МагъчIваялъе рес

Лъаялъул канлъи тIибатIизабулеб фонд цоязе ракIалъе гIолеб гьечIо


Бизнесмен ва фондалъул бетIер Абакар Абакаров (квагIиса 1-в) жинцаго кумек гьабурал студенталгун.
Бизнесмен ва фондалъул бетIер Абакар Абакаров (квагIиса 1-в) жинцаго кумек гьабурал студенталгун.

Бизнесчи Абакаров Абакарица гIуцIараб лъималазе лъайщвеялъе ресал кьолеб фондалъул кумекалдалъун 30 гIан дагъистаналдаса цIалдохъабазе рес щун буго Москваялъул бищунго лъикIал университетазда цIализе.Гьезул 12 ниги гIелмабазул кандидатги вахъун вуго, кIигояв докторасул диссертиция хъвалел руго.

Фондалъул аслияб мурад бугила бажари бугел, цIалуде рокьи бугел амма гьелъие ресал гьечIел лъимал тIатинаризе ва гьезие кумек гьабийилан абулеб буго бизнесчияс. Гьеб проекталъе бакIалъул нухмалъиялъ квалквалалги гьарулел руго.

Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго азаридасаги цIикIкIун жамгIиял идараби, гьезда гьоркьор руго гIемер рахIму-цIобалъул фондал, камулел гьечIо лъайкьеялъул фондалги. Амма унголъун хIалтIулеб лъайкьеялъул фонд ГIахьвахъ мухъалдаса бизнесчи Абакаров Абакарица гIуцIараб фонд гурони гьечIин абизе бегьула. 13 соналъ цебе рагьараб гьеб фондалъул кумекалдалъун Москваялъул бищунго лъикIазда гьоркьор рикIкIунел университетазде цIализе 30 чи ворчIун вуго, гьезда гьоркьор чанго гIелмабазул кандидатги вуго, доктораллъул рахъине хIадурлъулелги руго. «Эркенлъи» радиоялъулгун букIраб гара-чIвариялда Абакарица бицана кин гьеб фонд гIуцIизе гьесда ракIалде ккараб ва лъица гьелъул хIажалъабазе гIарац кьолебали.

Абакар Абакаров, бизнесмен ва фондалъул бетIер
Абакар Абакаров, бизнесмен ва фондалъул бетIер

Абакаров Абакар: «1998 соналъ Москваялъул пачалихъияб университеталде дунго цIализе лъугьун хадуб ракIалде ккана дида гьеб фонд гIуцIизе. Гьенире цIализе лъугьин гьедин кутакаб захIматаб иш букIун гьечIо. Нахъисеб соналъ лъикI цIалулел дирго гьудулзаби рачана дица Москваялде, гьелги цIализе рорчIана гьанир университетазде. Дир аслияб мурад букIана дагъистаниязда Москваялда цIализе рорчIи гьеб тIубалареб анищ гуреблъи бичIчIизабизе. Гьеб фонд гIуцIун хадуб нижеца байбихьана цIализе лъикIал, амма гьелъие рес гьечIел лъимал тIатинаризе ва гьезие кумек гьабизе. Цойги нижер мурад букIана ва буго нилъер лъималазул Москваялда цIализе лъугьине гъира бижизаби. Нижеца щибаб санайил мугIрузул мухъаздаса лъималги ахIун гьезда гьоркьор батIи-батIиял гIелмабазда тIасан олимпиадаби тIоритIизе байбихьана. Гьезулъ лъикIал хIасилал рихьизарурал бакIалдаго хасаб цIалул программаялда рекъон хIадурула. Гьезие университетаздаса тIахьалги, цIалул программабиги кинабго нижеца чIезабула. Гьел киналго харжалги дицаго гьарула, жеги киданиги гьеб фондалъе гIарац лъихъаниги босичIо дица. Гьедин фонд гIуцIаралдаса нахъе Москваялда бищунго лъикIазда гьоркьор рикIкIунел цIалул идарабазде 30гIан чи лъугьинавуна нижеца. Гьезда гьоркьоса 12 гIелмабазул кандидатлъун вахъана, кIигоял Москваялъул университетаздаго хIалтIилел руго ва гIелмабазул доктораллъун рахъине хIадурлъулел руго».

