МагъчIваялъе рес

Хисана министр, щиб хисизе бугеб гIумруялда?


Дагъистаналъул гIолилазул ишазул министрасул хъулухъалде тIамуна ХIажиев Арсен.  Гьев ккола  Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул гIолилазулгун хIалтIигьабиялъул комитеталъул нухмалъулев ва «Я помощник президента» абураб жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан.

ГьанжелъезегIан гьеб хъулухъалда вукIарав Къурбановги цIияв министр Мажидовги кIиялго ккола дарги миллаталъул чагIи, кIиялго руго гIелмуялъул кандидатал, кIиялго цIалулеб мехалдасаго нахъе жамгIияб хIалтIуда рукIарал чагIиги руго.

Къурбановас гьеб цебехун рехсараб министерлъиялъе 2014 соналъул хаслихъеялдаса нахъе нухмалъи гьабулеб букIана. Гьелде щвезегIан республикаялда гIолилазул ишазул комитет бугеб мехалда гьелъул бетIерлъунги хIалтIана гьев, гьеб комитет лъайкьеялъул министерлъиялъул бутIалъун гьабураб мехалда гьелъул бетIерлъунги вукIана.

Къурбанов Заурие къимат кьолелъул гьесда цадахъ хIалтIулез абула гьев цIакъ кIалъазе лъалев чи вугилан, гIуцIарухъан хIисабалдаги батIаго квешав вукIинчIилан. Гьединлъидал гьев хIалтIудаса нахъе реххиялъе жидеда гIилла лъалеб гьечIилан.

Интернеталда гьев министрхисиялда тIасан рукIарал бахIсазда чанги чияс абулеб букIана гьев терроризмалъулъ гIахьаллъи гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун халкъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вугев Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетIерлъун вукIарав МуртазгIалиев Сайгидил чи вукIиналъ хIалтIудаса вахъулев вугилан.

Цойгидаз абулеб букIана Къурбанов Гъизляралдаса вукIин ва МуртазгIалиев гьеб шагьаралъул мэрлъун вугев мехалда гьениб гIолилазулгун хIалтIигьабулеб бутIаялъул бетIерлъун хIалтIилев вукIиналъ гьев МуртазгIалиевасул рахъккурав чи вугилан абизе бегьуларилан.

Гьединго ахираб заманалда чанги нухалда интернеталда дагъистанияз гьеб гIолилазул министерлъи къваригIунгIаги бугебищин республикаялъе, букIун гьелдасан щиб пайдайин бугебилан абурал суалалги рорхулел рукIана.

ГIадада пачалихъалъул гIарац пайда гьечIел форумазда хвезаби гурони хIалтIи гьечIин гьезулилан цоял рукIана, гIолилал куцаялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб бугин гьезилан цойгидалги чIун рукIана.

Къурбанов хисун ХIажиев тIамиялъе гIиллаги, хIажат бугищ Дагъистаналъе гьеб гIолилазул министерлъийилан абурал суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ республикаялъул жамгIияб палатаялъул вакил Хадулаев Шамилие. Гьадин бицана гьес:

Хадулаев Шамиль: «Гьеб министерлъи цIидасан гIуцIун хадуб гьез гIемер хIалтIи гьабизе байбихьана, кагътида гуреб хIакъикъияб хIалтIиха. Хасго лъикI хIалтIулеб буго гьезул гIолилазе рухIияб тарбия кьолеб бутIа. Ахираб заманалда цохIо гьеб бутIаялъул хIалтIиялъ цебе бачунеб бугин министерлъийилан абизе бегьула.

Гьел кIвахIтун республикаялъул щибаб мухъалдеги шагьаралдеги щола, бакIалъул гIолилалги жидерго хIалтIуде гъорлъе рачуна. Аслияб къагIидаялъ экстермизмалде данде хIалтIи гьабулел чагIи руго гьел. Гьединал пайда цIикIкIарал, кIвар бугел чанги проектал руго гьеб министерлъиялъул, гьединлъидал пайда гьечIин гьезул хIалтIулин абиялда дун разияв гьечIо.

ХIажиев Арсенги лъала дида, гьев лъикIав бажари бугев, ургъун гурони кIалъаларев вас вуго. Къурбанов Заурил рахъалдасанги щибниги квешаб рагIи абун бажаруларо дихъа, гьелъие цониги гIиллаги гьечIо. Дида цебего рагIун букIана гьеб министерлъиялъ гIолилазе батIи-батIиял грантазе биччараб гIарац цого чагIазе кьолеб бугила, форумаздеги цого гIадамал ритIулел ругилан абун Къурбановасдаса разигьечIолъи. Амма гьебищ Заур хIалтIудаса вахъиялъе гIиллалъун ккараб яги гьев МуртазгIалиев Сайгидил чи вугин абурал харбалищ ккаралали дида лъаларо.

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан гьев Къурбановасдаса разигьечIолъи цебего бихьун букIана. Къурбанов гIемер кIалъалев чи вуго, кIалъазеги лъала гьесда. ГIабдулатIиповас гьесда чанцIулго абун букIана жиндие дур хабар къваригIун гьечIин, хIалтIи бихьизабейилан».

«Черновик» газеталъул бетIерав редактор Агъаев Маирбег вуго гьеб гIолилазул министерлъи хIажат гьечIин Дагъистаналъейилан рикIкIунезда гьоркьов.

Агъаев Маирбег: «Социалиял сайтаздаги, гьадинго гIадамаз жидедаго гьоркьобги бицунеб букIана Къурбанов Заур МуртазгIалиев Сайгидил сверухълъиялдаса чи вукIиналъ хъулухъалдаса вахъанилан абун. Дун гьеб пикруялда разияв гьечIо.

Дида ккола жибго гьеб министерлъиялъул хIалтIуе гIоло гьезул ишазе гIоло нахъе реххун ватилин гьевилан. Цойги министерлъиялъул гIадал ресалги рукIинчIо гьезул. Киналго министерлъабазда гьоркьоб бищунго дагьаб бюджетги букIана гьезул. Жидеца кутакаб хIалтIи гьабулин абун хIисаб кьолел рукIуна гьел.

Гьезул хIалтIи буго форумалги флешмобалги тIоритIи. ТIокIаб жо гьез гьабуларо. Гьелдалъун лъугIуларелъул тIубараб министерлъиялъул хIалтIи, гьелдаса разигьечIого рукIун ратизе бегьула республикаялъу тIалъиги.

ЦIияв министрасги кутакал хиса-басиял гьарилин гьеб идараялъул хIалтIулъин кколаро дида. Гьединлъидал дир пикруялда рекъон гьелъул лъайкьеялъул министерлъиялъул бутIа гьабун тезе ккола».

XS
SM
MD
LG