МагъчIваялъе рес

Къуръаналда квер чIван гьедани?..


МахIачхъалаялде их щвана тохлъукьего. ХIатта риидалиде бачIараб, багIарараб. Гьава-бакъалда цадахъго къо бахъанагIан хIалуцулеб бугин абизе бегьула политикияб ахIвал-хIалги. Хаслихъе тIоритIизе ругел республикаялъулги Россиялъулги парламенталъул рищиязде хIадурлъулел руго политикиял къуватал.

Гьеб хIадурлъиялъул, къеркьеялъулги руго жиндирго гIаламатал Дагъистаналда. Масала, Пачалихъияб Думаялъул жакъа ругел ва нахъойги рукIине рес бугелин рикIкIунел депутатазул лъалеб чIаголъи бихьулеб гьечIо. Гьез гъоркьанги тIасанги иш рекъезабун бугин ккола. Рекерахъдулел руго бергьизе кIудияб рес-сурсат гьечIел "нижги ругин анир" абун бичIчIизабулеб гIел.

Гьезулги, халкъалъулги, гьаркьал рикIкIунеб власталъулгун рищиязул комиссиялъулги гьоркьорлъаби сентябралде кинал рукIинел абизе захIмат буго. Республикаялъул парламенталде рихьизарулел депутатазул сияхIал щибаб къоялъ хисулулел ругин абизе бегьула.

Радал "Единая Россия" партиялда вукIарав чи къадеялде "Справедливаялде" ккун ватула, гьениб бакI кквезе бокьаразул цIайи цIикIкIани "Патриотазде" ва гьенисанги къватIире ккун мандатго гьечIогоги хутIула.

ГIажаибаб хIалтIи, партия буго жиндир бижиялда ва бичIчIиялда рекъон цо пикруялъул, яги цо социалияб къокъаялъул гIадамаца цевехъанги вищун парламенталда жидер интересал цIунизе данделъараб гIуцIи. Нилъераца къойие къого пикру ва гьелда рекъон партия хисула. Щай? Щай гурелъул хIакъикъиял партиязде церехун бетIералъ ва пикрабаца цолъизарулел рукIун ратани, гьаниб иш чохьоца гьабулеб букIун.

ГIорцIизегIан квен щолеб бакI балагьун бищулеб буго партия. Ай тунка-гIуси квен бугеб русснада сверухъ унеб гIадаб жо буго . Щибниги халкъалда гьикъулеб жоги гьаниб гьечIо. Щивав чиясул букIине рес буго жиндирго пикру щив тIаса вищилев абураб суалалъе.

Дир пикруялда парламанталъул рищиял абураб жо буго гьадингосеб ххвалие, гIадамал гуккизе ургъараб чIанда. Щай гурелъул гIаммаб пикруялда сверухъ цолъараб халкъги гьечIо гьениб, халкъалъ жидер мурадал цIунизе вищарав цевехъанги гьечIо.

Сулайман Уладиев
Сулайман Уладиев

МахIамадрасул СагIдуев
МахIамадрасул СагIдуев

Сайгидпаша ГIумаханов
Сайгидпаша ГIумаханов

Масала, нилъеда лъала ХIажимурад ГIумаров абурав цо машгьурав политикияв хIаракатчи. Гьев чи комсомолалдагун компартиялда вукIун ватиларин кколаро дида гьесул ригьалъухъ валагьун. I990 абилел соназул ахиралда бикьун Дагъистаналда гIарацгун депутатасул мандат босана. Думаялда гьев вукIана "Народная партия" абураб фракциялда. Хадув гьев вагъарана Дагъистаналда "ЛДПР" партиялъул цевехъанлъун. Гьоркьоб заман ингун Москваялдеги ун вихьизавун вачIана "Справедливая Россия" партиялъул цевехъанлъун.

ХIисаб гьабеха, чияс хисун буго щуго батIияб партия. Пикруялда ва идеологиялда сверухъ цолъун гIуцIулеб жо батани, кин цо чияс щуго лъагIалида жаниб щуго идеология хисулеб? Гьеле гьел политикиял хIаязул хIаркатчагIацаги, рищиязул хIармацаги, хIинкъарал, меклъиялда данде къеркьезе къуват гьечIел гIадамацаги ккезабуна гьаб жакъасеб хIалалде улкаги нухмалъиги.

