МагъчIваялъе рес

Кадразул политика: 18-абилев министр


ЦIи гIуцIараб министерлъиялъул нухмалъулевлъун тун вуго гьанжелъагIанги гьебго хъулухъалъул нухмалъиялда ввукIарав Нариман ГъазимухIамадов.

ЦерегIан соназдаги букIана Дагъистаналда гьеб рахъалъ жибго жиндаго чIараб министерлъи. Амма хадуб чанго нухалда цIар хисун букIана гьелда, батIи-батIиял хъулухъазде рикьунги рукIана гьелъул бутIаби. Гьедин гьал ахирал соназда гьеб идараялда цIар букIана ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ гIуцIараб Россиялъул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб БетIераб БутIайилан.

ЭР-ялъ бухьен гьабуна цIи гIуцIараб министерлъиялъул хIалтIухъабазулгунги гьезул пресс-хъулухъалъулгунги. Дагъистаналъул нухмалъулес цIияб министерлъи гIуцIизе кьураб буюрухъ гурони, жидеда тIокIаб щибниги лъаларин, кин хIалтIизе ругел, цере чIарал масъалаби кин ругелалиян мукIурлъана гьел, амма радиоялдасан гьелъул бицине разилъичIо. Кин букIаниги, жидер бугила рагъулабин абизе бегьулеб гIадаб идара. ПалхIасил, бичIчIулеб гьечIо кьучIдасанго жибго жиндаго чIараб министерлъийищ гIуцIун бугеб, яги доб гьанжелъагIан Дагъистаналда букIараб БетIераб БутIаялъул бакIалдайищ гьеб гIуцIарабали. Ялъуни доваги-анивги кIиябго бакIалда цого чийищ вукIине вугевали.

Амма ракI рагьараб гара-чIвариялда ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ гIуцIараб Россиялъул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб БетIераб БутIаялъул вакилзабаз бицана Москваялъе бокьун букIун гьечIила Дагъистаналда Гражданияб цIуна-къаялъулги, гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазулги рахъалъ министерлъи гIуцIизе, Дагъистаналъул нухмалъулес тIубазабун бугила гьеб суал. Амма Рамазан ГIабдулатIиповасул сверухълъиялдаса чияс абуна гьелдалъун гьесие къваригIараб жо бичIчIулеб гьечIила. ТIадежоялъе Дагъистаналда министрлъаби гIуцIи-гIуцIунгутIиялъул суалал гIицIго Москваялдасан гурони тIуралел жал гурила. Гьединлъидал цо-цо чагIазул пикру буго гьеб хъулухъ цо хасав чиясе гIоло ургъараб жо букIине бегьулин абурабги.

Масала, ЛъаратIа мухъалдаса ГIали МухIамадовас ЭР-ялъе гьадинаб пикру загьир гьабуна бицен гьабулеб суалалда тIасан.

ГIали МухIамадов: «ГIадамазеги республикаялъеги къваригIараб министерлъи батилин ккун букIана, амма расги мурадги гьечIеб, абизегIанасеб хIалтIиги гьечIеб идара бугин тана. Къадаралъе гIоло гурони, хIажалъи гьчеIо гьелъул, цогидал министерлъабазулго гIадин – культураялъул, спорталъул… Мурад гьечIел жал цIикIкIун гьарулел руго. ЦохIо Дагъистаналда щай гьединаб министерлъиялли лъаларо. Бегьилаан Шималияб Кавказалда гьоркьосеб министерлъи гIадин гIуцIизе. ГIемерисел министерлъаби руго гьанир гьедин гIуцIарал – кIуди-кIудиял штаталги, харжалги гьезул… Федералиял министрлъабазухъ балагьун нилъер гьанирги гьел гIуцIи битIараб жолъун бихьуларо дида. Москваялда бугеб лъабго-ункъо министерлъи данде кIутIун цо идара гьабизе бегьулаан гьаниб. Масала, информациялъулгун басмаялъул министерлъи бегьулаан культураялъул министерлъиялъул бутIаялде бачине. Балагьараб мехалда доре-анире кагътал ритIи буго гьезул аслияб хIалтIи».

ГьанжелъагIан Дагъистаналда вукIана 17 министр. Гьанже тIаде вачIана 18 абилевги. Гьелщинал министразда цадахъго руго гьединабго гIадаб даражаялъул, хIукуматалда цере гIуцIарал комитеталги – кинабниги анлъго комитеталъул нухмалъулев. Жегиги руго Россиялъул министрлъабазул Дагъистаналда ругел БетIерал бутIабазулги Инспекциязулги нухмалъулел.

Федералиял министразул хIалтIи какун букIана Рамазан ГIабдулатIиповас гьанжегIагар МахIачхъалаялда тIобитIараб политологиялъул форумалдаги. ЦIогьодизе гурони, хIалтIизе лъаларин гьездайин абулеб букIана гьес.

XS
SM
MD
LG