МагъчIваялъе рес

"Забота" интернат ва гьелда сверухъ макручагIи


ГIемераб хъуй гьабуна гьал къоязда унтарал лъималазул "Забота" абураб школа-интернеталдаса республикаялъул бетIерасул ихтиярал кодосев вакил ГIалибег ГIалиевас гьабураб репортажалъ. Лъалеб букIахъе гьенир лъималазе шартIал лъикIал гьечIин гIарз букIун буго Рамазан ГIабдулатIиповасухъе хъвараб. Гьес бугеб хIакъикъат лъазабизе витIун вуго жиндир вакил ГIалибег ГIалиев.

ГIалибегица жиндиего хасиятаб къагIидаялъ хIалтIухъабазда ругел гIунгутIабиги рихьизарун гьаруна гьужумал. Кьуна болжал ругел гIунгутIаби ритIизаризе. Бихьизабуна бугеб ахIвал-хIал телевидениялдаса ва хIисаб кьуна бетIерасе. Гьениб кIудияб гъалатI гьабуна гьеб сюжет бихьизабураб РГВК каналалъул журналистаз.

Телевизоралда ралагьразда бичIчIизабичIо цевехун гьениве республикаялъул бетIер щун вукIинги, гьенир ратарал гIунгутIаби ритIизареян амру кьун букIинги, жакъа ругел гIунгутIаби рихьизари республикаялъул нухмалъиялъулгун халкъалъул цоцадехун бухьен букIиналъулги гIаламат бугинги. Гьез цIакъго гIодобегIанаб даражаялда, кинабгIаги баянги кьечIого балъгояб камераялъ цо хасав чи къватIив чIвазе бахъараб пиратазул съемка гIадин реххана гьеб телевизоралдаса.

ХIасил кинабха ккараб? ГIадамазда гьеб бичIчIана щибниги власталде бухьен гьечIел жамгIиял гуцIабаз, волонтераз, ялъуни журналитазул цIех-рехалъ власталъул гIунгутIаби къватIир чIвазарурал гIадин. "Заботаялда" халкъалдаса рахчарал вахIшлъаби ругел гIадин гьорзабуна гьеб.

Гьел "волонтерал" абурал провокаторал гьенире рачIана власталъ ругел гIунгутIаби рихьизарун хадур гьеб жо понцIозабизе ва къватIул харбал тIиритIизаризе. Нужеца хIисаб гьабе, обком ва партия биххаралдаса нахъе къоло щуябго соналъ кида ва кинаб власталъ хал гьабулеб букIараб гIарзаялъул ва унел рукIарал цадахъ телевидениеги бачун гIунгутIаби къватIир чIвазаризе?

Кида ва кив вукIарав унатаразулги, гъаримазулги кагъталги цIалун тIад резолюциягун хал-шал гьабизе жиндирго вакил витIулев бетIер? ГIабдулатIипов вачIинегIанги рукIана гьелго президенталги мэралги. Амма гьезул заманалда щаялиго хасалил сардилъ цIаги ккун жанир лъималгун интеренаталги рухIана.

Гьоркьоб заман инелде бульдозераз хъвагIан интернат букIарал бакIалги рацIцIад гьаруна. Чанго сон сверигун гьел хIакимазбазда тIад хъван школа букIараб бакIги батана. Доб заманалда кир рукIарал ал яхIалъул хIубал - волонтералги, жамгIатчагIиги, хъвадарухъабигун, пударухъабиги? Шуризе хIинкъун гIункIал гIадин жидерго картIазухъ къан рукIана.

Жакъа нухмалъиялъ рагьараб хIалтIиги, рагIуе эркенлъиги кьолеб мехалда киналго лъугьун руго критикаллъун. Кида ва кинав президентасул вукIарав харжидаса тIаде капек гьечIого гIарац кьун чияр рукъги ккун гIумруги гьабулев, къаси кьижичIого Рутулалдаса Нугъай авлахъазде щун халкъалъул кагъталги, бетIерасул тIадкъаялги тIуран векерахъдулев ГIалибег ГIалиев. Жакъа цо-цо бюджет бикъарал гIункIаз гьев гIабдаллъун гьавулев вуго.

ГIабдал вукIинарищха азие, балъго проверкаялъги ун, директоралдаса ришватги босун рокъове унарев чи? Ас ракI бацIцIадго бетIерасул тIадкъай тIубазабун буго ва гIунгутIаби загьир гьарун руго. Кибе араб гьелъухъ баркала? Республикаялъул бетIерас жиндир хъаравуллъиялдеги босун хасаб комиссия битIана гьенибе.

ХIакъикъат телевидениялъул журналистаца гьорозабунагIан квешги батун гьечIо, цо-цо гIунгутIиялги ратун руго. ТIад къан буго кинабго рукIалиде ккезабизе. Лъица кибехун гьаб понцIозабуниги, дагьабниги гIаданиб нах бугев чиясда лъала цебе букIараб ахIвал-хIал ва жакъа бугеб.

Нужеда цониги чияс абуни республикаялъул бетIерас хасаб тIадкъайгун вакилги витIун гIунгутIаби лъазариги, живго гьениве инги, хасаб комиссияги гIуцIун гIадлу гьабиялдасаги лъилниги гIарзаги къабул гьабичIого цIа гъун школаги бухIун гьеб букIараб бакI бичулеб власть лъикIаб букIунин, нужер гIакълу ва бихьинчилъи гIезе ккола гьелда тIад рекъечIого рукIинегIаги. Гьедин абулел ва лъикIаб иш квешаблъун бихьизабизе квалквадулел чагIи гражданал гуро, гьел руго лагъзал.

Бокьилаан Дагъистан рагьарал информациялъул алаталги, бичIчIи бугел гражданалги, халкъалъул гьаракь рагIулев ва гьелъул тIалаб хIисабалде босулеб властги бугеб бакIлъун хутIизе.

Гьеб лъабабго букIиналъул гIаламат буго "Забота" интернаталда сверухъ бугеб хъуйги. КIварго кьечIого, гIарзаги къабул гьабичIого, вакилги витIичIого тун букIарабани гьалъул рагIизецин букIинчIо гIадамазда.

Дир пикруялда кинабго гьаб вала-рахас ва провокаторазе "квен" кьун буго РГВКялъул щвалде щвечIеб, баян кьечIеб, хIакъикъат рагьичIеб репортажалъ. ГIабдулатIиповасул ва гьесул вакил ГIалибегил лъикIал ишал ва нигат буссинабулеб буго гьездаго данде. Аллагьас щивав цIалдолесе гIакълуги кантIиги кьеги хIакъикъат батIа бахъизе. Хабаралги лъикIал рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG