МагъчIваялъе рес

ГIахъушаялъулаз мухъалъул бетIерасдаса хъулухъалдаса нахъе ин тIалаб гьабулеб буго


Жиндир заманалда Дагъистаналъул мухъазда гьоркьоб бищун цебесеб кьерда букIараб жидер ГIахъуша мухъ гьанже республикаялдаго бищун нахъеккаразда гьоркьоб бугила, мухъалда гIадамазе гIумру ва магIишат гьабизе рес гьечIолъиялъ гьел шагьаразде гочун унел ругин, мухъалъул бетIерасул магIна ва цебетIей гьечIеб нухмалъиги, гьесда хIалтIи гIуцIизе лъангутIиги бугила гьеб киналъего гIиллайилан лъазабуна 8 апрелалда ГIахъуша росулъ тIобитIараб митингалда.

Гьеб акциялда 250 гIан чияс гIахьаллъи гьабуна. Мухъалда бугеб социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIалалъул суалал гьоркьоб лъезелъун тIобитIараб гьеб митинг ахир къадги мухъалъул бетIер МухIарамов АхIмадиде данде буссана. Щай гурелъул мухъалда ругел киналго захIмалъабиги, проблемабиги гьесулхIалтIизе бажарунгутIияялда ва гьесие жиндиего щолеб хайиралъул гуреб ургъел гьечIолъиялдаги

базабулеб букIана гIадамаз.

Митингалда кIалъазе рахъине хIадураразул сияхIалда рукIараздасаги чанго нухалъ цIикIкIун чи кIалъазе вахъана гьенив. Акция тIобитIулеб бугин рагIарабго росабалъа гIадамал рачIун гьезги жидерго къварилъабазул бицана гьениб. Гьез абулеб букIана гьадингIаги республикаялъул тIалъи жидер проблемабазде руссинаризе кIвеялда хьул бугила, МухIарамовасени я жидер я мухъалъул я гьаб митингалъул щибго ургъел гьечIилан.

Гьеб акциялъул ургъел гьечIин мухъалъул бетIерасейилан аби гIемер битIараб гьечIолъи бихьизабуна гьес митингалде гIадамал риччагейилан лъазабун букIиналъ. Рузманалдаса хадуб митингалде рачIине рукIаразул гIемерав чи полициялъулаз нахъвуссинавун вуго. Гьединго я мугIалимзаби, я азарханаялъул хIалтIухъаби, ай бюджеталдасан харж щолевщинав чиясеги гьенир гIахьаллъизе гьукъун букIанин МухIарамов АхIмадицайилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе бакIалъул гIадамаз.

Гьединго цо-цо жамгIиял хIаракатчагIиги гьенире риччагейин, гьезие кIалъазе рес кьезе бегьуларин лъазабун букIун буго гьес полициялъулазда. Росу бакьулъ бугеб сверун къараб майданада тIобитIулеб букIана митинг. Гьеб бакIалъул кIалтIа чIараб полициялъулаз жидедаго лъикIилан ккарал чагIи гурони гьенире риччалел рукIинчIолъи «Эркенлъи» радиоялъул мухбиралдаги бихьана.

Щайин гьел риччаларелилан абураб мехалда жаваб кьолев чиги ккечIо. Гьединго митинг гIуцIараз бицана гьеб тадбир гьабизе гьезие МухIарамовас разилъи кьечIилан. Гьеб щвечIеб мехалда ГIахъуша росдал бегавулас рес кьун буго гьезие акция тIобитIизе.

Митингалъул гIахьалчи Мамаев Баширица бицана жидее бищун цебе гIадатиял гIадамазул ургъел бугев, мухъалда хIалтIи букIине кколедухъ цебе билълъинабун бажарулев бетIер къваригIун вугилан. МухIарамов халкъалда вихьизего вихьуларила, гьесул чIчIейги Каспийскалда бугила, гьоркьо-гьоркьов гурони гьев мухъалдего ваккуларилан.

Мамаев Башир: «Мухъалде цIияв бетIер МухIарамов вачIун хадуб гьаниб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде буссинилан хьун букIана нижер, амма щибго хисичIо. Цеве вукIарасго гIадин гьес гьереси хIисабалги кьун нижер гьаниб социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIалги лъикI бугила, росдал магIишатги цIакъго цебетIолеб бугин абун махсароде кколеб буго республикаялъул тIалъи. Гьединго гIадамазул разигьечIолъи буго гьес хъулухъаздаса бакIалъул гIадамалги рахъун гьезул бакIалда я гьаб мухъ лъаларел, я гIадамал лъаларел, я кин гьаниб хIалтIи гIуцIизе кколебали лъаларел дора-гьаниса гIадамал тIамулел рукIиналдасаги».

ЖамгIияталъул буголъи ва ракьал ричулел ругила АхIмад МухIарамовасилан абун бищунго гIемер гьеб хIужаялдаса разигьечIел рукIана митингалда кIалъазе рахъун. Гьезул цояв фермер ва адвокат ГIисакъов ГIисакъица бицана росдал магIишаталъул ракьалги мухъалъул бетIерас жиндирго чагIазде руссинарулел ругила, росдал магIишат цебетIезабизе пачалихъалъ риччалел субсидиялги боцIи-панзго гьечIел гIадамазда тIадги хъван фермеразухъе щвезего толеб гьечIилан.

ГIисакъов ГIисакъ: «ГIахъуша мухъалда аукционалги тIоритIун ричейин ракьалилан тIалаб гьабулеб буго нижеца. Гьел аукционалги рагьарал рукIине ккола, бокьарав чиясе гIахьаллъи гьабизе ресги щвезе ккола гьениб. Гьаб сагIат мухъалъул бетIерас жиндирго гIадамазе ричулел руго нижер ракьал.

Цере гьел гIаммал ракьал рукIана. Росдал магIишаталъул ракьал гурониги гьез ричулел руго нижер гьанир ругел хирияб гIахъушиязулилан цIар бугеб гамачIги, къоноги бахъулел карьералги. Нижер гIемер чияс магIишат гьабула гьеб ганчIидасан, гьанир хIалтIизе бакIалги гьечIо, гьеб магIишат гьабизе ресги гIадамазухъа бахъани дагьавги цIикIкIун чи гочун ине вуго гьаниса.

Гьадингоги гьаниб магIишат гьабизе рес гьечIолъиялъ гIемер чи вуго нижер къватIив. Гьединго пачалихъалъ росдал магIишат цебетIезабизеялъе биччалеб гIарацги гIадатиял фермеразда бихьулеб жо гуро нижер гьаниб. Хъулухъалде вачIун хадуб МухIарамовас гьаниб ферма бана, киналго колхозаздаса, СПКяздаса чIобого бакIарана гьенибе боцIиги. Гьесие гьел субсидиязул щуго миллион щвана, чанги саназ гьеб ишалда ругел гIадатиял фермеразе жеги гьеб пачалихъалъ биччараб гIарцул цо копейкагицин щвечIо».

МитигчагIаз гьеб тадбиралъул ахиралда Россиялъул президент Владимир Путинихъе хитIаб гьабуна ГIахъуша мухъалда гIадатиял гIадамазул бугеб захIматаб ахIвал-хIалалъулги бицун. Гьез президентасда гьарулеб буго мухъалъул нухмалъулевги нахъе витIун цIидасан рищиял тIоритIейин ва халкъалъ вищарав чи тейилан бетIерлъудайилан.

XS
SM
MD
LG