МагъчIваялъе рес

Интернаталда бихьаралъ тамашалъизавун вуго пачалихъияв хъулухъчи


Гьал къоязда Дагъистаналда кIудияб ахIи бахъун буго МахIачхъалаялда бугеб гIакълудал рахъалъ нахъеккарал лъималазул интернаталда гьезие рукIине кколел шартIал чIезарулел гьечIин абурал баянал тIиритIун рукIиналъ.

Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул бицун цере гьеб интернаталда рукIараз гIарз хъван буго Дагъистаналъул бетIерасул вакил ГIалиев ГIалибегихъе. Гьев журналисталги рачун дандчIвана гIарза хъваралгун ва гьеб интернаталдеги щвана. Гьениб бугеб ракIгъанцIизабулеб гIадаб ахIвал-хIал бихьидал, социалиял ва жанисел ишазул идарабазде ахIиги бан, 21 марталда интернаталда хасаб комиссия хIалтIизе лъугьун буго. Унголъун гьел лъималазе кинал шартIал гьенир чIезарун ругел ва гIарзалда хъванщинаб уяб бугищали халгьабизе буго гьез.

Жал рачIине ругинги абичIого интернаталда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьизе арал ГIалиев ГIалибегги журналисталги гьениб бихьаралъ риххизарун руго. Цониги берцинго тIад ретIел ретIараб лъимер букIун гьечIо гьениб, цохIониги расанкIу букIун гьечIо гьезухъ. Квачараб рокъоре жаниреги гъун гьенир чIарбида тIад ратун руго лъимал. ГIодоб тIансаби щайин тIамуларелин цIехараб мехалдаги лъималаз рокъоб жанибги хIажат тIубалин, щибаб нухалда гьел тIансаби чурун бажаруларин абун буго интернаталъул хIалтIухъабаз. ЦIакъ чорокаб хIалалда букIун буго богорукъги.

18 сон базегIан гьеб интернаталда вукIарав Чачаналъа Александр Буриченкоца журналистазулгун букIараб гара-чIвариялда гьадин бицана.

Александр Буриченко
Александр Буриченко

Александр Буриченко: «Лъимал чIарбида регизарун рукIуна, бусалъго тIубалила гьез хIажатиланги абун гьенир регизего гьаруларо гьел. Гьезда хадуб чороклъи бакIаризе бокьичIого тIеренаб жоги гъоркье реххун гIодорго тун рукIуна .

Гьенирго кванала, гьенирго кьижула, гьенирго лъурал ведрабазда жаниб хIажат тIубазеги тIамула. Радакь ункъго тIубараб мехалда рахъинарула тIаде лъимал, берцинго гIорцIизегIан кьижизе толаро гьел. ТолохIочун васалги ясалги цадахъ цIорораб рокъореги рачун цIорораб лъеца чвердезарула.

ГIицIго ругел гьел лъимал цIорораб кафелалда тIад регунги рукIуна чанги. Рухулаан ниж чанги гьенир, гIорцIизегIан кваназе квен кьоларо. Садакъаялъе гьенибе бачIанщинаб жоялда тIасаги бищун лъикIаб нахъеги босулаан интернаталъул хIалтIухъабаз жидеего. Интернаталда лъимал хвани гьел рукъизеги нижго ритIулаан.

Кидаго ниж хIалтIизе тIамулаан интернаталъул хIалтIухъабаз, хасго гьелъул нухмалъулелъ. Гьелъул рокъоса гIебеде хIалтIи гьабулел рукIунаан ниж. Кидаго хIалтIилел рукIун я хъвазе я цIализе лъаларо гIемерисезда. Нижеда гьеб кинабго бихьана, гьединлъидал гьанже гьенир ругел лъималаздаги гьебго къо чIезе бокьун гьечIо нижее».

Интернаталъул нухмалъи жидеде гIунтIизарулел ругел гIайибазе мукIурлъулел гьечIо. Гьез лъазабулеб буго гьел киналго лъимал гIакълудал рахъалъ тIубан нахъеккарал ругилан. Гьезда жидецаго гьабулеб жоги лъаларила. КигIан квананиги гIорцIиги лъаларила гьезда, хIажатханабазде унги гьезухъа бажаруларилан. Жидеца гьадинги цIакъ кIудияб хIалтIи гьабулеб бугила гьезие лъикIал шартIал чIезаризе.

Интернаталъул нухмалъулей ГIумаханова Зарипатил рагIабазда рекъон гьаб сагIат гьенив 101 лъимер рагIула. Гьезда гьоркьор тIубан щибниги бичIчIуларелги ругила, бусадаса рахъун бажаруларелги ругила, дагьабниги жо малъун бажарулезда жидеца хъвай-цIалиги малъулила, хIатта компьютералгицин лъун ругила гьезиейилан.

Гьединго ГIумахановалъ абуна Буриченкоги гьесда цадахъ ругелги гогьдаризарурал, яхIгьечIел лъимал ругилан. КIиабилеб сон бугила гьез мацIал гьарун, гIарзахун жидее рахIат толеб гьечIелдаса. Жидеца бажарарабщинаб лъикIлъиги гьабун интернаталдаса нахъе арал гьел гьанже жидеде дандечIчIун ругин абун ццин бахъун йиго гьей.

Гьеб комиссия интернаталда чанго къоялъ хIалтIизе бугила, гьел церехун рехсарал киналго хIужабазул халгьабизе бугила, гьеб иш лъугIизегIан ГIумахановалъул бакIалда цойги хIалтIухъан тун йигин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул хIалтIухъан МухIамадов Рашидица. Гьеб комиссиялъул гIахьалчи вуго гьевги.

МухIамадов Рашид: «Гьаб сагIат унеб бугеб комиссиялъул халгьабиялде тIаде прокуратураялъги, цIех-рехалъул идараялъги тIобитIизе буго жидерго халгьаби. Гьезул хIасилазухъ балагьун гьабизе буго интернаталъул нухмалъулелда хурхун хIукмуги. Гьеб интернаталда кинабго роц1ц1ун батулареблъи лъала, гьединго цойги гьабго гIадинал бакIаздагиха.

Амма бицунеб бугеб хIалалъ кутакаб квешаб, лъималаздехун вахIшияб бербалагьи бугеб бак1 гьаб бугин абизе жо дида жеги бихьичIо. Гьел лъимал бук1ине кколедухъ куцалел гьеч1илан г1айибал ч1валел руго х1алт1ухъабазда. Хасал педагогалги, гьезул кумекчагIиги гьадинал бакIазда хIалтIизе кколеллъи киназдаго лъала, амма гьеб хIалтIи тIаде босизе бокьарав чиго ватулев гьечIо. 11 азарго гъурущ харжги босун гьадинал бакIазда хIалтIизе лъиениги бокьулеб гьечIо».

Гьеб иш жиндир бербалагьиялда гъоркь бук1ине бугин лъазабуна Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутат Къурбанов Ризваницаги. Гьеб цебехун бицен гьабураб интернаталда лъималаздехун вахIшияб бербалагьи бугин абурал баяназул хал гьабейилан Россиялъул Генералияв прокурор Юрий Чайкахъе кагъатги бит1ун буго гьес.

XS
SM
MD
LG