Гьединго Абакарица бицана жидер фондалъ квербакъулел лъималазе гурониги цойгидал цIалдохъабазеги тIадеги лъай щвезелъун жидеца щибаба санайил Москваялъул университеталъул хIалтIухъаби рачунила Дагъистаналда гьел лъималазе лекциял цIализе, гьелгун хIалтIизейилан. Исанаги гъоркьисаги рачIун рукIун руго географал, экологал ва геологал. Дагъистаналда экологиялъул проблема цIакъго кIварцIикIкIараб бугелъул жидеца гьеб рахъалда тIад хIалтIизе специалистал хIадуриялъе хIаракат бахъулеб бугин бицана гьес, амма цохIо гьелде руссинаризе ругин гьел лъималин аби кколарила гьебиланги тIаде жубана Абакарица. Гьев бизнесчи живго цIалараб Москваялъул университеталъул экономикияб факультеталъулгун къотIи-къай гьабун буго фондалъ, гьезул цIалдохъаби гьеб факультеталде цIализе лъугьине хIадуризе. Исана Россиялъул школлъималазда гьоркьоб географиялъул олимпиадаялда Дагъистаналъул олимпиадабиги гьоркьор тун гIахьаллъизе рес кьун букIун буго гьеб фондалъ кумек гьабулел цIалдохъабазе. Гьениб лъабаазаргоялдасаги цIикIкIун чиясда гьоркьоб 20 абилеб бакI ккун буго ЦIумада мухъалъул Лъондода росдал школалъул цIалдохъанас, гьесдаса дагьалъ нахъеккун вуго КIаратIа школалъул цIалдохъан.

Абакарица гьединго бицана жидер цIакъ щулияб хурхен бугила Россиялдаса ва къватIисел улкабазда хIалтIилел рукIарал мугIалимзабиги ахIун, хасаб цIалул программаялда лъимал цIалдезарулеб бугеб Лъондода школалъулгун. Гьеб росулъ лъимал дагьлъиялъ школа къазехъин букIун, гьебги къани росу чIунтиялъул хIинкъи бугелъул, шагьаразда ругел лъандадерица жидерго лъимал ритIун руго росулъе цIализе. Гьел цIализарулел руго хасаб программаялда рекъон. Дагъистаналда цойги кибниги гьечIеб гьедигIан цIакъаб гьеб проект гIуцIаразеги жидер фондалъеги бакIалъул нухмалъиялъ квалквал гуреб кумек гьабуларин абун ццин бахъун вуго Абакаров.

Абакаров Абакар: «Гьеб лъандадерил школалъул хIакъалъул россиялъул федералиял каналаз передачаби рихьизарун хадуб, нахъисеб къоялъго мухъалъул лъайкьеялъул идараялъул хIалтIухъаби щун руго гьенире хал-шал гьабизе. ГIемерисел гьел хIалтIухъабаз жидецаго лъабилалдагицин диктант хъвангутIиялда ракI чIола дир. ГIахьвахъ мухъалдаго гьелго квалквал гьаруна нижее. Гъоркьисала олимпиада гьабизе гьукъана гьез нижее, школалда гьелъие хIадурун букIанщинабги хвезабуна. Гьедин букIаниги гьеб тIобитIана нижеца. Амма бакIалъул нухмалъи цIакъ дандечIун буго нижер хIалтIуде, гьел жидерго хъулухъазтIа хIинкъунищ ругеяли лъаларо дида. Гьез нижер фондалъ гьабулеб хIалтIи бичIчIизе хIарактцин бахъуларо. Гьез кумекни гьабичIони кIваричIо, квалквалгIаги гьабуларебани».

БакIазда жидер фондалъе квалквалал гьаруниги республикаялъул лъайкьеялъул министр Шагьов ШагьгIабасица жидер рахъккунин бицана Абакарица. Гьеб министерлъиялдасанги гьеб кумек щвейги жидее гIураб иш бугин рази вуго гьев. Исана Абакаровасда ракIалда буго КIаратIа физикаялъул, астрономиялъул ва химиялъулгун-биологиялъул дарсал лъазаризе хасал лабораториял разе. Гьелъи хIажатаб ракьги жидецаго бичун босанила, минаги жидецаго балила, гьениб жаниб лъезе хасаб къайи-цIа босиялъе кумек гьабулел чагIи ралагьулел ругила жал гьабсагIатилан бицана гьес.

XS
SM
MD
LG