МагъчIваялъе рес

Меценатал хIукуматалъ кIодо гьаризехъин руго


Меценатазул цояв - «Нафта Москва» компаниялъул хважаин Дагъистаналдаса бищун машгьурал бизнесчагIи Сулейман Керимов.
Меценатазул цояв - «Нафта Москва» компаниялъул хважаин Дагъистаналдаса бищун машгьурал бизнесчагIи Сулейман Керимов.

Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ хIадурулеб буго республикаялдаса меценатал пачалихъалъ кIодо гьаризе рес кьолеб къануналъул проект.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:58 0:00
Интернет-мухъ

ГIарцудалъун кумек гьабурал меценатазе пачалихъалъул шапакъатал кьезе руго. Юристаз гьеб пикруялъул рахъкколеб буго. Амма кинаб бугеб цогидал гIадамазул пикру?

Гьединго Дагъистаналда меценатлъи гьабурал гIадамазе кьезе рагIула «Республикаялъул мустахIикъав меценат» абураб цIарги. Цо кинаб бугониги социалияб объект, мажгит ялъуни бокьараб бакI базе гIарац биччарав чиясул цIарги хъазе рагIула гьелъул къеда. Амма гьеб киналъего мустахIикълъизе ккани биччалеб гIарцул къадар щуго миллионалдаса дагьаб букIине бегьуларин абулеб буго къануналъул проекталда.

Юрист Сулейманов Сулейманица рахъкколеб буго гьеб проекталъул. Гьелдалъун рес бугин меценатаз кибе бугониги биччараб гIарац кисан босараб, кигIан къадаралда харж гьабураб, къокъ гьабун абуни, гьез биччалеб гIарцул тIубараб баян щвезе бугин гьеб къануналъул проект хIадур гьабуниян рикIкIунеб буго юристас.

Сулейман Сулейманов: «Исламалда рекъон гьеб жо ккола садакъаде гIарац кьей. Нилъер мацIалда меценатилан абураб рагIи гьечIо, буго садакъа гьаби, гIарац биччай абурал магIнаялъул каламал. Гьединаб къанун букIине ккола.

Садакъаде биччараб гIарац кисан биччараб, кигIан гьелъул харж гьабурабали хIисаб гьабулеб букIинчIелъул. Нилъеда лъаларелъул кисан гьеб гIарац бачIарабали, бикъарабищ, чиясухъа бахъарабищ, къватIиб хIукуматалдаса бачIарабищали лъида гьеб лъалеб букIараб?».

«Бузнаса нух» абураб магIарухъебахъулеб цIияб шагьранухалъул аслияв хIаракатчи МуртаззагIалиев ХIажимурадицаги рахъкколеб буго гьеб къануналъул проекталъул.

ХIажимурад МуртазагIалиев: «РахIму-цIобалъул кумек гьабулел, садакъаде гIарац биччалел чагIазе хIукуматалъул рахъалдаса кверчIвазе заман цебего щун букIана. КъватIиб хIукуматалда гьелъул рахъалъ гIемер бигьалъаби руго хIукуматалъул рахъалдаса.

Гьезие магъалабазул къадар дагь гьабула, цогидалги бигьалъаби руго. Нилъер гьаниб гьелъул рахъалъ захIмат буго, садакъаде биччараб гIарцуда гъорлъан кьезе кколеб магъало букIунеб рагIула. Гьеб магъало кьезе кколеб букIинчIебани жеги гIемер гIарац биччазе букIун батилин меценатазилан ккола дида.

Гьел магъалабазда жаниб хис-баси гьабилин дида кколаро, гьеб федералияб даражаялда тIубазе кколеб суал бугелъул. Амма республикаялъул даражаялда гьаризе кIолел бигьалъаби гIумруялде рахъани цIакъ лъикI букIинаан.

БатIаго цIар-рецц хIажатал гIадамал гьелги гуро, амма цо гъурущ лъикIаб нухде гьез харж гьабунани, цо гъурущ магъалоде кьезе гьезие цIакъго захIмалъизехъин буго».

Амма кибе бугониги гIарцудалъун кумек гьабизе бокьарав чияс гьеб гьабулин Аллагьасе гIололъун, гьединлъидал пачалихъалъул рахъалдаса шапакъатал кьун, гьезие цIар-рецц гьаби учузаб жоялда релълъинехъин бугилан абулелги ккана нижер программаялъе комментарий кьуразда гъорлъ.

Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас цебеккун чанго нухалда абун букIана республикаялда лъай кьеялъул ва маданияталъул объектал разе батIи-батIиял бизнесчагIиги, меценаталги гIагар гьаризе кколин Дагъистаналдеян.

Мисалалъе гьес рехсолел рукIана «Нафта Москва» ва «Сумма» абурал компаниязул хважаинзаби, Дагъистаналдаса бищун машгьурал бизнесчагIи Сулейман Керимов ва Зиявудин МухIамадов. Республикаялде гIарац биччазе гьезулги, цогидалги бечедалщинал чагIазул ракIгьесизабиялъул мурадги букIине бегьулин гьеб къануналъул проект хIадур гьаби, пачалихъалъул шапакъатги, «МустIахIикъав меценат» абураб цIарги кьолеб бугелъулин абураб пикруги загьир гьабулеб буго гIадамаз.

Сулейман Керимовас ва Зиявудин МухIамадовас исламалъул нухда цебеги меценатлъи гьабун букIана Дагъистаналда. Мисалалъе, Сулейман Керимовас гIарацги биччан бана лъабго соналъ цебе Каспийскалда Аслияб мажгит.

Гьединго гьес гIарацги биччан чанго соналъ чIорого ритIулел рукIана Дагъистаналдаса цо-цо чагIи хIежалде. Гьединго араб соналда «Сумма» компаниялъул хважаин Зиявудин МухIамадовас кумек гьабун бана МахIачхъалаялда Хуршиловасул къотIноб бугеб, Инхоса ГIабдулхIамид-афандиясул цIар кьураб мажгит. Гьесго рагIи кьун буго МахIачхъалаялда балеб бугеб, республикаялъул аслияб мажгит базеги гIарац биччазе.

XS
SM
MD
LG