МагъчIваялъе рес

ЦIидасан Нугъаялда митингал байбихьана


Нугъай мухъалъул гIадамаз кIиго къоялда жаниб лъабго нухалъ митинг тIобитIун буго гьеб мухъалъул Кумли росулъа Руслан Насыровасул рахъккун. 9 октябралда рокъоб ярагъ батаниланги абун ккун вукIун вуго гьев чи, амма бакIалъул гIадамазул ракIчIун буго гьеб ярагъ ургъунго гьесул рокъобе реххун букIиналда.

Кумлиялъул жамагIаталъул вакилзабаз бицухъе Руслан Насыровасда ракIалда букIун буго росдал бегавуллъун вахъине. Исана 13 сентябралда рукIарал росдал мажлисалде рищулел депутатазул рищиялдаги бергьун вукIун вуго гьев.

Гьедин депутатазда гьоркьоса вищизе кколелъул росдал бетIерги анкьидасан рукIине ругел гьел рищияздеги кандидатура лъун букIун буго гьес.

Амма Насыров данде кколарел чагIиги гIезегIан рукIун руго. Гьесда цеве Кумлиялъул вукIарав бетIерасги, мухъалъул администациялъул вакилзабазги лъазабун букIун буго дуца гьел рищияздаса кандидатура нахъе босейлан, босичIони дуе лъикI ккезе гьечIилан.

Гьединго Русланил гIагарлъиялъ бицухъе гьезда лъалел-хъвалел чагIаз абун буго цо чанго къоялъ цебе нужер рокъобе ярагъ реххизехъин бугин, нуж цере ралагьун рукIайилан.

Гьедин абуниги жал божулел рукIинчIила гьел рищиязе гIоло гIадамал гьединаб инжилъи гьабизе лугьунин абураб жоялдайилан абуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Кумли росулъа жамгIияв хIаракатчи Аслан ГIалиевас.

Аслан ГIалиев: «Рищиязул кампания байбихьарабго гьев (Насыров Руслан –«ЭР») данде кколарез байбихьана Руслан вахьабияв вугила, экстремист вугилан абун гьересиял харбал риччазе. Гьев я вагьабияв я салафияв гуревлъи нижер гIадамазда киназдаго лъала, нижер буго гьитIинаб росу, гьанив щив сундул чияли лъачIого хутIуларо.

Гьев вуго как-кIалалъул чи, амма киданиги гIорхъолъа арал жал гьесул рукIунаро. Кутакалда, ракIбацIцIадав, ритIухъав, лъайги. бажариги бугев, сахаватав чи вуго Руслан.

Нижер мухъалда мадраса балеб мехалдаги гьелъиеги кIудияб кумек гьабуна гьес. ГIадамазда гьоркьоб къадру-къимат буго гьесул. Амма гьев бачIинахъего мухъалъул администрацияялъеги нижер вукIарав росдал бегавуласеги данде ккечIо. Гьез байбихьана Насыровасдасан гьев мухъалда бугеб къанунияб ва диниябгуреб тIалъиялде дандечIарав чи вугин абун харбал риччазе ва полициялде гIарзал хъвазе».

Гьедин 9 октябралъул радал Гъизляралдаса экстремизмалде данде къеркьолеб централъул вакилзаби рачIун руго Насыров Русланил рокъоре чIухь базе. Гьел хасал тадбирал тIоритIизе рес кьолеб документрги букIун буго гьезухъ.

Аслан ГIалиев: «Сверун гьесул рукъги ккун чIухь базе, хал-шал гьабизе лъугьана гьел полициялъулал. Русланица жиндирго гьитIинай яс ясандизе азбаралъуб гьелъие цIулал гьитIинабго рукъ бан буго. Гьеб рукъалда гъоркь таманчаги гранатаги батана гьел низам цIунулезда. НугIзаллъунги жидерго хIалтIухъаби рукIана гьезул, мадугьалзаби ахIилин нугIзаллъун рукIинейин абун

Русланил чIужу лъугьараб мехалда гьей йиччан гьечIо гьез. Гьеб ярагъ гьесул гьенибе реххараб жо букIин лъала киназдаго, гьеб гьесул ярагъ букIанигицин, лъица къойил жиндирго яс ясандулеб бакIалда гьеб ярагъ бахчулеб. Гьеб ярагъ батун хадуб ккун Гъизляралъул полициялде вачун ун вукIана Руслан.

Гьелда ццин бахъарал нижер гIадамаз ун Гъизляралдегун гьениб полициялъул бутIаялда аскIоб митинг гьабуна гьез Руслан къватIиве виччайилан абун тIалаб гьабун. Цин лъикI заманалъ гьезухъ гIинтIамулев чи вукIинчIо, гьесухъе адвокатгицин виччалевги вукIинчIо.

Хадубги гьенире дагьалги нижер мухъалъул гIадамал рачIине лъугьараб мехалда ва гьениб ахIи-хIур бахъинехъин бичIчIараб мехалда полициялъ рокъове виччана Руслан. Цин гьез абулеб букIана гьесул рокъоб ярагъ батиялда хурхун гара-чIвари гьабун, сурав босун хадуб нугъай мухъалъул полициялде вачине вугилан, амма гьаб сагIат рокъове виччан вуго гьев. 10 октябралъул радалги нижер росулъ букIана митинг.

Гьеб дандеруссиналдаги жамагIаталъ хIукму гьабуна Русланида сверун къуваталъул идарабаз гьарулел ругел тадбиралги лъугIизе тейин, гьев росдал бегавуллъунги тейилан. Гьедин тезегIан лъималазул ахикье ва школалде лъимал ритIизе гьечIинги лъазабуна лъазабуна гIадамаз».

Гьединго Асланица бицана 12 октябралда жидер гIадамаз Нугъай мухъалъул центр Терекли-мектеб росулъ тIолабго мухъалдаса гIадамалги ракIарун гьевго Руслан Насыровасул рахъккун кIудияб митинг тIобитIизе бугилан.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ гьев Насыров кквеяялда тIасан ва гьесул ишалда хурхун жеги кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гъизляралъул полициялъул дежурныяс лъазабуна Руслан Насырвасул рокъоб ярагъ батиялда хурхун такъсиргьабиялъул иш жеги рагьун гьечIин, гьеб лъугьа-бахъиналда бан цIех-рех лъугIизегIан гьев рокъове виччан вугин, амма Нугъай мухъ тун ине гьукъун бугин гьесие низам цIунулезилан.

XS
SM
MD
LG