МагъчIваялъе рес

80 абилел соназул лъимал - "билараб гIел"


Дида дандвитIун гIодов чIун вуго гIумруялъул завалалда вугев гIолохъанчи. ЛъикIаб базовияб лъайги  щварав, тIокIлъиялда лицейги  университеталъул экономикияб факультетги лъугIарав, кивниги хIалтIизеги хIалтIуларев.

-ХIалтIи гьечIо, дир щуабилеб сон буго саламатаб, дунго хьихьизе кIолеб хIалтIи балагьулаго, гьечIо гьеб. Дагьабниги саламатаб, гIураб харж ва хъизан хьихьизе жо щолел хъулухъал ккун руго дидаса чIахIиязги, дидаса гIисиназги. Ниж, 80 абилел соназул гIел хутIана гьаваялда далухъе. Нижеда кIолеб гьечIо нижерго бакI батизе. Ниж руго гьел "билараб гIел" , гIурусалъ абуни "потерянное поколение".

- Щай нужедаса чIахIиязе ва гIисиназе гьеб бигьалъараб, сундулъ бугеб балъголъи? - ян гаргадизавулев вукIана дица гьев гьоркьохъеб ригьалъул лъикIаб лъайги щварав, щуго соналъ хIалтIиги батизе кIоларев гIолохъанчи.

- Щай гурелъул, 70 абилел соназда гьарурал гIолохъаби СССР биххилелде рорчIана кIудиял гIун. Доб пачалихъалъ чиясе жанисеб аслу, кьучI, тарбия, идеология, цебе мурад ва масъала лъей куцалаан. Гьеб бугев чи гIадада хутIуларо, хутIичIеллъи нилъеда бихьулебги буго жакъа. 70 абилел соназул гIолилаз гIураб таваккал бугез бандитлъи гьабунниги жидеего бакI батана бакъалда гъоркь.

Гьезда бичIчIулеб букIана цIияб гIумурялъул тIалабал, гьеб заманалде кIудиял гIурал рукIун. 90 абилел соназда гьарурал чIахIалъана 20I0 абилезде, жакъасеб гIумруялде. Жакъаялде пачалихъги щулалъун щивав чиясда бакI бихьизабулеб буго системаялъ. Цоязе тахбакIал ирсалъе щун руго, хутIараз гьезул ракьан кквеялдалъун, гьезие хъулухъ гьабун бахъулеб буго тIараде нух. Ниж, 80 абилел соназул лъимал кIудиял гIуна бищунго пачалихъалда бада-гъудурги бугел, магIна гьечIел 90 абилел соназул ахиралде.

Ниж кIудиял гIураб мехалда лъабго ВУЗ тIокIлъиялда лъугIарав гIелмабазул доктор вукIана лъабго класс лъугIарав гIабдаласул приемалда эхетун гьес чед-хинкIалъе жо кьелародаян. Киве вусинев гьеб ахIвал-хIалалда жакъа школа лъугIарав гIолохъанчи? Нижеда гъорлъа дагьабниги таваккал бугел, жидее бакъалда гъоркь бакI танчидалъун балагьизе лъугьарал чIвана.

Щай гурелъул ниж кIудиял гIелалде кIудиял бандитал щулалъун рукIана. Пачалихъалъул идеологияги, мисалалги, унеб нухги биххун букIана. Лъалеб букIинчIо лъица щиб гьабулеб бугебали. Гьелъ нижер гIелалъул цоял къаникье ана, хутIарал жидерго бакI батуларого рагIдукь хутIана - ян абулеб буго МухIуца.

- Мун, Бичас виччани, I0 яги 20 соналъ цеве гьавун вукIаравани дудаса ХIажи МахIачев вахъилаан, гьедин гурищ дуе абизе бокьун бугеб?

- Гуро, дир вижиго МахIачевасул букIинчIо, дун цIалдолев чи вукIана. Гимназия, университет, тIахьал, библиотекаби. Дун цIалун вахъарабго тIехь цIалулев чиясухъ ралагьизе лъугьана пакъирасухъ гIадин, гIабдаласухъ гIадин. Лъиениги хIажат батичIо дир лъай. Дун хутIана рагIдукь.

Нагагь бандитлъи гьабизе вахъаниги кватIун букIана. Дун я чIахIиял, 90 абилел соназда щулалъарал бандитаца чIвалаан, я пачалихъалъ чIвалан, яги рохьове кколаан. Ккезеги ккана, Дагъистаналда аслияб къагIидаялъ рохьоре арал ва жакъа ИГИЛалда ругел чагIи руго дир гIел, 80 абилел соназул лъимал. Я цересел гуро, я хадусел гуро, ратаниги гьел дагь руго.

- Дуца абулеб буго дур лъай бугин, щиб лъай дур бугеб, кинаб областалда?

- Кинабго жо лъала дида. Экономикаги, финансалги, церетIурал технологиялги, поэт дун тIоцебесеб номер вукIин лъалеб жо гьечIищха, гьелъул бицинего ккеларо.

- Дур гIелму батула хъазил лъедей гIадаб. Цо дагьав воржулев, дагьав лъедолев, дагьав векерулев. Я чу гIадин векеруларев, я цIум гIадин воржунарев, я ччугIа гIадин лъедоларев. Гьеле гьел "хъазал" нухмалъуда ккун гурищ киналго проблемаби ругел? ЛъикIав махщелчи жакъа киса кивего хIажат вугогури...

- ГьечIо, гьелъул гIаксалда жакъа киналго тахбакIал ккун руго гьеле гьел хъазаз. Я 90 абилел соназда власть бахъаразул лъималазгун гIагарлъиялъ, яги цIияб конъюктураялда рекъон кьурдулел хIелхIелчагIаца. ГIолилазул парламент, жамгIиял гIуцIаби абураб пиар, лъилалиго гIакълучи, кинавалиго кумекчи, кумекчиясул гIакълучи, чIорогоял, гьодорал гIадамал, хIажаталъур хIакимасул кверда гъоркь ратулел.

Гьеле гьеб халкъ буго тахбакI кквезе читIир гьабун чIун. Кколебги буго гьез. Ниж, 80 абилел соназул лъимал руго цоял рохьор, цоял хабзалалъ, лъабабилел рагIдукь, хIалтIи гьечIого. Церехун рорчIун руго цIакъго дагьал чагIи дида лъалел, гьелги спорталъул кумекалдалъун. Бищунго санагIат гьечIеб мехалда гьарурал чагIи ккола нижин абулеб буго МухIуца. Тамашаяб хIара буго, кинха асда тIад рекъеларев? Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG