МагъчIваялъе рес

Казбек мухъалъул вукIарав бетIер ГI.МахIачев полициялъ ккун вуго


22 январалда Москваялъул жанисел ишазул идараялъ лъазабуна Казбек мухъалъул вукIарав бетIер ГIабдула МахIачев ккун вугилан. Гьес мухъалъул нухмалъуда вугев мехалдаго газ бачине ва бачун бугелъуб рогIралги, гьелъул системаги къачIазе пачалихъалъ биччараб 330 миллион гъурущ бикъиялда щаклъи букIун ккун вуго МахIачев.

ХIилла-рекIкI гьабун хIукуматалъул 330 миллион бикъиялда щаклъи букIун цIех-рехалде лъазавун вукIарав Дагъистаналъул спорталъул министрхисулев ГIабдула МахIачев Москваялда ккун вугин лъазабуна рузман къоялъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз.

Гьедин 2011 соналда , ГIабдула МахIачев жеги Казбек мухъалъул бетIерлъуда вугев мехалдаго гьениб бугеб газалъул магистралалъул 100 гIан километр мухъалъул бетIергьанлъиялде буссинабун букIун буго гьес. Хадуб аукционги лъазабун жидерго чиясе бичун буго гьеб цIакъго учузаб багьаялда.

Гьеб газалъул хIилла-рекIкI тIатун хадуб цIакъ кIудияб ахIи-хIурги бахъун букIана гьелда сверун, гьеб иш Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ жидерго бербалагьиялде гъоркье босун букIана.

Гьеб хIилла-рекIкI тIатун хадуб Улкаялъул жанисел ишазул министрелъиялъул вакил Елена Алексеевалъ МахIачевас ва гьесул къокъаялъ кигIаналде гьеб магистраль бичун букIарабали мухIкан гьабулеб букIинчIо, амма унго-унгояб гьелъул багьа 330 миллионалде бахунин, гьез гьеб кепказдеги бичун жидедего буссинабун бугин лъазабун букIана.

Гьейго Алексеевалъ исана сентябралда лъазабун букIана гьеб хIилла-рекIкI гьабун пачалихъалъе 330 миллион гъурщил зарал гьабиялда щаклъи бугезул цоясе диван гьабунин, амма гьезул бетIерлъуда вукIарав МахIачев кквезе щолев гьечIин абун.

Гьев кквезе щвечIониги Дагъистаналъул прокуратураялъ гьесде хIилла-рекIкI гьабиялъул, пачалихъалъул гIарац бикъиялъул гIайиб гIунтIизабун букIана ва цIех-рехалде лъазавунги вукIана.

Цебе-цебеги гьеб газалъул гIарац бикъи гурониги ГIабдула МахIачев цогьодулев вугин абун чанги ахIи бахъун букIана республикаялда. Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе гъоркьисала низам цIунулез тIатинабун букIана Казбек мухъалъул администрациялъул вакилзабаз анкьгогун бащадаб млн гъурущ бикъиялъул хIужаги.

Гьеб букIун буго цIадаз хвезарурал лъел рогIрал къачIазе Калининаул, Ленинаул, ЦIияб Данухъ, ЦIияб ГIаркьухъ росабазе биччараб гIарац. Гьебги ГIабдула МахIачев нухмалъуда вугев мехалда бикъун букIанин лъазабулеб букIана гьел жанисел ишазул идарабаз.

МахIачевасда данде рукIарал Казбек мухъалъул ришватчилъиялда данде къеркьолеб жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабаз гьеб мехалъ лъазабун букIана жидер щаклъи бугила Казбек мухъалда хIакимзабаз пачалихъалъул гIарцул анкьго миллион гуребги дагьабги цIикIкIун гIарац бикъун букIиналда. Гьезул баяназда рекъон мухъалъул тIалъиялъ гьениб 50 миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ бикъун буго.

Низам цΙунулез тΙатинабун букIана Казбек мухъалъул хъулухъчагΙаз пачалихъалъул гΙарац бикъиялъул цойги хIужаги. Гьеб букΙун буго хΙалтΙи гьечΙого хутΙарал гΙадамал хьихьизе хΙукуматалъ заманаялъ биччараб гΙарац. Казбек мухъалъул хIалтIи гьечIезул сияхI гIуцIулеб централъул нухмалъиялъ бикъун букIун буго гьеб гIарац.

Гьеб заманалда централъул бетIерлъун МахIачев ГIабдулал дурц вукIун вуго. Гьел кIиялго цадахъ рекъон гьабун бугин гьеб такъсирилан абураб щаклъи бугин абурал баянал кьолел рукIана цIех-рехалъул идарабазги.

Гьедин кигIан сверун ахIи-хIур бахъаниги, гIайибал гIунтIизаруниги, данде митингал тIоритIаниги МахIачев ГIабдулада хъвалев чи вукIинчIин абизе бегьула.

Гьеб кинабго гьесул вац Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIарав МахIачев ХIажие гIоло тIасан-гъоркьан биччан толеб букIанин, гьес гIодобе биччазабулеб букIанин кинабгойилан абулеб букIана гьеб ахIвал-хIал лъалез.

МахIачев ХIажи къадаралде щведал, ккунила МахIачев ГIабдулаги, ХIажи чIаго вукIаравани гьесда квер хъвалев чи вукIунароанилан рикIкIунеб буго гIемерисел дагъистанияз. Гьезулго пикру гIахьал гьабулеб буго журналист ва магIарулазул миллиябгун-маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца.

ШагIбанов Маркъо: «МахIачев ХIажи чIаго вукIаравани гьев ГIабдула кквей щакаб жо букIинаан. Гьев хун хадуб гIаммаб къагIидаялъ МахIачевазул ссиги ресалги гIемерго загIиплъана.

Гьединлъидал ГIабдулада тIад цебего рагьун букIараб такъсиргьабиялъул ишги хIасилалде бачун, гьев дова Москваялдаго ккуна. ЦIех-рехчагIи гьесда хадур гIезегIан тирана, амма гьанже гурони ватичIо гьезда гьев».

Анкьго соналъ Казбек мухъалъул бетIерлъудаги вукIун 2013 соналда лъикI хIалтIи гьабун бажаруларел мухъалъул нухмалъулезда гьоркьовги рехсон Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница хъулухъалдаса вахъун вукIана МахIачев ГIабдула.

Гьениса нахъе вахъаниги кватIичIого Дагъистаналъул спорталъул министрхисулевлъунги тIамуна.

XS
SM
MD
LG