Дир рес букIарабани гражданин ва избиратель хIисабалда Дагъистаналъул парламенталде, думаялде ва республикаялъул бетIерлъуде чагIи рихьизаризе, хIалтIизабилаан батIияб къагIида. Лъала гьеб жакъасеб Россиялда киданиги цебехун биччалареблъиги. Амма анищал гьаризениги ихтияр нилъехъениги тезе бегьуларищ? Масала, кьуна дихъе гьединаб рес метер Пачалихъияб Думаялде депутатал рихьизаризе ва гьелго чагIи чанго соналдаса республикаялъул бетIерлъунги тезе.

ТIоцебесеб шартIлъун гьабилаан кандидат ракI-ракIалъ Аллагьасдаги божулев, цо течIого какги балев чи вукIин. Гьеб буго аслияб шартI, хадусеб буго гьесда нахъа бугеб халкъ, политикияб ва нухмалъиялъул сурсат, гьесул гIакълу, гьесул къадру, гьесул сабру (чара гьечIого нухмалъуда вугев чиясе хIажатаб шартI) ва цогидал нухмалъулесе хIажатал рахъал.

Гьел Аллагьасдаги божулел, метер Къиямисеб къоялъ Аллагьасда цебе букIунелдасаги хIинкъарал гIадамал нухмалъиялда толаго конституциялда гурел, Къуръаналда квер чIван гьедизарилаан халкъалда цере, ракI бацIцIадго хIалтIиги гьабизе бугин, цо капек гIарацги бикъизе гьечIин, хIарамаб, гьукъарабщиналдаса инкарги гьабилин.

Аллагьасдаса хIинкъарал бусурбаби гIемер рукIина, амма республикаялъул нухмалъиялъиялъул даражаялъе цохIо гьеб рахъ гIоларо. Гьеб шартIалда рекъон Къуръаналда кверги чIван гьедани кигIан кIваниги ритIухъав ва гIакъилав нухмалъулевлъун вукIинаан дир хIисабалда жакъа цIияб партиягун вагъарарав гьевго МухIамадрасул СагIадуев.

Партиялда гъорлъе батIи-батIиял чагIи ккезе рес бугелъул. Дица ургъичIого гьебго сияхIалде жувалаан Сулайман Уладиев ва Сайгидпаша ГIумаханов, дида лъала гьез кьуричIого как балеблъи ва Къуръаналда гьедани хIинкъизе рукIин мекълъи биччазе. Жеги ратила нилъеда лъаларел гIадамал, нухмалъиялъул хIалбихьиги бугел, Аллагьасе какги балел.

Хъабчилъ ватулин багьадур абун гьечIищха магIарулаца, чара гьечIого машгьурал рукIине кколарелъул. Дица рехсон тана дидаго лъикI лъалел чагIи, ишазулъ, гIамал-хасиятатлъулъ, хьвада-чIвадиялъулъ рихьарал дидаго рихьарал.

Масала, лъида ракIалде ккелаан Сайгидпаша ГIумаханов сардилъ вахъун хъахIлъи базегIан мажгиталда Къуръан цIалулев ватулин абураб жоялда. Дие гьеб гIемерал чагIаца тасдикъ гьабуна ва дун гьевгун сапаралда вукIана цо нухалъ.

Уладиев щивали лъазе бокьани цIале араб "Новое дело" газеталда вукIинисеб президентасде хитIаб, гьелъ гIемераб жоялъул бицуна. Дагъистаналъул бетIерлъун толев чи хIакъикъияв бусурманчиги вугони, Къуръаналда квер чIван гьедун нухмалъудаги тани, кинабго ришватгун цIогьалъеги, меклъиялъеги ахир лъелаан, светский законалда рекъон нилъ хIалтIаниги бацIалъилаан Дагъистан гьел шартIал тIурани. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG