МагъчIваялъе рес

Барвихаялда муниципалиял рищиял нахъе рахъана


Москваялда аскIобеххун бугеб Барвихаялда заман щвелелдего гьаркьал кьолеб мехалда загьирлъарал къанун хвезабиялъул хIужабазда бан, Централияб рищиязул комиссиялъ территориалияб рищиязул комиссиялда тIадаблъун бихьизабуна 24 апрелалда тIоритIизе кколел рукIарал муниципалиял рищиял нахъе рахъи. Гьединаб хIукмуялъе гьаракь кьуна ЦИКалъул 14-къавго гIахьалчияс.

Талат къоялда Коррупциялде дандечIеялъул фондалъул бетIер Алексей Навальныясул пишацояз лъазабуна жидерго кандидатураби нахъе рахъиялъул хIакъалъулъ.

Живго Навальныяс Элла Памфиловалдаса тIалаб гьабуна Централияб рищиязул комиссиялъул нахъмалъиялдаса нахъе лъугьин.

Жаваб кьолаго, жиндирго критикал Памфиловалъ лъазаруна гIарзал гьаризе гIедегIарал ва гьел гьарулел къагидаби лъаларел «лъавукъал лъималлъун».

Гьелъ гьединго лъазабуна, жинца кинаб букIаниги тIадецуй къабул гьабуларин ва жиндирго хIалтIи гьабизе бугин мухIканаб, щвалде щвараб къагIидаялдайин.

XS
SM
MD
LG