МагъчIваялъе рес

Рекъелалъе нухал ралагьулел руго


Дагьал церегIан къояз полициялъулазулгун букIараб тунка-гIусиялъул хIасилалда рухарал «Я помощник президента» абураб жамгIияб гIуцIиялдаса гIолохъабаз низамцIунулезда тIасан прокуратураялде гIарза хъван буго.Гьез рикIкIунеб буго жидада щибго гIайиб гьечIониги руханин жал къуваталъул идарабазул вакилзабаз.

Гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураяле ва цIех-рехалъул идарабазде чанго гIарза кьун буго полициялъ рухарал «Я помощник президента» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабаз. Гьез тIалаб гьабулеб буго къанунги хвезабун, жидерго хъулухъалдаса пайдаги босун, щибго гIайиб гьечIел гIадамал рухиялъухъ полициялъулал тамихIалде цIайилан.

4 июлалда МахIачхъала бакьулъ бегьулареб бакIалда хъалиян цIалев вукIарав чиясухъ телефон нахъе босун, хадув гьев чи ккун полицилъулаз гьев инжит гьавулев вихьараб мехалда гьоркьоре лъугьанин жал, гьел полициялъулаз жидецаго бухIулеб букIанин къватIбакьулъ хъалиянин, амма гIадлу цIунизе кколел нужеца гьеб щайин хвезабулебин жидеца цIехей бегьичIого жидеда тIаделъанин низамцIунулелилан лъазабулеб буго президентасул кумекчагIаз. Жидеда щибго гIайибги букIинчIила гIадатияв чиясда нахъасан рахъин гуреб жидее щибго къваригIараб жоги букIинчIин хъвалеб буго гьез жидерго официалияб сайталда. Амма гIолилазул тIадкIалъай бегьичIого гьел рухизе, полициялде рачине лълъугьинин къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби, гьединлъидал гIадатиял гIадамазде данде гьабураб такъсиралъухъ гьез жаваб кьезе кколин рикIкIунеб буго «Я помощник президента» абураб багъа-бачариялда гъорлъ ругез.

Гьедин полициялъулгун букIараб рагъ-кьалалъул хIасилалда жамгIиял хIарактачагIазул чанго чи азарханаялде ккун вукIана, цоясул рукь бекун, цойгидасул хьабалухъгIучIал рекун гIураб зарал ккун буго гIолилазе. Цо бетIер бекарав вас тохтурзабаз азарханаялда вегизавунго чIезавун вуго.
Къуваталъул идарабазул вакилзабаз гIолилал рухиялъе гIайиб гьезда жидедаго бугин рикIкIунеб буго полициялда. Гьез абулеб буго щибго изну гьечIого полициялде жаниреги лъугьун гьенир ругел документалги росун, камераялъ гьениб лъугьунеб бугебщинаб бахъулел рукIанин президентасул кумекчагIийилан. Берцинго абураб жоги бичIчIичIила гьезда, полициялъулал инжит гьаризе, гьезде хъубал жал ахIизе, кIалал гьикъизе лъугьанилан лъазабулеб буго дагъистаналъул полициялъулаз.
Гьеб ишалъул халгьабизе, лъида гIайиб бугебали чIезабизе лъугьун руго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъаби. Гьеб идараяялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбегов Расулица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна гьеб ишалъул жеги мухIканлъи чIезабун гьечIилан.

Расул Темирбеков: «НизамцIунулез къуват хIалтIизабунила гьел гIолохъабазде дандейин абурал гIарзал руго нижехъе рачIун, гьезда рекъон нижеца цIех-рехги гьабулеб буго. Гьаб сагIаталда жаниб жеги мухIканго лъида гIайиб бугеб, щиб гьениб унго-унгоги ккарабали чIезабун гьечIо. Гьеб бакIалдаса аскIоса гIебеде рукIарал гIадамазулгун гара-чIвариял гьарулел руго нижеца, гьезул цояз абулеб буго гьел жамгIиял хIаракатчагIаз полициялъулал инжит гьарулел рукIанин, гьезул погонал тIунилан цойгидаз абулеб буго полициялъулаз щибго гIайиб гьечIел гIолохъаби руханилан. Гьеб киналъулго хIакъикъат чIезабиялда тIад хIалтIилел руго ниж, гьелъул хIасил анкьил ахиралда лъала».

Гьеб иш кибе щунин бугеб, нужеда гьанжеялдаса хадуб щибин гьабизе ракIалда бугебилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабизе хIал бихьана «Я помощник президента» идараялъул пресс-хъулухъалъулгун, амма гьезул кIиябго телефоналде ахIаниги гьенисан жаваб щвечIо. МухIканал гурел баяназда рекъон республикаялъул тIалъиялъ гьезда лъазабун буго гьеб ишалда сверун тIокIаб ахIи-хIур гьабугейилан, гьединлъидал журналистазе киналгIаги баяналги кьогейилан. ТIалъиялъе гьеб кIиябго рахъалда гьоркьоб рекъел гьабизе къваригIун бугилан.


Гьеб къваригIун букIиналъе нугIлъи гьабулин абизе бегьула гьеб тунка-гIусиялда хурхун Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница гьабураб кIалъаялъги. Полициялъулаз вухун азарханаялде ккарав МухIамадов СагIидихъе щвезе вачIун вукIана Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул Жанисел ишазул министер МухIамадов ГIабдурашид.

ГIабдулатIипов Рамазан: «Жакъа гьаниве министргун цадахъ вачIун вуго дун. Гьелъ бихьизабула нилъеда гьоркьоб щибниги дандеккунгутIи букIине кколарилан. Киналго цадахъ рекъон хIалтIизе ккола. ГIадлу цIунизе тарал полициялъулаз гьебги хвезабун гIадатиял гIадамал рухулел ругони гьел тамихIалде цIазе ккола, амма жалго гIадамаздаги лъазе ккола жал къануналда рекъон хьвада-чIвадизеги хIалтIизеги кколеллъи. Гьебги хвезабун кигIан лъикIаб хIалтIи гьабулеб бугониги гьелъул хIасил кколаро. Цере-цереги полициялъулаз гIадамал рухиялъул хIужжаби рукIана, гьеб мехалдаги ГIабдурашид МухIамадовас гIайибиял хъулухъалдаса нахъе реххун рукIана, гьаб нухалдаги нилъеца букIине кколеб хIалалъ цIех-рех гьабила гьеб ишалъул».

XS
SM
MD
LG