МагъчIваялъе рес

Рищиял ва цIиял политикиял къуватал


Дагъистаналъул парламенталде рищиязде хIадурлъулел партиязулъ тIатунел руго батIи-батIиял къуватал. Ахираб заманалда чIаголъи бихьизабулеб «Халкъ коррупциялде данде» абураб партия гIемерисез рикIкIунеб буго республикаялъул Муфтияталда бухьараблъун. Жидер лидеразул цоявлъунги гьез муфтиясул заместитель МухIамадрасул СагIадуев вугиланцин лъазабуна букIана.

Жакъа жамгIияб палатаялда тIобитIараб данделъиялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабулатIиповас бицана рухIаниял политикаялда гъорлъ жураялде жиндирго бугеб бербалагьи.

Исана сентябрь моцIалъ тIоритIитIизе кколел рищиязда гIахьаллъизе гъира загьир гьабулеб буго батIи-батIиял политикиял къуватаз. Киназего ругьунал парламенталъулал партиял гурел, загьирлъулел руго цоги, цере кирниги загьирлъичIелги. Гьединазул цояблъун рикIкIунеб буго «Халкъ коррупциялда данде» абураб партия.

Республикаялъул информалатазда ва блогосфераялда гьеб бухьинабулеб буго Дагъистаналъул муфтиясда ва гьесда сверухъ ругел чагIазда. Ва гIемерисез гьеб рикIкIунеб буго кIудияб рес бугеб, рищиязда гIемерал гьаркьал росизе кIолеблъун. ХIатта, гьелдаса тIалъиялъул партияйин рикIкIунеб «Цолъараб Россиялъе» хIинкъи бугилан рикIкIунелги руго.

Партиялде гIадамаз цIикIкIун кIвар кьезе байбихьана гьез жидер партиялъулаб сияхIалда жанив республикаялъул муфтий хисулев СагIадуев МухIамадрасул вугилан баян кьурабго. Гьединаб лъазаби гьабун букIана Шамил мухъалда тIобитIараб данделъиялда регионалияб бутIаялъул нухмалъулев Тажудинов МухIамадхIабибица. Гьес абуна, жидеца партиялде росулел ругин чияр гъин квинчIел, гIадамазда гьоркьоб къадру бугел, гIадамазул божилъи бугел чагIийин. Гьединавлъунги жидеца СагIадуев рикIкIунев вугилан.

Хадубккун «Новое дело» газеталъулгун гьабураб гара-чIвариялда рехсараб партиялъул вакилзабаз абуна, живго муфтиясулгун кинабниги гьоркьоблъи гьечIин партиялъул, муфтий политикаялда гьоркьове жувалев гьечIин, гьев кидаго гIадин жиндирго жамгIияб хIалтIуда вугин. МухIамадрасул рищиязде унев вугин Муфтияталъул вакил хIисабалда гурев, гражданин хIисабалда.

Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасулгун жидер кинабгIаги рагIи дандеккунгутIи гьечIо, гьелъул гIаксалда, гьес жиндирго хитIабазда абулел щинал ишал гIумруялде рахинарулел ругилан жидецаян абулеб буго партиялъул вакилзабаз. Гьес ритIарал жал рицунел ругин, амма гьел тIуралел чагIи гьечIин, гьесул сверухълъиялда ругел чагIаз хIалтIи гьабулеб гьечIин.

Республикаялда ругел, тIалъиялдаса разилъи гьечIел жамагIатал жидер рахъалде цIазе харакат бахъулеб буго рехсараб партиялъ. Гьелъ рес кьезе буго гIемерисел муниципалитетазда бергьенлъи босизеян рикIкIунеб буго журналист Эдуард Уразаевас.

Лъалеб букIахъе, сон «Халкъ коррупциялда данде» абураб партиялъул вакил жив вугилан лъазабуна Тарки, Кяхулай, Альбурикент абурал жамагIатазул лидер Залимхан Валиевас. Рехсараб лъабго росдал жамагIатаз чанго соналъ ккун буго Караман абураб бакIалда ракьал, жидер колхозазул цере рукIарал ракьал нахъе кьеян.

Республикаялъул тIалъиялъ ракь гьезухъе кьолеб гьечIо ва гьел гьенисан нахъе къотIизе кIолеб гьечIо. Уразаевасул пикруялда рекъон, гьединал, тIалъиялдаса рази гьечIел, жалгоги гъункарал, цокIалал жамагIатал гIемер ругин республикаялда ва гьел жидер рахъалде рачине кIвани рехсараб партиялъ гIемераб хъуй гьабизе бугин.

Эдуард Уразаев: «Республикаялъул тIалъиялде ва цо-цо бакIалъулаб муниципалияб тIалъиялде халкъалъул бугеб дандечIей бихьизабулеб буго араб соналъул сентябралда Буйнакск шагьаралда ккарал лъугьа-бахъиназ. Доба «Цолъараб Россия» къезабуна рищиязда лъидаго лъалареб партиялъ.

Дица доб мехалъго абулеб букIана, цо халкъалда гьоркьоб къадру бугев, жинда сверухъ чагIи ракIаризе кIолев, чIагояв политик ваккани, гьединал ракIалде гьечIел хIасилал рищиязда ккезе бегьулин бокьараб шагьаралда ялъуни мухъалда. Рехсараб «Халкъ коррупциялда данде» абураб партиялъулги гIезегIан ресал руго.

Амма киса-кирего гьел бергьизе ругиланги дида абизе кIоларо. Республикаялда лъалеб буго гьезул рухIаниязде бухьен букIин. РухIияб рахъги светияб рахъги батIа-батIаго букIине кколилан рикIкIунел чагIи республикаялда гIемер руго. Гьединлъидал, дида ккола гьеб партиялъулгун «Цолъараб Россиялъул» ращадал шансал ругилан.

РухIияб рахъгун светияб рахъ батIа гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ жакъа бицана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги. Гьес абуна, жинда мекъи бихьулин диниял чагIаз политика гьабулелъул, ялъуни политикал рухIиял суалазда гьоркьоре журалелъул.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Диниял хIаракатчагIаз диналда хурхарал суалал ва гьезда хурхарал жамгIиял суалал роцIцIине ккола. Дица абуни, пачалихъияб политикаялда хурхарал суалал роцIцIине ккола. Мисалалъе, дица диниял суалал роцIцIине байбихьани, МухIамдрасулие гьеб букIине буго кепаб, жибгоги божизе захIматаб жолъун. Гьанже гьев МухIамадрасулица политика гьабизе байбихьарабго, дун гьелда тIад рекъезе кIоларо. ХIатта, ниж кIиязго гIаммаб ишалъе гIоло цого хIалтIи гьабулеб буго».

Лъалеб букIахъе, Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалде ва Пачалихъияб думаялде рищиял тIоритIизе ккола исана I8 абилеб сентябралда.

XS
SM
MD
LG