МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда цIикIкIана террорги коррупцияги


Исана Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабулеб буго терроралда хурхараб 234 хIужаялъулги, экстремизмалда хурхараб 30 хIужаялъулги.

Гъоркьисалалда дандеккун кIицIул-лъабцIулниги гIемер руго гьел. Гьелъие гIилла бугин хъачагъалги гьезие кумек гьабулелги ралагьиялъул иш низам цIунулез лъикI гIуцIун букIин. Гьедин бицана 8 августалда Дагъистаналъул прокуратураялъ тIобитIараб кIудияб данделъиялда.

Гьениб бицана коррупциялда хурхараб лъабазаралда хадуб гъалмагъирги тIатанила республикаялда исана. Гьелъие гIоло жавабчилъиялдеги цIанила пачалихъиялги муниципалиялги хъулухъчагIазул 700-ниги чи.

БукIине кколедухъ хIукуматалъ коррупциялда данде рагъ балеб гьечIолъи бихьидал, республикаялда жамгIиял хIаракатчагIаз жидецаго байбихьана гьеб рахъалъ хIалтIи гьабизе.

Масала, Казбек мухъалда коррупциялда данде къеркьеялъул мурадалда батIи-батIиял тадбирал тIоритIана Нургьамудин Идрисовасги, Гъайирби Гъайирбиевасги, цогидазги.

Нургьамудин Идрисов: «Нижер мухъалъул полициялъ гьабураб цIех-рех буго. Цояб букIана 2 млн-гун 700 азарго гъурщиде росарал КамАЗал хIакимзабазе учузго ричун ратиялда хурхараб.

Гьедин Дубки росулъ хIалтIулев вукIарав цоясе диваналъ хIукмугицин къотIана. Цогидаб букIана лъим бачине рогIрал росизе биччараб 7 млн гъурущ Казбек мухъалъул администрациялъул нухмалъулев хисулес бикъун батиялда хурхараб цIех-рех. КватIичIого диваналде щвезе буго гьеб. Субсидиязе биччараб гIарац бикъиялда хурхараб ишги буго».

Нургьамудин Идрисовас бицухъе, аслияб куцалда бикъулеб буго ресукъал хъизаназе канлъухъги, лъехъги, газихъги кьезе кумек хIисабалда хIукуматалъ биччараб гIарац.

Нургьамудин Идрисов: «Гьеб такъсиралъухъ гьабулеб тамихI кIудияб буго. Гьанже хIисаб гьабиеха дуцаго, гьадав Казбек мухъалъул администрациялъул нухмалъулев хисулесе жо бикъизе ихтияр лъица кьолеб?

Гьев вуго гьеб системаялда гъорлъ вугев чи. Цогидаздагицин жинцаго малъизеги, гIумруялде бахъинабизеги, хадуб халкквей чIезабизеги ккола гьес. Гьереси-документалги гьарун гьев чи цIогьодизе лъица виччалев? Мухъалъул бетIерас виччала.

Дица кидаго абула мухъалда бищун кIудияв цIогьор гьеб мухъалъул нухмалъулев вукIунилан. Цадахъ хIалтIулезе гIадлу гьабичIони, гьелгун цадахъ рекъон, гьарун гьереси-документалгун бикъула гъоз магIишат. РачIарал ревизоралги ритIула гъоз гIарацги кьун нахъе. Гьеле гъоб коррупция. Гьеб унти буго».

8 августалда букIараб прокуратураялъул данделъиялда бицана коррупциялъул гIайибги гIунтIизабун туснхъалда лъурал Гъарабудагъкент ва Гъаякент мухъазул нухмалъулел.

КватIичIого диваналъ халгьабизе рагIула цеве Дагъистаналъул миллияб политикаялъул ва къватIисел ишазул вукIарав министрасулги, Тарумовка мухъалъулги, Росимуществоялъулги нухмалъулезулги ишазда бан гьабураб цIех-рех.

КватIичIого диваналде щвезе рагIула Южно-Сухокумск шагьаралъулги, Хайдакъ, Бабаюрт мухъазул нухмалъулездаги хурхун гьабураб цIех-рех.

XS
SM
MD
LG