гьесул гьабулаан кIудияб адаб-хIурмат. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго цо гьадинаб лъугьа-бахъиналъги. 1842-1843 соназул хIасалил ахиралда, жиндирго ишцоялгун цадахъ, гьездаго гьоркьов ГIабдурахIмангун Шамил Гъазигъумекияв щулалъи ккун чIун вукIана. Цо сордоялъул кватIараб гIужалда, ракIалдаго гьечIого, гIурусазул аскарияз гьенибе тIаде гьужум гьабуна.

Кутакалда тIаде гIарадаби кьвагьиялъ Шамилил рагъухъаби, Къарахъа МухIамад ТIагьирица абухъего, «рихха-хочун ва бихьинал хIамул киниги рахъ-рахъалдехун тIурун ана». Хъалаялъур хутIана гIицIго кьижун рукIарал рагъухъаби. ГIалимзаби ГIабдурахIман-хIажи, Шагьмардан ва Шагьулав гIурусазухъе асирлъуде ккана ва Тифлисалде ритIун ана. Гьениса балъго битIун бачIараб кагътида ГIабдурахIман-хIажица имамасда гьикъулеб букIана, рецIелги кьун, жал нахъе тIалаб гьабизе бокьунгутIи гIадаб хIужалъун рикIкIине бегьулебищилан.

Гьеб заманалда Шамилихъги асирлъуда вукIана гIурусазул кIиго офицер. ГIабдурахIман-хIажил кагъат цалидал Шамилица абуна: «Цо-цояз дир ракI чIезабула гьав кIиго начальникасухъ гIурусаз дир вас Жамалудин хисизе вукIиналда, цогидаз абула гьезухъ гIемераб гIарац щвезе бегьулилан. Амма тIокIкIараб гIакълуялъе гIоло диего бищунго гIалимзаби хириял руго. Дие рекIее къабуллъуларо гьав кIиясухъго вас хиси, хIажат гьечIо гIарацги. Амма пайдаяблъун букIинилан ккола цо дагьаб заманалъ нилъее гIалимзабазул ургъелго гьечIеб гIадаб ххвел гьабун чIани».

Хеккого имамас хабар битIана гьединаб хиса-басиялъе жив разияв вугилан. Амма гIурусазул командованиялъ жаваб бачIана кIиго офицерасухъ гIицIго цо гIалимчи гурони хисизе жал разиял гьечIилан.

Гьеб мехалда Шамилица лъазабуна: «Капурзаби гъанкъизе рес щвеялдаса цIикIкIун дун разияб жо щибго букIунаро. Биччанте жанир тIамуразе гьез бокьараб гьабизе, бокьани хIатта хьагинир гьализаризе бегьула». Ахиралдаги пачаясул командованиелъе хIажатаблъун ккана Шамилил шартIазда разилъизе.

Ана санал. Гьале 1859 соналъул 25 августалда живго Шамил-имам гIурусазул кверде ккун хутIана, пачаясул аскарияз Гъуниб бахъун хадусала. ГIабдурахIман-ХIажиясул рес букIинчIо кIудияв имам хвасаргьавизе. Нижехъе щвана шайихас Шамилие доб къоялъ хъвараб назму.

ГIажамалъ хъвараб гьеб хъвай-хъвагIай нижеца кьолеб буго кириллицаялде буссинабун.

ГIабдурахIман-хIажица квералъ хъвараб назму
ГIабдурахIман-хIажица квералъ хъвараб назму

Шайих ГIабдурахIман-хIажи

ШАМИЛ ИМАМАСЕ

Аллагьасул гIадатал лагъасул хIал бихьулеб,

Сурараб къварилъигун заманаялъ кIвекIулеб,

Цинги хадуб гIатIилъи тамашалъун бачIуна.

ГIакълу камилав лагъас балагь гьудуллъун ккола.

БачIун рокъоб рештIани, тахида тун хьихьула.

Чорходехун лъугьани – шукру гьабун цIунула.

Чан вали, чан авараг балагьалда тIамурал,

Хадуб гIатIилъи гьабун, Бичас рази гьарурал,

Хадуб йусру гьечIого гIусру бачIунаребин.

Къуран, хIадис, нугIиму сабру камил гьабеян.

1859

XS
SM
MD
LG