МагъчIваялъе рес

Рищиял лъугIаниги гьезда сверун хIалуцин жеги лъугIулеб гьечIо


Исана сентябралда рукIарал Дагъ огни шагьаралъул мажлисалъул депутатазул рищиял мекъи тIоритIун ругин чIезабун буго диваналъ. Гьел рищиязул хIасилаздаса рази гьечIел коммунистазул партиялъул вакилзабаз хъвараб гIарзаялъул халгьабулаго ва цIех-рех тIобитIулаго тIатун руго рищиязул чанги протоколал «Единая Партия»-лъе данде кколедухъ цIун рукIин.

Гьал къоязда ДагъОгниялъул диваналъ исана сентябралда тIоритIарал гьеб шагьаралъул мажлисалъул депутатазул рищиязул хIасилал мекъи гьарун ругин абураб хIукму къотIана. Гьел хIасилалги рищиязул комиссиялъул гIахьалчагIаз тIадчагIазе дандеккараб хIалалъ, «Единая Россия» партия бергьунедухъ гьарун ругин чIезабун буго гьебго диваналъ. Дагъистаналъул коммунистазул партиялъул вакилзабаз хъван букIана гьеб диваналде гьел рищиязул хIасилаздаса жал разиял гьечIин ва гьел хIакъикъиял гурин чIезабейилан абун гIарза.

Коммунистаз бицухъе гIемерал квекIенал гьарун руго гьезие гьеб диван унеб мехалдаги, гьелде хIадурулеб мехалдаги.

Бищунго цIакъ жидее квалквал шагьаралъул администрациялъги, гьелъул бетIерасул ишал тIуралевлъун вукIарав Алахверди Халиловасги гьабунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул коммунистазул партиялъул юрист ХIажиев МухIамадица. Гьесул рагIабазда рекъон Республикаялъул рищиязул комиссияги гьезде данде чIун букIун буго.

Цо анкьида жаниб тIубан бажарулеб букIараб гьеб иш ункъго моцIица халат бахъинабунин гьез, гьединги жидеца тIалаб гьарурал , диваналъе хIажатал документалги, рищиязул протоколалги тIубан кодой щвезе течIин бицана гьес.

Коммунистаз Дагъогниялъул диваналъ коммунистазул рахъги ккун «Единая Россия» партия ва тIалъиялъул вакилзаби къолеб хIалалъ хIукму къотIи Дагъистаналъул тарихалъего кIвар бугеб ишлъун рикIкIунеб буго. Гьез абулеб буго нилъер республикаялда чан рищиял тIоритIаниги тIалъиялъул партиялъул рахъ ккун гурони батIиял партиязе бетIер борхизе цохIониги диваналъ жеги биччан букIинчIилан.

ХIажиев МухIамад: «Диван цIакъ захIматго унеб букIана, ункъго моцIида жаниб лъабцIул хисана бакIалъулаб рищиязул комиссиялъул бетIер. Жидеего дандекковухъе хIалтIи гьабун бажарулев чи валагьулев вукIун ватилаха тIалъиялъ. Гьез хIажаталщинал документал диваналда рихьизаричIониги, ругелги диваналъе нижер рахъккун хIукму къотIизе гIуна.

МахIачхъалаялдаса рачIарал тIалъиялъул вакилзабазги «Единая Россия» бергьизе кколин лъазабунилан бицана гьез, гьел вакилзабазул цIаралги рехсана. Гьедин шагьаралъул администрациялда жанирги рукIун хIадурун руго гьез гьел гьереси документал.

Нижеца диваналде гIарза хъвачIого тезеги бегьилаан гьеб шагьаралда коммунистазе цохIониги гьаракь щвечIин абун гьез документал гIуцIун рукIинчIелани. Гьеб жо букIине бегьулебжоцин гуро.

Кин нижее гьаркьал щвечIого рукIунел. Хасго нижер рахъалдасан вугев кандидат вукIана кутакалда шагьаралъул гIадамаз адаб гьабулев, киназего кумекги бугев чи. Рищиязде рачIараз абулеб букIана жал цохIо гьесие гIоло рачIун ругин рищияздейилан.

Гьенир рищиязул цIакъ дагьал гIахьалчагIи гурони рукIинчIо, гьедин букIаниги ракIчIун чанго нусго гьаракь нижее щвезе кколе букIараблъи лъала дида. Диваналда гьел рищиязул комиссиязул гIахьалчагIиги, гьезул нухмалъулелги мукIурлъана жидеца рищиязул хIасилал мекъи рихьизарун рукIиналъе ва гьереси документал хIадурун рукIиналъе».

Гьедин ХIажиевас бицухъе 15 январалда цин диваналъ гьел рищиялги хIакъикъиял гурин, рищиязул хIасилал гьарураб 11 протоколалда гьоркьоса микьгояб гьереси документ бугин абураб хIукму къотIун букIун буго. Хадубги чанго къояласан диванчияс цойги диванчагIазда дандги бан рищиязда гьаркьал кьезе рачIине бегьулезул сияхIалги цIидасан гIуцIизе, ва гьел бюлетеналги цIидасан рикIкIине.

Бюлетеналги гьересиял ратизе бегьулила, рищиязде рачIинчIелщиназе гIологи «Единая Партиялъул» вакилзабаз жидеего гьаркьал кьун гьел х1алт1изарун ругин абураб щаклъи бугила жидер. Гьединлъидал гьел рищиязул хIасилал хIакъикъиял гьеч1ин

чIезеги гьабун цIиял рищиял тIоритIулеб хIал гьабизе къваригIун бугин жидеейилан лъазабуна коммунистазул вакилас.

МухIамад ХIажиев: «20 январалда букIараб данделъиялда диванчияс лъазабуна гьаб сагIатго нахъбахъичIого цIидасан гьел бюлетенал рикIкIине байбихьейилан. КIиго къо аиниги жеги лъицаниги щибниги рикIкIунеб гьечIо. Нижеца гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабураб мехалда гьез абула жидеда коммиссиялъул гIахьалчагIи ратулел гьечIила, щал гьел комиссиязда рукIаралали лъалеб гьечIила, гьелго рищиязул комиссиялъул бетIер кодове щоларо.

Гьеб кинабго ургъунго гьабулеб букIин бичIчIулеб буго нижеда, гьезие къваригIун буго жидецаго къанунги хвезабун гIуцIун рукIарал документал цIидасан гIуцIизе, диванги разигьабулеб, жалгоги къолареб хIалалъ рукIине хIаракат бахъулеб буго гьез. Гьединлъидал ургъунго заманги цIазабулеб буго. Гьеб диваналъ бихьизабуна кинабго рахъалъ ДагъОгниялда букIараб гIала-гъважаги, гъал-магъирги».

Дагъистаналъул рищиязул комиссиялъул вакилзабаз гьеб ДагъОгниялъул мажлисалъул депутатазул рищиязда ва гьезул хIасилазда бан букIараб диваналда хурхун кинал рукIаниги баянал кьолел гьечIо.

XS
SM
MD
LG