МагъчIваялъе рес

Полициялъ рухарал «президентасул кумекчагIи»


Daghestan -- Derbent police cap, undated
Daghestan -- Derbent police cap, undated

«Дун-президентасул кумекчи» абураб къокъаялдаса 20-гIан чи хамиз къоялда полициялде рачиналъ кIудияб ахIи-хIур багъарун букIана Дагъистаналъул блогосфераялда. Гьелъие гIиллалъун ккун буго жамгIиял бакIазда хъалиян цIазе гьукъараб Пачалихъияб Думаялъ дагьалъ цебе къабул гьабураб къануналда бан эксперимент тIобитIулаго полициялдаги гIолилаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккей. Гьезул чангояв азарханаялдеги ккун вуго. МухIканлъигун ХIажиева Зульфия.

Полициялъ рухун гьезул цоязул хьабалахъгIучIал, цогидал бетIер ва мугIрул рекун руго. Азарханаялде гьел хъамуна МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялдаса. Полициялдеги гьел рачун рукIана ЦУМ абулеб дармил комплексалда аскIоса. Гьедин полициялде вачана «Дагъистаналъул президентасул кумекчагIи» абураб къокъаялдаса 20-ниги чи.

ГIолилаз камераялде вахъулев вукIун вуго базаралда аскIовги эхетун хъалиян цIалев вукIарав полициялъулав. Гьебго заманалда цогидав полициялъулав вихьун вуго гьезда гьединго базаралда аскIов хъалиян цIалев вукIарав гIадатияв чи тамихIалде цIалев.

Пачалихъияб думаялъ къабул гьабураб къанун цIунулеб бугищали лъазабизе къваригIун букIун буго гьезие. Гьеб ккола жамгIиял бакIазда хъалиян цIазе гьукъулеб къанун.

Полициялъулгун жидер ккараб тунка-гIуси гьадин баян гьабулеб буго ЭР-ялъе СагIид МухIамадовас. Полициялъ маххул тIилаца бетIерги кьабун азарханаялда вуго гьев.

СагIид МухIамадов: «ЦУМалда аскIоб цо полициялъуласе бадибчIвай гьабун буго нижер цояс. Гъосие бокьун гьечIо гьеб, хасго живго камераялде вахъулев вукIин. Цинги полициялъул кIиго къокъа ахIун буго гьес гьенибе. Гьеб мехалда гьалмагъзабаз нижехъеги ахIана гьанире рачIайила, жал рухулел ругилан. Гьедин рачIана ниж тIаде. Гьеб мехалда гьезда гьоркьоб маслихIат гьабулев вукIана дун. Амма дихъ букIараб телефонги бахъун, вухизе байбихьана полициялъ дун. Цинги полициялде жанире рачана нижер анлъго-анкьго чи».

Рамазан моцIги бугелъул сабруялда рукIине кколин рагIи бицунев вукIарав жинда маххул тIилалъ ботIрода кьабун бачIанин полициялъуласин бицана СагIид МухIамадовас ЭР-лъе. БотIродаса биги чваххун жив лъавудаса унев вукIин бихьидал, полициялъул хIалтIухъан гIодовиччанила. Цинги ахIун медицинаялъул хехаб кумекгун, СагIид МухIамадов азарханаялде хъамун вуго.

ЭР: «Нужеца полициялда тIасан гIарза хъванищ?»

СагIид МухIамадов: «Дица жеги хъвачIоха, гъол лъималаз хъван бугин абуна».

3 июлалда «Дагъистаналъул президентасул кумекчагIи» абураб къокъаялдаса гIолохъабаздаги жидер хIалтIухъабаздаги гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялда бан гьабураб официалияб лъазаби гьечIо Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Амма унголъунги жидер хIалтIухъабазда гIайиб батани, гьел тамихIалде цIазе ругин абуна журналистазда жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабаз.

Гьеб хIужаялда бан интернеталдаги цогидаб бакIалдаги цо-цояз полициялде гьабулеб буго гIайиб. Цогидазин абуни гьеб Дагъистаналъул нухмалъулесул адаб хвараб хIужалъун рикIкIунеб буго, щайин абуни полициялъ рухарал гIолохъаби «Дагъистаналъул президентасул кумекчагIи» абураб къокъаялдаса кколелъул.

XS
SM
MD
LG