МагъчIваялъе рес

Гьоркьохъеб заманалъул гьоркьохъел церехъаби


СССРалъул заманалда депутаталлъун дояркаби, гIухьби, производствоялъул церехъаби, культураялъул хIаракатчагIи рихьизарулаан. Гьелъул магIна букIана улкаялъ нужер ракI бацIцIадаб хIалтIул къимат гьабулеб бугин ва цогидазги гьаздаса мисал босеян абураб жо.

Гьоркьохъеб заманалъул гьоркьохъел церехъаби
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:34 0:00
Интернет-мухъ

Рищиял рукIинчIин абизе бегьула. РукIана байрамалде гIадин гIадамалги ахIун пуланав чи вищеян тIасан амруги кьун ящиказухъе кагътал реххи. Данде кандидатура, бахIсал, хаcаб программа, избирателазулгун хIалтIи букIинчIо.

Гьеб баккана хадуб, 1980 абилел соназул ахиралда нилъее Горбачевас эркенлъиги кьун. РакIалда буго ЛъаратIа районалъул бетIерлъуде кандидатура лъурав мунагьал чураяв Шамил Расуловгун цо нухалъ Расул ХIамзатовасухъе гьоболлъухъ щвана ниж.

Районалда унеб букIана цIакъ хIалуцараб рищиязда цебесеб къеркьей, гьелъул рахъалъги гьикъун Расулица абуна: "Дида лъаларо кинал рищиял нужеца гьарулел ругелали. Дун къоло щуго соналъ СССРалъул Верховный Советалда вукIана.

Цо нухалда иргадулал рищиял лъугIун хадуб дихъе КГБялъул кIудияс ахIун бачIана хIисаб кьун: "Рищиял лъикI ана,Расул ХIамзатович, кинабго Дагъистаналъ дур рахъ кколеб буго, Болъихъ районалда цо гьаракь данде кьун рагIула, метер къасиялде щивалиги лъазабун кьварараб тамихI гьабизе буго"- ян вуго кIалъалеванги абун велъана Расул.

Гьеб букIана советазул рищиязул къагIида. Гьелда тIад велъулев вукIана живго Расулги. Доб хIалтIул церехъаби ва тIасан амру кьун гъоркьан рищулеб къагIидаялъе ахирги лъун 90 абилел соназда байбихьана хIалуцараб къеркьей мандатазда ва шагьаразулгун районазул бутIрузул тахбакIазда сверухъ.

Гьел соназда политикияб гIумруялъулъе рачIана чIагоял, гвангъарал, халкъ хадуб цIазе кIолел гIадамал. Гьезда гъорлъ рацIцIадал гурел, церехун туснахъазда рукIарал, хIатта тIад би бугелцин чагIи рукIана. Амма гьел рукIана таваккалал чагIи. Гьел хIадур рукIана жиндир пикруялъе ва ишалъе гIоло къеркьезе.

1990 абилел соназул ахиралда Россиялъул тIалъиялде В.Путин вачIун хадуб гьезул цо-цоял нахъе кьабгIана. Улкаялда бокьарас бокьараб гьабиялъе ва олигархаз тIалъиялда тIадецуй гьабиялъе ахир лъуна. Гьелда цадахъго хьухьикье анин абизе бегьула демократия ва халкъалъ тIалъи бищи.

Парламенталде депутатал рищизе байбихьана партиязул сияхIазда цIарал хъваялдалъун. Гьеб цIар хъвазе кинабгIаги халкъалъул гьев кандидатасул хIакъалъулъ бугеб пикру хIажалъичIо. Мандатал кьезе байбихьана бищунго махщалида дов тIад вугев чиясулгун гIаммаб мацI батизе лъалел чагIазе.

Гьеле гьеб мацI батизе хIажалъичIо я гIелму, я лъай, я дуда хадур ругел гIадамал, я халкъалда гьоркьоб къадру. ГIаммаб мацI батула досие данде кколеб жо гьабиялъ ва бициналъ. Гьелъул хIасилалда улкаялъул ва регионазул парламентал цIуна гIемерал гьумер, кьер, рагIи, пикру, гIадамал тIаде цIазе кIолел ишал гьечIел, поэтас абухъе, "ричIчIуларел гьоркьохъел" гIадамаз.

Гьеб бихьана ахада ругездаги. Лъалеб букIахъе власть ва гьезул ишал кидаго рукIуна халкъалъе жидецаго гьабизе бугеб ишалъе мисаллъун.

ХIалибалихъе школаги лъугIун, инсул ришваталъ диплом босарав цо пуланида бихьулеб буго цо жиндасаги тату хварав товарищ тIоцеве министрасул кумекчилъун, хадув гIакълучилъун, хадув гьанивги бегьунгутIи гьечIин партиязул сияхIалда цIарги хъван депутатлъун вахъарав.

Асда ракIалде ккола гьебго гьабизе бегьулагури дицаги абун. Байбихьула женжедизе гьеб сияхIалда цIар хъвазабулел горсвериялъ. Гьасда къвал бала, досул квер босула, лъабабилесулгун сурат бахъула, ункъабилев жиндир рахъалъ кIалъазе тIамула ва асул лъугьуна цо кандидатасде вачIарав гIадав чи.

Хадуб ракIалде ккола кандидатлъун бегьарав депутатлъунги бегьилин. Гьев вихьарав цогидав пакъирги вагъарула. Ай, цIияб заманалъ тIубанго биххизабуна гIадамазда жидер цIайи, бажари, социалияб статус ва жив вукIине кколеб бакI лъай. Гьеб биларав щинав ахIмакъ векерахъдулев вуго мандат балагьун.

Пачалихъияб Думаялде кандидаталлъун къачIарал чагIазул ращдал халкъалда лъалел гьечIо, лъалезухъ балагьун кколеб буго гъолги лъалареланиян. Амма гьеб нилъер пикруялъ кинабгIаги квалквалги гьабулеб гьечIо гьезие гIурусаца абухъе "в ролях" рукIине. Гьезул заман буго рагьтIа. ШагIирас абухъе: "БачIун бугеб замана - бичIчIулареб гьоркьохъеб".

Гьезда релълъарал гIемерлъун руго тIалъиялда. Ахада ругезда жидер куц-мухъалъул, мазгьабалъул ва пишаялъул чагIи рихьулел руго т1арада. Гьезда релълъараб букIинарищха гIумруги? Пайда щиб бицун? Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG